РечIчIухъанлъи

«Клеткаялъур тIамун цIумал чIоларо»

Анкьабилеб октябралда Лас-Вегасалда (США) букIана ХIабиб НурмухIамадовасда ва Ирландиялдаса Конор Макгрегорида гьоркьоб речIчIухъанлъиялъул къеркьей

ХIабибие, ай ММАялда тIатIалаго 26 нухалъ бергьарав дагъистаниясе, гьеб букIана тIадагьаб цIайиялда UFСялда чемпионасул цIар ва рачел цIунизе гьабулеб тIоцебесеб къеркьей. Гьеб промоушеналъул чемпионлъун ХIабиб вахъун вукIана исана 7 апрелалда Нью-Йоркалда, Эл Яквинтидасаги бергьун.

ХIабибиде божилъи букIана

Абизе бегьула спорталъул гьеб тайпа бокьулезе ва ХIабибил рахъкколел дагъистаниязе гьеб макьу гьечIеб сордо букIанилан. Конорил ХIабибилгун къеркьей байбихьизе 10-12 сагIат хутIараб мехалъго, МахIачхъалаялъул къватIал цIун рукIана, гьанже дунялалдаго машгьурлъараб, ХIабибие бокьулеб, рингалде вахъунаго гьес лъолеб гIадинаб тIагъур тIад лъурал гIолохъабаз. КъватIахъан хьвадулел машинабазда жанисанги рагIулеб букIана Сабина СагIидовалъ хъвараб «Дагъистан» абураб кечI. Гьеб кочIол бакъаналда гъоркь вахъуна НурмухIамадов щибаб нухалда рингалде. РакIалде кколеб букIана гьезда къасиго лъалеб бугин радал букIине бугеб гьеб къеркьей кин лъугIизе бугебали, ай гьезул кIудияб божилъи букIанин ХIабиб бергьине вукIиналда.
Къаси 12-ялдаса хадуб МахIачхъа­лая­лъул кинотеатразда данделъа­на жубараб речIчIухъанлъи бо­кьу­лел дагъистаниял. Гьезул цо­ялда букIана ХIабибил эмен ГIаб­дулманап НурмухIамадовасул гIахьал­лъи­гун пресс-конференцияги. Гьелда битIахъего пресс-конферен­цияйи­ланцин абизе бегьилароан, щайгурелъул гьенир ГIабдулманапие суа­лал кьолел рукIана гIицIго журна­листаз гурелги, бокьарав болель­щикасги.
— Самолеталда рекIун вачIунаго васгун ва Макгрегоргун цадахъ ккун вукIаравани, дуца хъатица кIаркьен чIвазе букIанищ Конорил? -ин абун гьикъана цо болельщикас.
— Гьесие гIадлу гьабизе дица ХIабиб телаан, — ин жаваб кьуна ГIабдулманапица.
— Самолеталда жанив Макгрегорил эменги вукIаравани? — ян гIодоцунеб букIинчIо залалдаса гьаракь.
— Гьеб мехалъ дица абилаан: «Лъалхъе, ХIабиб, гьанже ирга диде бугоян», — жаваб кьуна НурмухIамадовас.
Суалал жеги гIемерал рукIана: ХIабибица цIайи дагь гьабиялда хурхаралги, гьесул къеркьеялъул планазул хIакъалъулъги. ГIабдулманапица киналго суалазе мухIканал жавабалги кьуна.
Дагъистаналъул речIчIухъанасул рахъалъ Конор Макгрегорица абурал хъубал рагIаби ва гьездалъун гьев хIакъир гьави ХIабибил фанатаз рикIкIана жидедаго абурал гIадин ва, ракIалде кколаан, рес букIарабани, Коноргун рагъизе октагоналде гьел жалго рахъине рукIанилан.
Конорил мукIурлъи

