2021 соналъул бищунго лъикIал спортсменал ва тренерал

 

 

 

Ахиралде щвана 2021 сон. КIиябго соналъ коронавирусалъ, киналго рахъазего гIадин, квалквалал гьаруна спорталъеги. Амма, кин букIаниги, гъоркьисаялде дандеккун исана спортивияб гIумруялъулъ гIемерал лъугьа-бахъинал рукIана. Бищунго аслияллъун гьезда гьоркьор рукIана Олимпиялъул хIаял. Гьениб дагъистаниязе щвана анкьго медаль – лъабго меседил, кIи-кIи гIарцулгун мазгарул. Меседил медалазе мустахIикълъана ГIабдурашид Садулаев (гугари), Заур Угуев (гугари) ва Альберт Батыргъазиев (бокс). ГIарцул медалал щвана Муслим ХIажимухIамадовасегун (бокс) МухIамадхIабиб КъадимухIамадовасе (Белоруссия, гугари). Мазгарул медалазда гIей гьабуна Зенфира МухIамадгIалиевалъгун (бокс) ХIажимурад Рашидовас (гугари).

 

Спорталда бищунго къиматаблъун рикIкIуна Олимпиялъул хIаязда щвараб бергьенлъи. Гьеб тIогьибе спортсменаз сапар бухьуна ункъо-щуго сон баралдаса нахъе, нухда дандчIвала гIемер захIмалъабигун къварилъаби. Гьединлъидал «ХIакъикъат» газеталъ гIуцIараб «2021 соналъул бищунго лъикIал спортсменал» сияхIалда, тIад кIалъазе бакI гьечIого, тIоцебесеб бакI ккуна 97 кг цIайиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ исана кIиабилебги нухалъ Олимпиялъул хIаязул чемпионлъун вахъарав ЧIарада районалъул Гьилиса ГIабдурашид Садулаевас. Гьединго гьев ккола щуцIул дунялалъул ва ункъо нухалъ Европаялъул чемпионги.

 

Гьеб сияхIалда кIиабилеб бакIалда нижеца лъуна гьелго Токиоялъул Олимпиялъул хIаяздаса гIарцул медальгун тIад вуссарав ЛъаратIа районалъул Нитилсухъ росулъа Муслим ХIажимухIамадов (91 кг). Гьал къоязда тIоцебесеб нухалъ боксалъул рахъалъ профессионалазда гьоркьоб Москваялда букIараб турниралдаги гIахьаллъана гьев. Кубаялдаса спортсменасда тIад ракIчIараб бергьенлъи босана дагъистанияс.

 

«2021 соналъул бищунго лъикIав спортсмен» сияхIалда лъабабилеб бакIалда вуго кIигояв — Белоруссиялъул тIаса бищараб командаялда гъорлъ Олимпиялъул хIаязда гIарцул медалалъе мустахIикълъарав ЦIумада районалъул Хуштадаса МухIамадхIабиб КъадимухIамадов (74 кг) ва руччабазда гьоркьой Токиоялъул Олимпиялъул хIаязул маз

гарул призерлъун яхъарай ЛъаратIа районалъул Ибрагьимотар росулъа Зенфира МухIамадгIалиева (75 кг).

 

«ГIолохъанлъи ва гьунар» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал, ЦIумада районалъул Силди росулъа ГIумар НурмухIамадовас. Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ дунялалда бищунго къуватал спортсменал жиндир мухъилъ ругеб UFC гIуцIиялъул турниралда тIоцебесеб бергьенлъи щвана гьесие. Гьеб спортивияб тайпаялъул экспертаз рикIкIунеб буго ГIумар тIадагьаб цIайиялда промоушеналъул чемпионлъунги вахъине рес бугин.

