Эркенаб гугари

РечIчIухъанлъи

 

Бищунго багьа хирияб турнир
ХIабиб речIчIизе вуго Конор Макрегоргун

Лас-Вегасалда жиндирго тIоце­бесеб титул – чемпионасулаб рачел ХIабиб НурмухIамадовас цIунизе бугеб аслияб къеркьей букIине буго UFC 229 турниралда 7 октябралда.
UFC 229 турниралде белтазул багьа букIине буго промоушена­лъул тарихалда бищунго хирияб. Зала­лъул ахирисел бакIазда гIодор чIезе белтал ричизе руго 250-600 долларалде (16 азарго – 39 азарго гъуруш). Залалъул гьоркьохъел бакIазда – 600-1500 доллар (39 азарго – 98 азарго гъуруш). Октагоналда аскIор ругел, бищунго лъикI къеркьей бихьулел бакIазде белтал росулез кьезе ккола 1500-2500 доллар (98 азарго – 163 азарго гъуруш). Цо чиясе микьгоялдаса цIикIкIун белтал кьезе гьечIо.
UFCялда ахирисеб къеркьей НурмухIамадовасул букIана исана анкьабилеб апрелалда Эл Яквинтилгун. Гьесдасаги бергьун щвана дагъистаниясе чемпионасулаб рачел. Конор Макрегорил ахирисеб къеркьей рингалда букIана Эди Альваресилгун 2016 соналъул 12 ноябралда. Гьеб къеркьеялда Конорие чемпионасулаб рачел щвана UFCялъул тIадагьаб цIайиялда.

Азиялъулал хIаязул мазгарул призер

КIиго дандчIваялда бергьана Китаялъул ва Индиялъул гугарухъабаздаса

Индонезиялъул тахшагьар Жакатаялда рукIарал 18-абилел Азиялъулал хIаязда Дагъистаналдаса гугарухъанасе щвана мазгарул медаль.
97 килограмм цIайиялъул категориялда гугарулев МухIамад Ибра­гьи­­мовасул гьел хIаязда букIана ун­къо дандчIвай. ТIоцебеселда дагъистанияв 10:0 хIисабгун бергьана Китаялдаса гугарухъан Янг Чао Киангидаса, кIиабилеб дандчIваялда – 8:0 хIисабгун Индиялдаса Маусам Хат­ридаса.
Лъабабилеб дандчIваялда Ибра­гьи­мовасе битIккечIо, байби­хьуда кIиго баллги босун Ираналдаса ГIалиризе Каримгун гугарулев ву­кIарав дагъистаниясул мугъ Ираналъул гугарухъанас ургуялда цузабуна. Хадув МухIамад 6:0 хIи­сабгун бергьана Япониялдаса Такеш Ямагучидаса ва дагъистаниясе щвана мазгарул медаль.
Гьел ХIаязда МухIамад Ибрагьимов гугарулев вукIана Узбекистаналъул командаялъул вакил хIисабалда. Гьебго улкаялъе гIоло 2016 соналъул Олимпиялъул хIаяздаги Дагъистаналъул гугариялъул школалдаса Ибрагьимовасе щун букIана мазгарул медаль. Улкаялъул тIасарищарал батIи-батIиял командабазе гIоло Азиялъулал хIаязда гIахьаллъи гьабуна Дагъис­таналдаса жеги ункъо гугарухъанас, амма призеразул кьеразулъе гьел ккечIо.