Фехтованиялъул дунялалда Айзанатил цIва

 

 

Эстониялъул тахшагьар Таллиналда тIобитIана руччабазда гьоркьоб фехтованиялъул рахъалъ Дунялалъул кубок. Гьел къецазда Россия­ лъул тIаса бищараб командаялъ босана тIоцебесеб бакI. Гьезда гьоркьой йикIана Хунзахъа Айзанат Муртазаеваги. Исана гьелъ гIахьаллъи гьабун букIана Токиоялда тIоритIарал Олимпиялъул хIаяздаги.

 

Лъимерлъиялъул лъалкIал

 

Дир вац хьвадулаан фехтованиялъе ругьун гьарулеб секциялде. Дие дзюдоялде ине бокьун букIана. Амма рес ккечIо. Хадуб пикру ккана, вацго гIадин, фехтованиялъе ругьун гьайизе. Гьедин 7 сон барай дун ана залалде. Тренер Гараева Юлия Равильевнаялъ дун тIамуна цо чанго упражнение гьабизе. Гьелъ абуна мун тирияй, бажари бугей яс йихьулин абун. ТIоцебесеб 2-3 соналъ, гIиси-бикъинал упражнениял гьарун гурони, дица шпага кодобецин босичIо. Амма хадуб бачIинахъего бажарана гьебгун хIалтIизе. Байбихьуда бокьун букIана хвалчад яхъине. Гьеб дида жакъаги берцин бихьула, — ян бицана Айзанатица.

 Гьелъул тIоцересел галаби рукIана таваккалал, ракIчIарал. ТIоцебесеб нухалъ лъималазда гьоркьоб тIобитIулеб Россиялъул чемпионаталда Айзанатица босана меседил медаль. Гьеб бергьенлъиялъ куркьбал гъуна гьитIинай спортсменкаялда.

 

Анищалъ паркъолеб Олимп

 

 Олимпиялъул тIогьал. Спорталде гали лъолев щивав чиясул кIудияб анищлъун букIуна гьениб гIахьаллъиги меседил медаль босиги. Амма нахъа тезе ккола захIматаб нух.

 — Пуланаб упражнение тренералъ малъараб хIалалъ гьабичIеб мехалъ, дида гьелъ гьикъана мун гьание щиб гьабизе ячIарайилан. Дица абуна Олимпиялъул чемпионкалъун яхъине бокьун ячIанин абун.

ТIоцебесеб къоялдаса нахъего дида цадахъ рукь цIана тренер Гараева Юлия Равильевнаялъ. Гьей дие кIиабилей эбеллъун лъугьанин абизеги бегьула. ЦохIо спорталъул рахъалъ гуребги, гьей дие гIумруялъул рахъалъги мугIалим йиго, — ян абуна Айзанатица.

 Цудунго тIубана А. Муртазаевалъул Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъи гьабизе букIараб анищ.

­­­-Дида ракIалде ккунго букIинчIо дун Токиоялда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъилин. 16 сон байдал, йорчIана дун Китаялда тIобитIараб дунялалъул чемпи- онаталда. Гьеб мехалъ дирго дидего бугеб божилъиги цIикIкIана. Китаялда, гьудулгун цадахъ тукаде индал, дица босана тIажу. Рокъобе щун балагьидал, гьелъул цояб рахъалда хъван батана “Париж”, цогияб рахъалда — “Токио” абун. Эбелалъ махсарацин гьабуна мун гьанжего Олимпиялъул хIаязде хIадурлъулейищ йигейилан. Дицаги абуна, Токиоялде дун ячинарин, амма ПарижалдегIаги инчIогоги чIеларин абун. Пандемиялъул заманалда дун ахIана чIахIиязул тIаса бищараб ко- мандаялъул сборазде ва, Олимпиялъул хIаял байбихьизе моцI хутIидал, тренераз дидаги цIар чIвана.

 

ГIаламго хIайран гьабураб цееяхъин

 

     Олимпиялъул хIаял байбихьизе саламатабго заман букIаго, социалиял гьиназда хъвалеб букIана Айзанат Муртазаевалъги гIахьаллъи гьабизе бугин.

 Кин батаниги, Айзанат цее яхъана тIоцебесеб къоялъго. Бихьулеб букIана, дандиял кигIанго къуватал ва хIалбихьи бугел рукIаниги, ракьцоялъул гьурмада хIинкъиялъул цо гьитIинабцин асар загьирлъун гьечIеблъи. Гьелъ гьеб ишалъулъги бихьизабуна. Ай- занатица ракIчIараб бергьенлъи босана къуватал ва кIудияб хIалбихьи бугел Гонконгалдаса, Кореялдаса, СШАялдаса фехтовальщицабазда тIад.

  Ва гьале — Айзанат Муртазаева бащдаб финалалде йорчIана. Гьенийги Айзанат бергьун яхъун йикIана. Амма цо чанго секунд гIечIо гьелъие бергьенлъи рагIалде бахъинабизе. Лъабабилеб бакIалъе гIоло букIараб къеркьеялда Айзанатил кинабго рухIги хIалги бащдаб финалалда хутIараблъи бихьулеб букIана. Бищунго гIолохъанай гIахьалчIу­ жуялъе ункъабилеб бакI гурого щвечIониги, жиндирго гьунар-махщелалъги ракIчIараб цееяхъиналъги гIемеразул ракIал асир гьаруна Айзанатица. Амма гIемерисезда лъалеб букIун батиларо, Айзанат тIубан сахлъилалдего цее яхъарайлъи.

