Гугарухъабазулгун дандчIвай

Чемпионаталъул бахIарзазе — шапакъатал

Машгьурал ракьцоязул бергьенлъабазул гIадатал такрар гьаруна

Республикаялъул бетIер Владимир Васильев дандчIвана Будапешталда букIараб дунялалъул чемпионаталда бергьенлъиялда церерахъарал гугарухъабигун.
Къецазда бергьараздаги призераздаги баркулаго, республикаялъул нухмалъулес абуна гьел кколин Дагъистаналъул гугариялъул школа хадубккунги машгьур гьабулел спортсменалин. Регионалъул бетIерасул рагIабазда рекъон, эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталъул медалистал жакъа ккола Россиялъул гурелги, тIолабго дунялалъул гIолилазеги мисаллъун. Васильевас гьединго абуна живго хIалтIулеб бакIалда щивав чи ругьунлъизе кколин, гугарухъабаздаса мисалги босун, бокьарал масъалаби тIуразаризе.
Хадуб букIана Дагъистаналъу­л гугарухъабазе ва гьезул тренеразе пачалихъиял шапакъатал кьеялъул рахъалъ рохалилаб тадбирги. Дунялалъул чемпионал Заур Угуевасе, МухIамадрасул Гъа­зимухIамадовасе ва ГIабдул­рашид Садулаевасе кьуна «Да­гъис­тан Республикаялда цебе гьа­бураб хъулухъалъе гIоло» орде­нал. Дунялалъул чемпионаталъул гIарцулав призер ХIажимурад Рашидовасеги, мазгарул призерал АхIмад Чакаевасеги, АхIмад ХIажимухIамадовасеги, гьединго спортсменазул тренеразеги кьуна «ДРялда физкультураялъул ва спорталъул бутIаялда гьабураб ишалъе гIоло» медалал.
Цо-цо тренеразе кьуна ДРялъул ХIурматалъул грамотаби.
Шапакъатал кьун хадуб, Владимир Васильевасе баркала загьир гьабуна Дагъистаналъул Спортивияб гугариялъул федерациялъул президент, эркенаб гугариялъул рахъалъ ДРялъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидовас.
ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министрасул ишал тIуралев МухIамад МухIамадовас абуна дунялалъул чемпионаталда Дагъистаналъул гугарухъабаз босараб командаялъулаб хIасил кколин гIаммаб нилъер бергьенлъийилан.
ДандчIваялъул ахиралда кIа­лъа­зе вахъарав эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб командаялъул капитан, олимпиялъул чемпион, дунялалъул лъабцIул чемпион ГIабдулрашид Садулаевас абуна гугарухъабаз хIаракат бахъизе бугин жидеда церелъурал масъалаби тIуразаризе, хьулал ритIухъ гьаризе.

*** 

«ХIапизовасул мемориал»
Турнир тIобитIана микьабилеб нухалъ

МахIачхъалаялъул Шахматазул рокъоб тIобитIана шахматазул рахъалъ «Н. ХI. ХIапизовасул мемориал» абураб Россиялъул Кубокалъул Гран-при Рапид этап.
Турнир тIобитIана микьабилеб нухалъ ва Дагъистаналъул тахшагьаралда тIоцебесеб нухалъ. Цебе кидаго къецал тIоритIулаан Избербашалда. Байбихьуда мемориал тIобитIулаан республикаялъу­лаб даражаялда, ахираб чанго соналъин абуни гьеб тIобитIулеб буго ТIолгороссиялъулаб даражаялда.
Исанасеб турнир тIобитIана РФя­лъул ва ДРялъул мус­та­хIи­­­­къав учи­тель, хIурматалъул орденалъул кавалер НурбахIанд ХIапизов гьавуралдаса 80 сон тIубаялде дандеккезабун. Цо заманалда гьев вукIана Лаваша районалъул бетIерлъун. Северияб Кавказалда тIобитIула гьединаб тIадегIанаб даражаялъул гIицIго кIиго турнир. ХIапизовасул мемориалалда цадахъго гьеб турнир тIобитIула АхIмад-хIажи Къадиров ракIалдещвеялъе Грозныялдаги.
ТIолгороссиялъулаб турниралда гIахьаллъизе гIарза кьун букIана Россиялъул 12 регионалдаса 100-ялдасаги цIикIкIун чияс. Гьезда гьоркьоса 20-яв ккола титулал ругел шахматистал, щуго халкъазда гьоркьосел гроссмейстерал, щуго халкъазда гьоркьосел мастерал, 10 ФИДЕялъул мастерал. ХIаял тIоритIана Швейцариялъулаб къагIидаялда цо туралда. Къецал рагьулаго кIалъазе рахъана Дагъистаналъул Шахматазул федерациялъул президент, халкъазда гьоркьосев гроссмейстер Жакай Жакаев, ДРялъул Спорталъул министерствоя­лъул резервал хIадур гьариялъул ра­хъалъ физкультураялъул, спорта­лъул, культураялъул управлениялъул начальник Халитбег МахIачев, МахIачхъалаялъул спорталъул, туризмалъул ва гIолилазул ишазул рахъалъ комитеталъул председатель Марат Ибрагьимов, НурбахIанд ХIапизовасул вас, Дагъистана­лъул Шахматазул федерациялъул вице-президент ХIапиз ХIапизов. Жидерго кIалъаязда гьез бихьизабуна тIобитIулеб турниралъул кIвар, бицана республикаялда цере НурбахIанд ХIапизовасул рукIарал тIокIлъабазул, гьединго турниралъул гIахьалчагIазе гьарана бергьенлъаби.
11 тур лъугIун хадуб цIарчIвана щуго аслияб номинациялда бергьаразда ва призеразда. Турниралъул чемпионлъун вахъана халкъазда гьоркьосев мастер, Москваялдаса Михаил Демидов. КIиабилеб ва лъабабилеб бакIал жидедаго гьоркьор рикьана халкъазда гьоркьосев гроссмейстер, Челябинск областалдаса Павел Понкратовас ва ФИДЕялъул мастер, Северияб Осетиялдаса Тигран Назаретяница. Руччабазда гьоркьой бергьана халкъазда гьоркьосей гроссмейстер, Саратовалдаса Баира Кованова, ветераназда гьоркьов – спорталъул мастерлъиялде кандидат, Москва областалдаса Валерий Вулах. ФИДЕялъул мастерал Егор ва Анастасия Быковазул лъикIал хIасилал ккана 1997-абилеб ва жеги гьитIинаб гIумруялъул васазда ва ясазда гьоркьор. Дагъистаналъул шахматистазда гьоркьоб лъикIаб хIасил ккана микьго очкогун 10-абилеб бакI щварав халкъазда гьоркьосев мастер Руслан Мусаловасул.
ХIапизовазул хъизамалъул ра­хъалдасан бергьаразе ва призеразе, номинациязда рекъон, кьуна рекъонкколел даражабазул грамотаби, медалал ва гIарцулал призал, аслияб номинациялда бергьарав чемпионасе кьуна кубокги.