Чемпионасулгун гара-чIвари

«Рачел буго дихъ»

Дирго къуваталда щаклъи букIинчIо, амма рингалда бокьараб ккезе бегьула…

Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ UFCялъул иргадулаб турниралда Ирландиялдаса Конор Макгрегорги къезавун, рехсараб промоушеналъул чемпионасул рачелги босун, Россиялде тIадвуссарав ХIабиб НурмухIамадов ахIун вукIана улкаялъул телевидениялъул тIоцебесеб каналалъул передачаялда гIахьаллъизе.

Передача бачунев Дмитрий Борисовасул тIоцебесеб суал букIана къеркьеялдаса хадуб ХIабибил гIумруялъулъ ккарал хиса-басиязда хурхараб. «Конор Макгрегор вуго дунялалда бищун машгьурал спортсменазул цояв. Гьелда тIад кIалъазе бакI гьечIо. Рагъухъан, къеркьохъан хIисабалдасаги гьесул гьунар буго артистлъи гьабизе, лъала ролал хIазеги. Гьединал спортсменал рокьула бакътIерхьул улкабазул промоушеназеги. Амма щибаб жоялъул рукIине ккола гIорхъаби. Гьелин абуни Конорида цIунизе лъаларо. Конорилгун букIараб къеркьеялдаса хадув дун цIикIкIун гIадамазда лъан ватила. Амма рачел дихъ букIана, UFCялъул чемпионлъунги дун вукIана. Гьеб ра-хъалъ щибгIаги хисичIо», — ян абуна ХIабиб НурмухIамадовас.
— Бащдаб лъагIалица цебе мун рекIун вукIараб автобусалде Макгрегорицаги гьесул ишцоязги гьужум гьабиялъул хIакъалъулъги бицани бокьилаан?
— Гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъ руго гIемерал ричIчIуларел суалал. Дида жакъаги бичIчIулеб гьечIо UFCялъ ургъараб гьеб «концерталъул» мурад щиб букIарабали. Гьесдаги дидаги гьоркьоб букIине бугеб къеркьеялъул рейтинг борхизабизе бокьани, рукIана цогидалги ресал, нухал. Амма гьеб ургъунго гьабураб иш букIиналда щаклъи гьечIо. Щайгурелъул доб автобус бугеб бакI, гьелда жанив дун вукIин, дида цадахъ гьалмагъзаби гьечIолъи Макгрегорида кин лъазе букIараб? ХIакъаб жо, автобусалде аскIове кверги ккун гьев вачун вачIана UFCялъул хIалтIухъабаз. Конорил къапилаялъ кIиго чи чIвазе рес букIана гьеб къоялъ, цо-цоял инвалидаллъун рахъинеги бегьулаан. КIиго-лъабго гурев, кIикъого чиги вачун вачIун вукIиндалха гьев гьениве. Дир пикруялда, Макгрегорие ва цо-цо чагIазе къваригIун букIана дун хIинкъизавизе. Амма гьабунщинаб гIадада ккана.
— Къеркьей лъугIун хадув, клеткаялда тIасанги кIанцIун, Конорил тренеразулгун «рагъ» гьабизе лъугьиналдаса рекIекълъун вугищ?
— UFCялъ хIаракат бахъула щибаб къеркьеялъул шоу гьабизе, рехула спортсменазда гьоркьобе ракьа. Амма жубараб речIчIухъанлъиги, тIоцебесеб иргаялда, спорт кколелъул, бегьуларо зани бегизабизе, гьебин абуни ирландиялъулаз гебегизабулеб букIана. Макгрегорил тренерасул кIалалъ бицинчIебги абичIебги квешаб-лъикIаб хутIунго батиларо, хIатта диналда, эбел-инсуда хъинтIаралгицин рагIаби абуна. Гьединлъидалин дир гьесда ццимги бахъараб. КъваригIун букIана гьезда дагъистаниязул, тIоцебесеб бакIалда, шагьи-капек гуреб, яхI-намус букIунеблъи бичIчIизабизе. Спортивиял къануназда рекъон, дица гьабураб иш мекъаб батизеги бегьула, эменги семана диде, амма цIидасан добго лахIзат тIадбуссинабизе рес щвани, дица гьебго иш такрар гьабизе букIана.
— Гьеб лъугьа-бахъиналда бан ахIи-хIур бахъана, хIатта Америкаялда унеб буго судгицин. Рес буго дур командаялъул спортсменал UFCялъул мухъилъа нахъе ритIизе, мун гонораралдаса махIрум гьавизе…
— Дир командаялъул спортсменал жиндир мухъилъа нахъе гъуни, кколеб хIасилалъул хIакъалъулъ дица UFCялда мухIканго бичIчIизабуна, ай гьеб гIуцIиялъ тIоритIулел турниразда хадувккун дун гIахьаллъизе гьечIо. Гонораралъул хIакъалъулъги — гIарац щивав чиясе къваригIуна, амма зулму-хIал гьабун гьеб UFCялъухъа бахъизе ялъуни тIалаб гьабизе ракIалда гьечIо. Аслияб жо, рехсараб гIуцIиялъул рачел дихъ буго.
— ВатIаналде тIадвуссиндал, мун дандчIвана Россиялъул президент Владимир Путингунги. Гьелда бан щиб абилеб?
— Пачалихъалъул бетIерас дир бергьенлъиялъе ва залалда тIамураб 25 соналъул захIмат-гIакъубаялъе къимат кьей кIудияб иш ккола. Владимир Путиница киналдаго хадуб халккун букIун буго, ва баркала буго гьесие спорталдехун бугеб гьединаб бербалагьиялъухъ.
— Къеркьеялде хIадурлъулаго кинал захIмалъаби дандчIварал?
— ГIадамазда дун вихьула гIицIго рингалда, пресс-конференциязда ва ракIалдеккола бергьенлъаби бигьаго щолин. Октагоналда, рингалда къеркьолеб лахIзат байрам буго залалда ругьун гьавулеб, черхалдаса букIине кколелдаса тIокIал килограммал тIаса рехулеб заманалдаса. Чанго операция, макьу гьечIел сардал, килограммал тIаса рехулелъул, черхалъе кьолеб гIакъуба — гьеб буго дир спорталда бищунго захIматаб ва аслияб.
— Цидул тIинчIгун гугарулев гьитIинав ХIабиб НурмухIамадовасул видеоролик буго социалиял гьиназда лъун. Кин кIвараб дуда хIинкъичIого гьебгун гугаризе?
— Цидул тIинчIгун гугаризе дун тIамуна инсуца. Дица гьесда абулеб букIана гьелъ хIанчIизеги бегьулин. Дуцаги хIанчIехайинги абун, хабар къокъгьабуна гьес. Гьедин къеркьолаго, хIанчIелаго ана 25 сон. Дун хьвадулеб залалда рукIана къуватал спортсменал. ХIаракат бахъулаан гьездаса лъикIавлъун, тIокIавлъун вукIине. Гьеб гьедин гьечIони, къаси кьижун макьуги щолароан.
— Макгрегоргун къеркьолаго, кинаб лахIзаталда бичIчIараб мун гьесдаса къуватав вукIин?
— Дирго къуваталда ва бажариялда щаклъи киданиги букIинчIо, амма рингалда бокьараб ккезе бегьула, букIинесеб Аллагьасда гурого лъаларелъулха. Макгрегор психологияб къагIидаялда къезе хIадур вукIин дида бичIчIана къеркьеялда цебе ниж цоцазухъ ралагьизе ахIараб заманалда. Гьесда кIолеб букIинчIо дир бадивецин валагьизе. МацIалда ракьа гьечIо ва бицине, абизе, ахIизе бегьула бокьараб, амма бераз гьереси бицунаро.
— Турниралдаса хадуб гIемер рукIана социалиял гьиназда мун Дагъистаналдаса кколин, Россия ХIабибица рикIкIунарин абурал харбал…
— Гьел руго гьадингоял гIахьучIал, нужецаги гьеб суал кьечIониги бегьилаан. Дун гьавуна, гIуна Да-гъистаналда ва ккола Россиялъул паспорталъул бетIергьан. ТIокIабги щиб абилеб ва бицинеб? Халкъазда гьоркьосел турнираздаги кидаго цевевахъана Россиялъул байрахъалда гъоркь.
Дица дидаго цебелъураб масъала ккола росулъ ясли-ах, школа ва цогидалги лъай цебетIезабиялъул бакIал рай. Лъимал сунде бугониги руссинаризе ккола. Къоялъ тренировкабаздаги вукIун свакан рокъове вачIарав дун, инсуца тIамулаан тIехьалдаса анцIго тIамач тетрадалде босун хъвазе. 1998 соналда инсуца дир вацгIалзабиги дунги рачана росулъе. Гьенир рукIинчIо квен гьабизе, нижеда хадуб бакIаризе я яц, я эбел. Ниж гьенир армиялда гIадин рукIана. Гьедин, цо рокъор гIуна ниж 11 соналъ. Гьеб рокъоса вахъана 5 дунялалъул чемпион, UFCялъул чемпион ва Россиялъул мустахIикъав тренер – эмен. Дица кIудияб баркала кьола дир рахъ ккуразе. Рингалде вахъиндал, дие рухI кьуна миллионал гIадамал дир бергьенлъиялъухъ балагьун чIун рукIин лъаялъ. Ахиралдаги абизе бокьун буго, кидаго бицуна дир инсул, эбел кIочон тола, эбелин абуни дие цIикIкIун йокьула. Амма нужеца гьеб дир инсуда бицунге.
Темирхан ХIасанов