-Токиоялда тIоритIарал хIаязда дие цо гIемер битI ккечIо. Узухъда, байбихьуда цIакъ гъирашавкъалда йикIана дун. Хадуб, ангинаги багъарун, унтана. КIиго анкьалъ тренировкаби гьаризе, ракIунтун хIадурлъизе рес щвечIо. Пикрабиги сахлъиялде руссун рукIана. Дида ккола, гьеб гIиллаялдалъунго бажаричIин дихъа лъикIаб, разияб хIасил бихьизабунин абун. Олимпиялъул хIаял рагьулеб тадбиралдеги ине щвечIо, нахъисеб къоялъ нижер хIаял байбихьулел рукIиналда бан. ХIаязда цебе дун рейтингалда гIезегIан нахъа йикIана. Щайин абуни, дун кIиго соналъ чIахIиязул турниразда гIахьаллъичIелъул. Гье- динлъидал дида ункъо лъикIазда гьоркьоегицин йорчIилин ккун букIинчIо. Гьайгьай, Олимпиадаялда бокьараб хIасил ккезе рес буго. Хасго исана ракIалдаго гьечIел хIасилалги ккана гьенир. Кин батаниги, гьединаб хIасилалдаса дун разиго хутIичIо. Медаль щвечIелдаса нахъе, лъиениги ургъел букIунаро чанабилеб бакI щун батаниги. Рес букIана финалалде йорчIизе. Дица пикру гьабулаан хIалбихьи гIун батиларин абун. Хадуб бичIчIана къуват гIечIеблъи. МахIачхъалаялде щведал, нижеда дандчIвазе рачIараздасаги нечон йикIана медальги гьечIого йикIи­налдаса. Дица гьез кьураб тIогьол квацIи цебе кколеб букIана чIобогояб габур бихьичIого букIине, — ян бицана Айзанатица.

   Къуват кьолеб букIана ракьцояз Айзанатица бицана, пандемиялда бан, ахираб заманалда чIобогояб залалда цее яхъине кколей йикIаниги, ракьцоязул ракIунти Токиоялдацин бихьулебги лъалебги букIанин:

 — Дир бищун ракIунтарал болельщикал ккола хъизан. Цее яхъун лъугIидал, цояй кIодо гIодилаго кIалъан ячIана дихъе, дуе гьеб щайила, жибго тейила, дурго сахлъи цIунейинги абун. Дица гьей гIодое йиччазаюна, спорт къеяздасанги бергьенлъабаздасанги гIуцIараб бугин, цо нухалда къунин абун гьеб рехун тезе бегьуларин абун. Гьелда ккун батилаха, дун къей хIехьезе кIоларого ятилин. Диегоги бигьа букIинчIо. Лъабабилеб бакIалъе гIоло букIараб дандчIваялда къураб мехалда хIалалъ ккун букIана магIу. Гьеб мехалда данде рачIарал журналистазегицин щиб жаваб кьурабали лъаларо.

 Фехтованиялъул дунял Дагъистаналда фехтование цебетIураб спорталъул тайпабазде гьоркьобе унаро. Гьелъие ругьун гьарулеб залгицин батиларин ккола республикаялда. Гьелъухъ балагьулелги гIемер рукIунаро. Амма доб къоялъ Айзанатихъ балагьидал, гIемерисезе гьеб гIажаибаб спорталъул тайпаялъул интерес ккана.

Айзанатица рагьана гьеб спорталъул тайпаялъул цо-цо балъголъабиги:

 Фехтованиялда бищун аслияб жо буго гьеб бичIчIи ва бетIер хIалтIизаби. Дица абиларо, гьелъ цIакъ къаркъала сваказабулин, амма бетIер сагIат гIадин хIалтIизе ккола. Киназго гьикъула нуж хьвагIолелъул щайила ахIдолелилан абун. Фехтование буго кутакалда рекIел хIал къваригIунеб спорталъул тайпа. Масала, дун тренералъ тIамула гьаркьал гьаризе. Гьелъ цо батIияб къуват кьола. РекIел хIал жаниб гъанкъун тани, хIалтIизе захIмат букIуна. Фехтование ккола дир гIумруялда жаниб бугеб цоги гIумру. БатIияб хIалтIуда дунго цее чIезаюнги бажаруларо. Спортсменасул гIумру буго кутакалда гIажаибаб. Спорталда гIадал батIи-батIиял рекIел хIалал кирниги рукIунаро, букIа гьеб рохалилаб яги пашманаб. Спортивияб карьера лъугIидал, бокьун буго тренерлъун хIалтIизе. Ва гьединго цIакъ бокьула гIагараб Хунзахъе ячIине. Эркенаб заман гIемер букIунгутIиялъ, бокьараб мехалда ячIинеги рес кколаро. Амма Хунзахъ тIалъиялде щведал, кIочон тола свакги захIмалъабиги. Гьаниб цо батIияб къуват щола.

 

МухIамад МАНАПОВ