ЦIиял масъалаби, цIиял мурадал

 

  ТIаса рищарал командаби турниразде хIадурлъулеб МахIачхъалаялда бугеб регионалияб централда унел руго эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул Иван Ярыги­нил турниралда цересел сборал. Ругьун гьариялъул тадбиразул цо­ялда гIахьаллъарав республикаялъул гугариялъул федерациялъул президент ХIайдар ХIайдаровас «Фитро» компаниялъул рахъалдасан речIчIухъабазе кьуна футболкаби ва спортивияб ретIел-хьит. Гьес бицана Дагъистаналъул тIаса бищараб команда тIубараб лъагIелалъ спортивияб ретIел-хьиталдалъун ХIабиб НурмухIамадовасул фирма­ялъ хьезабизе бугинги.

  «Фитро» компаниялда ракIалда буго Дагъистаналъул тIаса бища­раб командаялъе батIи-батIияб къагIидаялда кумек гьабизе. ТIоцебесеб галилъун букIана спортсменазе ретIел-хьит ва энергетикиял батонал рикьи. ГIагараб заманалда рукIине руго цогидалги акциял. Гьединго Москваялдаса предпринимателас рагIи кьуна эр­кенаб гугариялъул рахъалъ нилъер командаялъе хасал трикоял рукъизеги. ГьабсагIаталда хIалтIулел руго гьезул дизайналда тIад», — ан бицана ХI. ХIайдаровас.

  Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб ко­мандаялъул тренер ХIажи Раши­довасул рагIабазда рекъон, сбораз­да гIахьаллъулев вуго 50-ялдасаги цIикIкIун спортсмен.

  — Гугарухъабаз щибаб сон байби­хьула Иван Ярыгинил турниралда­сан. Гьелда рихьизарурал хIасилаз бицуна щив кинаб къагIидаялда хIадур вугевали. Ярыгинил турни­ралде, аслияб къагIидаялда, нижеца рачунел руго гIолохъанал, кIудияб хIалбихьи гьечIел спортсменал. Гьединго рукIине руго машгьурал гугарухъабиги. ТIаса бищараб ко­мандаялъул мухъилъ руго хиса-ба­сиял. Нижер кьеразулъе вачIана гIолохъанав тренер, халкъазда гьор­кьосев спорталъул мастер АхIмад МухIамадов. Гьес бачIинахъего лъикIаб хIаракатги бихьизабулеб буго. Гьединго тIаса бищараб ко­мандаялъул начальниклъун тана гьелде щвезегIан кIудияв тренерлъун вукIарав Арсен МухIамадов. Кидаго гIадин, 2022 соналъги цере лъурал масъалаби руго чIахIиял. ЦIияб къу­ватгун нижеца хIаракат бахъизе буго цIиял бергьенлъаби росизе, — ян абуна ХI. Рашидовас.

  Командаялъул тохтур Шамил МухIамадовас бицана щивав спортсмен сборазде ПЦР-тестал кьун гу­рого виччаларин.

— Коронавирусалда дандечIараб вакцина гьабиялъул QR-код ниже­ца тIалаб гьабуларо. Щайгурелъул, вакцина гьабуралги унтизе бегьу­лелъул. Спортсмен унтун гьечIолъи чIезабула гIицIго ПЦР-тесталъ. Гьеб тIалаб гьабула спортсмена­зухъа, — ян абуна Ш. МухIамадовас.

Дагьаб цебе Хасавюрталда букIараб халкъазда гьоркьосеб тур­ниралда Кайл Снайдергун къеркьа­рав гIолохъанав спортсмен ГIали ГIалиевасе гугариялъул цо-цо балъголъаби рагьулев, гьесда при­емал рихьизарулев ватана ниже­да кIицIул Олимпиялъул чемпион ГIабдурашид Садулаев.

 — РихьичIелдаса гIемер заман гьор­кьоб инчIониги, ниж, спортсменал, цоцазухъги залалда букIунеб ахIвал- хIалалъухъги чIалгIун рукIана. Сбо­рал унел руго лъикIаб даражаялда. Спортсменазе шартIалги чIезарун руго. Дунги, гьале, гIолохъанал спортсменалгун вуго. Киназдаго би­хьана ГIалидаги Снайдеридаги гьор­кьоб букIараб къеркьей. ХIалбихьи бугев американасда данде гьесул къуват гIечIо, техникияб рахъалъ тIад кIалъазе бакI гьечIо, — ян бица­на ГI. Садулаевас.