КIудияб ахIи-хIур, гьищтIи-хъуй букIана Т-Mobile аренаялда ХIабиб НурмухIамадов октагоналде унеб мехалда. Дагъистаниясулалдаса ирландиялъуласул рахъкколел залалда цIикIкIун рукIин бихьулеб букIана. Амма гьел хехго гIенеккун чIезе хIажаталлъун ккана ХIабибица кьабураб заралъ Конор теркIезавураб ва хадубго накуялъ вухизе лъугьараб мехалда. Кибеялиго тIагIана Конорил хIамабагьадурлъиги, рихьдаего гьес гьабулеб букIараб хIайги. Гьев ХIабибихъ валагьана виххун, гьабизе жо лъаларого. Ирландиялъуласда бичIчIулеб букIинчIо щиб лъугьунеб бугебали.
Конорихъа дандечIей гьабунго бажарулеб букIинчIо ва реферияс гьесда чанго нухалда лъазабуна, дандечIей гьабизе хIаракат бахъичIони, дандчIвай гьоркьоб къотIизабизе бугин. Щибаб раундалъул ахиралдаги ХIабибие гонгалъ квалквал гьабулеб букIана гъоркь тIамурав вухизе. Цо лахIзат букIана, къуватал зараз Конорги вухулаго, ХIабибица гьесда: «Гьанже рачIа кIалъа-балъазе», — ян тIалаб цебе лъурабги.
Конорида тIад кинабго ра­хъалъ ХIабибил тIокIлъи букIиналда щаклъи букIинчIо. ГIицIго суал букIана кинаб раундалда бергьенлъи щвезе бугебин абураб. Заман халатбахъинабизе НурмухIамадов лъугьинчIо ва къеркьей лъугIизабуна ункъабилеб раундалда – гIодов ккезавурав дандиясул мугъзада нахъе ана ва гIункIрукьалъ гьесул нилъалзулхIама щулаго данде къана. Конор хехго багIарлъун лъугьана, ва гьес квер гIодоб кьабуна. Гьеле ХIабибил 27-абилеб бергьенлъи.

Бергьенлъиялдаса хадуб
гъалмагъир

Гьениб ккана лъугьине кколеб букIинчIеб иш. Бергьенлъиялъул рохел загьир гьабизе кколеб мехалъ, гIодов ккарав Конорил цIаралда ХIабибица цо щибалиго абуна ва октагоналъул бокIнилъ вукIарав цо ирландиялъуласда цо щибалиго речIчIана. ХIабибил ццин бахъинабун буго Конор Макгрегорил спарринг-партнер Диллон Дэнисица.
«Диллон ХIабибиде ахIдолев, хIакъирал рагIаби абулев вукIана. Гьесие питна гьабизе къваригIун букIана. ХIабибица гьеб кинабго хIехьечIо ва Диллониде гьужум гьабизе лъугьана, — ян бицана дандчIвай лъугIидал UFCялъул комментатор Джо Роганица. — Дун дирго беразда бихьулелда божизе кIоларого вукIана. Байбихьуда дида ракIалде ккун букIана, клеткаялде тIадеги кIанцIун, ХIабиб досде семилин».
Гьелдаса хадуб ХIабибил гьудулзабазул цояв Коноргун вагъизе лъугьана, ва, полициялъулалги гьоркьоре лъугьун, гьел чIезаруна.
Гьеб гъалмагъир сабаблъун UFCялъул президент Дэйна Уайтица инкар гьабуна ХIабибида чемпионасул рачел базе.
«Дица ХIабибихъе рачел кьун букIарабани, киналго гьесухъе рекеризе рукIана, гьединлъидал дица абуна: рачIа ХIабиб гьаниса нахъе вачине хIалбихьизин», — ан лъазабуна Уайтица. Гьес абураб битIунги букIун буго, трибунабазда гъоркьа бугеб рокъове унаго, Конор къеялда ццим бахъарал гьесул фанатаз цебе ккараб жо речIчIизе байбихьана. да­гъистаниясда
ГIицIго гьелдаса хадуб судья­баз лъазабуна Макгрегорида­са Нур­мухIамадов бергьанин. Полициялъ ккун рукIарал Нур­му­хIа­мадовасул менеджер Ризван Му­хIамадовги Россиялъул командая­лъул жеги кIиго вакилги хехго къва­тIире риччана.
Пресс-конференция тIобитIулаго, турнир гIуцIаразда ва Невадаялъул атлетикияб комиссиялда ХIабибица абуна жиндир ццим бахъанин Макгрегорил ва гьесул командая­лъул рахъалдасан жинда хIакъирал рагIаби абиялъ ва гьарана тIасалъугьайилан.