НурмухIамадовасул бакIалда Валиев

 

  19 марталда Лондоналда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турни­ралда Дагъистаналдаса речIчIухъан Тимур Валиев дандчIвазе вуго Уэльсалдаса спортсмен Жек Шор­гун. Гьевгун къеркьезе кколаан ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал ГIумар НурмухIамадов. Амма цо-цо гIиллабазда бан, UFC гIуцIиялъул нухмалъиялъ ГIумар турниралда цере рахъине ругел спортсмена­зул сияхIалдаса нахъе вачана. ХI. НурмухIамадовас социалиял гьиназ­дасан лъазабуна ГIумарил букIине кколеб букIараб къеркьеялда све­рухъ хIакъикъат жинда лъаларин.

 Тимур Валиев октагоналде вахъана 20 нухалъ. 18 къеркьеялда бергьана, кIигоялда къуна. Жек Шорин абуни къеркьана 16 нухалда ва киналго речIчIиязда бергьана.