Эркенаб гугари

Призалъулаб фонд – 180 азарго доллар В. Циолковский ракIалдещвеялъе

 

Эркенаб гугариялъул рахъалъ чанго турнир тIобитIана араб анкьалъ, ва гьелъул гIемерисезда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса спортсменазги. Бищунго цIикIкIараб интерес букIана В. Циалковский ракIалдещвеялъе сайгъат гьабураб Варшаваялда тIобитIараб XXVI халкъазда гьоркьосеб турниралъул.
Гьеб букIана Будапешталда тIобитIизе бугеб эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталде хIадурлъизе байбихьилелде цере тIоритIулел ахирисел турниразул цояб.
Гьел къецазул хIасилазда ре­къон цIарчIвазе кколаан дуня­лалъул чемпионаталда гIа­хьал­лъизе бугеб Россиялъул тIа­­са­бищараб командаялъул 61 ва 65 килограмм цIайиязул ка­те­гориязул гугару­хъабазда. Поль­­шаялде Циолковскиясул ме­­мо­риалалде ун рукIана гьел цIайия­зул категориязул 2018 сона­лъул чемпион МухIамадрасул Идрисовги, АхIмад Чакаевги, гье­динго улкаялъул чемпионатал­да гIахьаллъиялдаса эркен гьа­­рун рукIарал гугарухъаби ХIа­жи­мурад Рашидовги Иляс Бек­бу­латовги. Гьел гурелги коман­да­ялда гъорлъ рукIана хал­къазда гьор­кьосеб хIалбихьи щвея­лъе пайдаяб гьеб турниралда гIа­хьаллъарал Батирбег Цакуловги (92 кг) Анзор Хизриевги (125 кг).
61 кг цIайиялда Европая­лъул чемпион ХIажимурад Рашидовги ва МухIамадрасул Идрисовги можоро тIамун гугарана бащдаб финалалда. ХIалуцараб къеркьеялда бергьана дандчIваялъул тIоцебесеб периодалда кIиго балл босарав Рашидов, Идрисовасе щвана цо балл. Финалалда ХIажимурадица 5:0 хIисабгун ракIчIараб бергьенлъи босана ва чемпионлъун вахъана.
65 кг цIайиялда дунялалъул чемпионаталде путевкаялъе гIоло гугаризе кколаан миллияб командаялъул къуватал спортсменал Иляс Бекбулатовги АхIмад Чакаевги. Амма гугарилелде цебе цIайдал, Бекбулатовасул цIайи цIикIкIун батана, ва гьес хIукму гьабуна 70 кг категориялъул цIайиялда гугаризе. Амма щаялиго, ургуялде вахъинчIо.
Чакаевасин абуни ракIчIарал бергьенлъаби росана дандиязда тIад. Американав Деян Хейлидасаги полякав Кшиштоф Баянковскиясдасаги бергьана 10:0 хIисабгун ва румынав Георг Букуридаса 9:0 хIисабгун. Бащдаб финалалда американав Джордан Оливергун гугарулаго АхIмад къолев вукIана 7:8 хIисабгун, амма дандчIваялъул ахирисел секундазда дагъистанияс американав партералде ккезавуна ва бергьана 9:8 хIисабгун. Финалалда Чакаев гугаризе кколаан Гуржистаналдаса олимпиялъул чемпион Владимир Хинчегашвилигун, амма гуржияв щаялиго ургуялде вахъинчIо ва дагъис­танияв, гIицIго турниралъул чемпионлъун вахъин гуревги, 65 кг цIайиялда Россиялъул тIасабищараб командаялдаса дунялалъул чемпионаталда гIахьаллъизе ихтияр щварав аслияв гугарухъанлъун ккана.
Россиялъул гугарухъабазе Польшаялда щвана жеги лъабго бергьенлъи – Батирбег Цакулов бергьана 92 кг цIайиялда, Анзор Хизриев 125 кг цIайиялда. ЦСКАялъул вакиллъун кколев Хасавюрталдаса МухIамад Рамазанов бергьана 79 кг цIайиялда.