Исана машгьурлъи щварал спортсменазда гъорлъ цебесеб кьерда вуго UFCялъул речIчIухъан, Шамил районалъул ТIелекьа МухIамад Анкалаев. Гьев, гьоркьохъеб дивизионалъул бищунго къуватал речIчIухъабазул кьеразулъ рукIарал Никита Крыловгун Волкан Оздемирги къезарун, дагь-дагьккун рачелалъе гIоло къеркьеялде гIагарлъулев вуго.

Эркенаб гугариялъул рахъалъ 97 кг цIайиялда цеве вахъунев Гъуниб районалъул КIуяда росулъа ГIали ГIалиевги ккана нижер сияхIалде. Гьал къоязда гьев Хасавюртал

да букIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Халкъазда гьоркьосеб турниралда дандчIвана Олимпиялъул чемпион Кайл Снайдергун. ХIалбихьи бугев спортсменасда лъикIаб дандечIей гьабуна ГIалица. ГIолохъанав ва гьанжего-гьанже чIахIиязда гъорлъ цеве вахъине байбихьарав ГIалихъа бажарана микьго балл босун. Амма къеркьеялда СШАялдаса спортсмен бергьана.

«ХIакъикъаталъ» гIуцIараб «Бищунго лъикIав тренер» номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул тренер, Хасавюрт районалъул ИчичIали росулъа ХIажи Рашидовас. Гьесул нухмалъиялда гъоркьлъидалха Олимпиялъул хIаяздеги цоги турнираздеги нилъер гугарухъаби хIадурлъун рукIарал.

 

КIиабилеб бакI гьеб номинациялда нижеца кьуна UFСялъул вукIарав чемпион ХIабиб НурмухIамадовасе. ТIуванго тренерлъиялъул хIалтIуда гъорлъе лъугьун гьечIониги, гьес цо-цо спортсменазе батIи-батIиял турниразде хIадурлъиялъул кумек гьабулеблъи лъала. Мисалалъе, Ислам МахIачев ахирисеб къеркьеялда цеве вахъине ХIабиб НурмухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь хIадурлъанин абуни мекъи ккеларо. Ислам ккола гьабсагIаталда ХIабиб цеве вахъунев вукIараб цIайиялда UFCялъул бищунго къуватал речIчIухъабазул цояв. Гьединго ХIабибица къеркьеязде хIадур гьарула Зубайра ТухIугов, ГIумар НурмухIамадов, Сайгид ИзагахIмаев, ХIажи Рабаданов ва цогидалги.

Руго жеги гIемерал нижер сияхIазда гъорлъе ккечIел, амма жал къуватал рукIиналда щаклъи гьечIел спортсменалги. БачIунеб соналъ гьезулги бергьенлъаби цIикIкIаги, спорталъул Олимпалде рахине Аллагьас къуватги сахлъиги кьеги.

Гъоркьехун кьолеб буго исана лъикIал хIасилал рихьизарурал цоги миллаталъул спортсменазул сияхIги.

Гьелда тIоцебесеб бакIалда вуго Токиоялъул Олимпиялъул чемпион Альберт Батыргъазиев. ТIадагьаб цIайиялда цеве вахъунев гьев гIахьаллъула профессионалияб боксалъул рахъалъ турнираздаги. Гьал къоязда Москваялда букIараб гьединаб турниралда Венесуэлаялдаса Франклин Мансанильеги къезавун, гьев вахъана IBF 1nternational рачелалъул хважаинлъун.

 

КIиабилеб бакI кьуна эркенаб гугариялъул рахъалъ Олимпиялъул чемпион Заур Угуевасе. Гьев цеве вахъуна 57 кг цIайиялда.

Рейтингалъул лъабабилеб бакIалда нижеца лъуна футболист ХIамид Агъаларов. Россиялъул Премьерлигаялда хIалеб «Уфа» командаялда гъорлъ 13 голги кьабун гьужумалъулазда гьоркьов тIоцебесеб бакIалда вуго гьев гьабсагIаталда. ХIамид жидерго мухъилъе хъвазе хIалбихьулеб буго Европаялъул чанго командаялъ.

 

Темирхан ХIАСАНОВ