Иргадулаб турнир

 

 

ТIоцебесеб бакI ккуна ЦIияб Сугъралъ школалъул командаялъ

 

20 октябралда, Гъуниб районалъул ЦIияб Сугъралъ (8-абилеб хъутан), ХIажи ГIабашиловасул цIаралда бугеб гьоркьохъеб школа-интернаталда тIобитIана мунагьал чурад ракIалдещвеялъе школлъималазда гьоркьоб гIуцIараб иргадулаб (микьабилеб) спортивияб турнир. Гьениб гIахьаллъи гьабуна батIи-батIиял росабалъа школлъималазул командабаз, гIагарлъиялъгун росуцояз, Гъуниб районалъул администрациялъул вакилзабаз, гьалбадерица.
Турнир рагьулелъул кIалъазе рахъараз бицана ХIажил гIумруялъул ва хIалтIул, гьес нахъе тараб мисалияб лъалкIалъул, тIаде гIолеб гIелалъе гьадинал мисалазул ва тадбиразул бугеб кIваралъул. Хадур байбихьана къецал. Исана турниралде рачIана щуго (Бабаюрт, Бавтугъай, ГIарада-БакьайчIи, ЦIияб ГIурада ва ЦIияб Сугъралъ) школазул командаби. Спорталъул рукIана гьадинал тайпаби: волейбол, шахматал, чIорбутIалдаса речIчIи, букIдул ва ланг хIай, армрестлинг, тункIидаса ва танчидаса кьвагьдей, гамачI рехи. ГIезегIан хIалуцарал къецазул щибаб тайпаялъул хIасилазул хIисаб гьабидал, тIоцебесеб бакI ккуна ЦIияб Сугъралъ школалъул командаялъ, кIиабилеб бакI — ЦIияб ГIурада школалъ, лъабабилеб бакI щвана Бабаюрталдаса командаялъе. Бергьаразе кьуна грамотаби, медалал ва гIарцулал сайгъатал.