Ясал къанагIатаб боксалъул бика

 

   Араб анкьалда Хунзахъ районалъул ТIануси росулъ тIобитIана боксалъул рахъалъ Россиялъул анкьцIул чемпион, дунялалъул чемпионаталъул гIарцул ва мазгарул призер, Олимпиялъул хIаязул гIахьалчIужу СагIадат ТIалхIатовалъулгун дандчIвай.

ГьитIинаб ватIаналъул цIар машгьур гьабурай спортсменгун дандчIваялде рачIаразда гьоркьор рукIана районалъул бетIер НурмухIамад Зайдиев, администрациялъул хIалтIухъаби, росуцоял, районцоял. Гьединго СагIадатида бергьенлъаби баркизе рачIаразда гьоркьор рукIана Гъизилюрт районалъул бетIер Рустам Татарханов, республикаялъул Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялъул директорасул заместитель МухIамадрасул МухIамадрасулов, батIи-батIиял районаздаса ва шагьараздаса спортсменал, гьалбал.

  СагIадат росулъе ячIиналъе аслияб гIиллалъунги букIана волейболалъул рахъалъ Хунзахъ районалъул тIаса бищараб командаялъул членлъун вукIарав эмен, республикаялъул чемпион ХIажи ГIабдулаев ракIалде щвезави.

   ТIанусдерил «Факел» спортивияб комплекс кьабгIун цIун букIана гьудуллъиялъул байрамалде сверараб гьеб тадбиралде рачIарал гьалбадерица ва росуцояз.

Байрамалъулаб дандеруссиналъул байбихьуда кIудияб спорталъулъ росарал бергьенлъаби баркана Н. Зайдиевас, Р. Татархановас ва цогидазги.

ТIануси росу машгьурлъиялъе цIакъ кIудияб бутIа лъуна боксер СагIадат ТIалхIатовалъги. Бокс гIадаб спорталъул тайпаялда гьелъ росарал бергьенлъаби цIакъго тIадегIанал руго. Россиялъул ва Дагъистаналъул спорталъул тарихалда гьелъ рагьана жиндирго хасаб тарих. Биччанте гьеб дагьабги бечелъизе дагьалги чIахIиял бергьенлъабаз ва гьезул тIогьлъунги букIине Олимпиялъул хIаязул месед, — илан абулеб букIана гьез жидерго кIалъаязда.

   Байбихьана спорталъул байрамалъул аслияб бутIа – ХIажи ГIабдулаев ракIалде щвезавиялъулаб волейболалъул рахъалъ республикаялъулаб тIоцебесеб турнир.

— Жакъа дир рекIелъ буго рохелги пашманлъиги жубараб асар. Пашманлъун йиго, эменги ракIалде щун. Киналго бергьенлъабиги гьесие сайгъат гьарула дица. Доб кидаялиго, ясазе захIматаб гьеб спорталде дица тIоцересел галаби лъолаго, гьес дир рахъ ккуна, ясазе бокс хIажалъиларилан дандечIарал гIемер рукIаниги. Рохелги буго, инсуца диде гьабураб божилъи ритIухъ гьабизе бажарун.

Дир эменги кIодо гьарун гьанире рачIарал командабазе ва гьалбадерие нижер гIагарлъиялъул рахъалдасан баркалаги буго, — ян абуна СагIадатица, турнир рагьулаго.

Турниралда гIахьаллъана ТIануси, Унсоколо районалъул ЦIатанихъ, Шамил районалъул Гьолокь росабазул, Болъихъ районалъул ва республикаялъул волейболалъул рахъалъ ветераназул тIаса бищараб командаби.

Щуго гурони команда гьечIониги, хIаял цIакъ хIалуцарал рукIана. Радал анцIгоялда байбихьарал къецал къаси анцIгоялде щвезегIан халат рахъана.

ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Гьолокь росдал команда. КIиабилеб бакI щвана волейболалъул ветераназул командаялъе. Районалъул ва республикаялъул турниразда кидаго бергьун ругьунал тIанусдерица гьаб нухалда гIей гьабизе ккана лъабабилеб бакIалъе.

Амма сайгъат щвечIеб командаги гIахьалчиги хутIичIин абуниги, мекъи букIинаро. Гьелъие квербакъи гьабуна сахаватал гIадамаз. Масала, ТIануси росдал СПКялъул председатель Зиявудин МухIамадовас, МахIачхъалаялда гIумру гьабун ругел росуцоял ИманшапигI ва ГъазимухIамад МухIамадоваз, районалъул бетIер НурмухIамад Зайдиевас, Гъизилюрт районалъул бетIер Рустам Татархановас ва цогидазги. Гьайгьай, СагIадатил сахаватлъиги тIадегIанаб букIинарищха инсуе сайгъат гьабураб тадбиралда.

ХIукму ккана турнил санайил тIобитIизеги.

Гьединаб берцинаб байрам сайгъат гьабурай росуцоялдаса разиго хутIана гьалбалги тIанусги.

Нилъер СагIадатиланги абун, гIисинал лъималаз сверун ккурай гьей унго-унголъунги «бакълъун» йикIана гьеб къоялъ гIисиналчIахIиязе.

ТIанусиб кунчIулеб бакъул цо чIорги

Дур цIваялъ цIикана, цIаралъ гвангъана.

 Гьелъул чIухIиялъе, борхалъиялъе

 МустахIикълъарай духъ урхъун руго ниж…

 

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА