Спортивияб фестиваль

Унго-унгояб байрамлъун лъугьана

«Хьулазул байбихьи» фестивалалда гIахьаллъана 1500 лъимерги гьезул эбел-эменги

Республикаялъул лъималазулгун гIолилазул спортивияб школалда Россиялъул къоялъул хIурматалда, Республикаялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул ва РДЮСШалъул нухмалъулезул хIаракатчилъиялдалъун тIобитIана «Хьулазул байбихьи» абураб спортивияб фестиваль. Гьеб спортивияб байрамалда гIахьаллъана 1500-ялдаса цIикIкIун лъимал ва гьезул эбел-эмен.

Спортивияб школалъул чанго майданалда цого заманалъ рукIана футболалъул, теннисболалъул ва бамперболалъул гьитIинал турнирал. Гьениб букIараб гьаваялъул шаралда рекIун гьаваялде вахине ва цIакъго борхалъудаса шагьар бихьизе рес букIана байрамалде сверараб гьеб фестивалалда гIахьаллъарав бокьарав чиясул. Фестиваль лъугIун хадуб букIана гьенир бергьаразе ва бищунго лъикIал спортсменазе шапакъа-тал кьеялъул тадбир. Чемпионазда гьоркьор рукIана гIицIго футболистал гурелги, боксералги, каратисталги, тхэквондисталги, шахматисталги. РДЮСШалъул кIудияв тренер МухIамадрасул Элдаровас лъималазулгун ва гIолилазулгун гьабулеб хIаракатаб спортивияб хIалтIухъ, гIолилазул спорт цебетIезабиялъулъ лъураб кIу-дияб бутIаялъухъ ва фестиваль гIуцIаралъухъ улбузул комитеталъул рахъалдасан баркалаялъул кагъат кьуна спортивияб школалъул директор Александр Маркаровасе.
Фестивалалъул ахиралда, бергьаразда ва призеразда баркана РДЮСШалъул директор А. Маркаровас: «ЛъикIаб иш ккана Россиялъул къо тIобитIулеб заманалда нилъ школалда ракIари ва гьадин берцинаб турнир гIуцIи. Баркала буго киналго гIахьалчагIазе ва бергьенлъаби баркула чемпионазда! Гьаниб тIоцебе рес букIана шаралдаги рекIун, цIакъго борхалъудаса тIоцебе нилъер спортивияб школа ва шагьар бихьизе. Гьеб роржен киназего цIакъ бокьана. Баркула нужеда Россиялъул къо ва гьединго гIидалъул байрам», — ан абуна Маркаровас.

Тренерас тIадегIанаб къимат кьуна
Турниралда гIахьаллъана
25 улкаялдаса спортсменал

Дунялалъул Кубокалъе гIоло дагьал цере тIоритIарал къецазда Дагъистаналдаса кикбоксеразе щвана анлъго медаль. Турниралда гIахьаллъи гьабуна 25 улкаялдаса азаргоялдаса цIикIкIун спортсменас. Дагъистана-лъул вакилзабазе щвана ункъо меседил ва кIиго гIарцул медалал.
Меседил медалазе ва кубоказе муста-хIикълъана АхIмад ГIалибегов, ТIагьир ГIумаханов, Мурад Мирзаев ва Руслан Ширавов. КIиабилел бакIал ва гIарцул медалал щвана Артем Минашевасе ва гIолилазда гьоркьоб – Ислам АхIмадовасе.
Гьел руго Гъ. Гъайирбеговасул цIаралда бугеб «Тигр» спортклубалде тренировкабазде хьвадулел спортсменал. Гьезул насихIатчи ккола Россиялъул Кикбоксингалъул федерация-лъул вице-президент, Россиялъул мустахIикъав тренер МухIамад МухIамадов. Гьес тIадегIанаб къимат кьуна кикбоксеразул церерахъиналъе.

Футбол

Кубок – «Анжи» Академиялъул командаялъе
Лъималазулгун гIолилазул футболалъул къецал

Санкт-Петербургалда тIобитIараб «Петербургалъул Кубок» («Petersburg Cup -2018») абураб лъималазулгун гIолилазул халкъазда гьоркьосеб футболалъул фестивалалда кубок щвана «Анжи» Академиялъул футболалъул командаялъе. Командаялъул бетIерав тренер Арслан Айдемировас бихьизабуна киналго матчазда дагъистаниял лъикI хIанилан.
«Фестиваль унеб заманалда футболистазул рес букIана, гIицIго стадионалда церерахъине гуребги, Санкт-Петербургалъул тарихиял бакIазде щвезеги, «Дагъистан» культуриябгун просветительнияб централъулгун лъай-хъвай гьабизеги, цогидал командабазулгун лъай-хъвай ва гьудуллъи гьабизеги», — ян бицана бетIерав тренерас.
Турниралъул хIасилазда рекъон, «Бищунго лъикIав» абурал хIурматиял цIаразе мустахIикълъана «Анжи» командаялъул вратарь СултIан ГIалимурадов ва командаялъул гьужумалъулав МухIамдер МахIамдеров.

Къокъго

Немцазул Филлинген-Швеннинген шагьаралда гIолилазда ва юниоразда гьоркьоб тIобитIараб боксалъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турниралда Дагъистаналъул спортивиял школазда ругьунлъарал спортсменазе щвана батIи-батIиял даражабазул анкьго медаль.
Меседил медалазе мустахIикълъана Арсен Шамшидов (38,5 кг), Сияд Гьашимов (48 кг) ва МухIамад Нуров (91 кг). Мазгарул медалал щвана Арсен Къурбановасе (52 кг), ГIабдул ШугIайбовасе (46 кг), АхIмад ГIабдулкъадировасе (69 кг) ва Рашид ИсмагIиловасе (91 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи).

Дагъистанияй – Европаялъул чемпионаталъул гIарцулай призер
Якушина ккола 2016 соналъул Олимпиялъул хIаязул гIахьалчIужуги

тIобитIараб Европаялъул чемпионаталда гIарцул медаль щвана
М.-С. ГIумахановасул цIаралда бугеб РСДЮСШОРалъул «къебе-лъухъ куцарай» Ярослава Якушиналъе.

Дагъистанияй рингалде яхъа-на 69 килограмм цIайиялда ва къуна гIицIго финазул боксер Элина Густафссонидаса. Мазгарул медалал щвана немцай Надин Апетцие ва Италиялдаса Ассунта Канфорае.
Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизе Ярослава Якушина тIасайищана марталда тIобитIараб Россиялъул чемпионаталда ккарал тIадегIанал хIасилазда рекъон. Ярослава ккола 2016 соналда тIоритIарал
Олимпиялъул хIаязул гIахьал-чIужуги ва ТIолгодунялалъул рагъулал искусствабазул хIаязул призерги.