10-ялъул 9 меседил медаль —

Россиялъул гугарухъабазе

1-2 июналда Каспийскалда ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялъуб юниоразда гьоркьоб тIобитIана Суракъат Асиятилов ракIалдещвеялъе грек-рим гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турнир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Россиялдаса, Азербайжаналдаса, Узбекис­таналдаса, Армениялдаса, БелаФрусалдаса, Казахстаналдаса гугарухъабаз. 10 цIайиязул категориязул 150 спортсмен ургуялда къеркьолев вукIана чемпионасул ва призеразул цIаразе гIоло.

Республикаялъул нухмалъуле­сул цIа­ралдасан турниралъул гIахьал­ча­гIазда, гьалбадерида ва болельщиказда турнир рагьи баркана ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министрасул ишал тIуралев МухIамад МухIамадовас.
«Нилъеца щибаб соналъ тIоритIула Суракъат Асиятилов ракIалдещвеялъе къецал, амма исана тIобитIулеб турнир ккола, официалияб къагIидаялъ хал­къазда гьоркьосеб даражаялда тIо­битIулеб тIоцебесеб. Дица ракI-ра­кIа­лъулаб салам кьола гьал къецазде ни­лъехъе рачIарал киназего, гьалъул гIа­хьалчагIазе гьарула спорталъулъ тIа­дегIанал хIасилал, сахлъи, рекъел ва ки­набго лъикIабщинаб!» — ан гьара-рахьи гьабуна спортивияб ведомствоялъул нухмалъулес.
МухIамад МухIамадовас гьединго рехсана республикаялда ва улкаялда цере Суракъатица гьарурал пайдаял ишал.
«Суракъат Асиятилов вукIана машгьурав чи, унго-унгояв магIарулав ва халкъалъе ритIухъав жиндирго ВатIана­лъул патриот. Гьев вукIана политикги, жамгIияв хIаракатчиги, гIалимчиги, гьединго машгьурав спортсменги. Ни­лъе­ца гьев рикIкIуна речIчIухъанлъиялъе тIоцебе кьучI лъурав чилъун. Спорталде Суракъатица байбихьана грек-рим гугариялдаса, хадув бергьенлъиялда цеве вахъана эркенаб гугариялъул ва самбоялъул къецазда. Суракъат дагъистаниязда гьоркьов тIоцеве мустахIикълъана эркенаб гугариялъул рахъалъ СССРа­лъул чемпион абураб цIаралъе, хадуб улкаялъул чемпионаталда гьеб цIар такрар гьабуна самбоялъул рахъалъги. Гьединал гIадамаздаса, унго-унгоял магIарулаздаса, жидерго ВатIаналъе ритIухъал васаздаса мисал босизе ккола гIун бачIунеб гIелалъ»,- ан абуна М. МухIамадовас. Турнир рагьулаго баркиялъулаб рагIигун кIалъай гьабуна ДРялъул Грек-рим гугариялъул федерациялъул президент, Халкъияб Собраниялъул депутат, турнир тIобитIизе байбихьарал соназдаса нахъе гьеб гIуцIаразул цересел кьеразулъ вукIарав Мурат Пайзулаевасги. Россиялда грек-рим гугари цебетIезабиялъе, гьединго Суракъатил турнир тIобитIиялъе гIоло гьабураб хIаракатчилъиялъухъ Пайзулаевасе кьуна Россиялъул Спортивияб гугария­лъул федерациялъул (ФСБР) рахъалдасан баркиялъулаб грамотаги. Пайзулаевасухъе хас гьабун гьеб кьуна ФСБРалъул исполкомалъул член Николай Проказовас. Турнир рагьулаго кIалъазе рахъа­на ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул тIоцевесев заместитель СайгидахIмад АхIмадов, Шамил райо­налъул бетIер МухIамад ХIасанов, гьединго гьеб турнир тIобитIиялъулъ гIахьаллъи гьабуралщиназе баркала загьир гьабурав Суракъатил вас Му­хIамад Асиятиловги.
Хадуб ургуялда букIараб хIалуцараб къеркьеялъул хIасилалда турниралъу­л чемпионаллъун рахъана ва меседил медалазе мустахIикълъана: Георгий Тибилов (55 кг, Алания), Акмал Туяков (60 кг, Казахстан), Адам Гуажаев (63 кг, Москва), Сергей Кутузов (67 кг, Ростов область), Мурад Мусаев (72 кг, Мордовия-Москва область), Егор Кадиров (77 кг, Москва), Артем Калиниченко (82 кг, Ростов область), СаидмухIамад Абубакаров (87 кг, Чечня), Азамат Сеидов (97 кг, Крым), Рамазан Шхашамишев (130 кг, Кабардино-Балкария).
Дагъистаналъул гугарухъабазда гьоркьоб турниралда бищунго лъикIаб хIасил ккана Милад ГIалирзаевасул – 77 килограмм цIайиялда гьесие щвана гIарцул медаль.
Суракъат Асиятилов ракIалдещвея­лъе тIобитIулеб турнир ккола, «Гугария­лъул цолъараб дунял» абураб Халкъазда гьоркьосеб федерациялъул (UWW) тадбиразде гъорлъе бачараб календарияб план, Россиялда цохIого цо бугеб юниоразул къецлъун. Машгьурав гугарухъанасул вас МухIамад Асиятиловасул рагIабазда рекъон, турниралъул гIуцIарухъабазул букIана гьеб тIобитIиялъул рахъалъ кIудияб жавабчилъи. Турнир тIадегIанаб даражаялдаги ана.