«ЦIиял речIчIухъабаз хисула ХIабиб»

 

 

13 декабралда ХIабиб НурмухIамадовас пресс-конферен ция кьуна Москвая лъул «Ладога» абураб бизнес-централда. Журналистазе гьес бицана «Fitroo» абураб дармил компаниялъулгун ругел жиндирго къотIи-къаязул ва гьединго бачIунеб соналъ рагIалде рахъинаризе ракIалда ругел бизнес-проектазул хIакъалъулъ. Пресс-конференция тIобитIиялъе аслияб гIилла гьеб букIаниги, гIемерал батIи-батIиял суалалги кьуна журналистаз ХIабибие.

Бизнес-централде гьесда цадахъ рачIун рукIана Ислам МахIачевги, ХIабибил вацгIал ГIумар НурмухIамадовги, Зубайра Тухуговги, ТIагьир Уланбековги, МухIамадРасул ХIайбулаевги, жеги ункъо-щуго речIчIухъанги. Амма лъагIалица цебего кIудияб спорталдаса нахъе аниги, жеги гIаламалъе спортсмен хIисабалда ХIабибил кIудияб интерес букIин бихьулеб букIана.

 

БитIахъе суалазул цIад базабуна гьесде журналистаз. Суалал рукIана батIи-батIиял: цоял — гIадатиял, цогидал — гъорлъ интрига бахчарал. Амма киназего цояб цоялдаса камилаб жавабги кьун, чIезаруна ХIабибица цоцо журналистал.

 

Нижеца гьанир кьолел руго пресс-конференциялдаса бищунго интересал гIадал лахIзатал.

Масала, тIоцебесеб суал букIана ХIабибица гIуцIараб лигаялда тIасан. 2020 соналъул 30 ноябралда лъана ХIабибица миллион долларалде «Eagle Fighting Championship» абураб промоушен-компания босиялъул хIакъалъулъ.

«Гьелъул хIакъалъулъ нужеда кватIичIого гIатIидго лъазе буго. РукIине руго спортивиял трансляциял, гIолохъанал цIи-цIиял речIчIухъаби рахъине руго гьелъул къецазда», — ян абун букIана гьес гъоркьиса кьураб пресс-конференциялда.

Журналистазулгун букIараб гьеб дандчIваялда ХIабибица бицана лигаялъул дандчIваял тIоритIизе СШАялъул Маями штаталда цIияб мина баялъул хIакъалъулъги.

— Метер, Аллагьас хъван батани, дун ина гьениве ва гьениб бицина гьабизе-тезе бугелъул хIа къалъулъ. Маямиялда киналго шар тIал руго турнирал тIоритIизе, гье ниб цIакъ цебетIун буго инфраструктура. СШАялда нижер буго хасаб офисги. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Ризван МухIамадовас (ХIабибил менеджер).

ГьабсагIат нижер лигаялда руго цереккун нужеда рагIичIел, амма цIакъ бажари бугел гIолохъаби. Гьединго ракIалда буго гьениве Кевин Ли абурав речIчIухъанги восизе. КъотIикъаял унел руго, ракIалде ккола кIиголъабго къоялда жаниб тIубалин гьеб суал, — ан абуна ХIабибица.

Рес буго гьеб лигаялда хIатта Тони Фергюсонилгунги Коди Гарбандтилгунги контракт хъвазеги. Гьел кIиялго ккола гьаб сагIатги UFCялъул къецазда цере рахъунел речIчIухъаби. Тони Фергюсон вукIана халатккун заманалъ гьенив фаворитлъун. Чанго нухалъ тIобитIизе къасд гьабуниги, батIи-батIиял гIиллабазда бан, ХIаби билги гьесулги дандчIвай гьабун ба хъинчIо.

Хадусеб суал хурхараб букIана дагьаб цебегIан МахIачхъалаялъул аэропорталда ХIабибил вацгIал ГIусман НурмухIамадовги гIахьал лъун ккараб ишалда тIасан. Гьудул Камал Идрисовгун аэропор тал де унелъул, полициялъул хIал  тIу хъ анасда машина тункун, ахIи-хIур бахъун букIана. Гьелда тIасан ХIабибил пикру лъазе бокьун бугоан цо журналисткаялъе.

— Гьеб ишалда сверухъ хIалтIи гьабулеб буго РФялъул ЦIехрехалъул комитеталъ. Дун гьелда гьоркьове къачIо, вацгIаласулгун бичIчIикьеялъул хIалтIи гьабуна хасал идарабаз.

Амма, нужедаго лъан букIине, ХIа бибил «ЦIех-рехалъул комитет» цIакъго кьварарабги согIабги буго. Гьезулгун гара-чIвари гьабизецин захIмат буго, ян лъугIизабуна речIчIухъанас, гьесухъа сенсация лъе кинаб бугониги баян бахъизе кIвелародаян, суалал кьезе лъугьарай журналисткаялъулгун хабар. ХIабибида гьикъана дагьаб цебегIан Дастин Порье да ги Чарльз Оливейридаги гьоркьоб букIараб дандчIваялъул хIакъа лъулъ ги. 2019 соналда Дастин Порье ХIабибица къезавун вукIана Джас тин Гэтжигун дандчIвалелде цеве. Чарльз Оливейрал доб мехалъ гьедигIанго бицунеб букIинчIо, гьев цIияв чи вукIиналъгIаги батила. Порье Оливейрахъа къуна гьал къоязда букIараб UFCялъул турниралда. Гьеб дандчIваялда хурхун информалатазе ХIабибица загьир гьабун букIараб пикруялда тIасан кьуна суал Москваялда букIараб прессконференциялда.

 — Щивав чиясул заман букIуна «гьорчо гъоркьа тIаде гирулеб», къуват гьелчолеб ва хадуб бачIуна заман гьеб къуват-бажариялъ нахъехун тункизе байбихьараб. Гьединго ккана Порьелги. Оливейрадаса къун хадув гьес абун буго жиндаго хадувккунги рингалда вагъия лъул магIна букIинадай абун. Гьединаб суал гьес жиндаго цебе лъун батани, гьелъул магIна ккола мун щолелъуве щванин абураб. Чарльз Оливейра гьеб дандчIваялда бетIералъ тIокIго вихьулев вукIана. Порьел габурги ккун, гъанкъулеб приемги гьабуна гьес ва бергьана, — ян абуна ХIабибица.

Гьеб суал кьурав журналистас хадубго ХIабибида цIехана Чарльз Оливейрал рингалда бергьенлъаби цIикIкIунел рукIиналда бан цадахъго харбалги гIемерлъулел ругин. Цереккун дуда данде рукIарал чагIи къезарунин гьес, мисалалъе, Дастин Порье. Журналистасул пикруялда рекъон, кватIичIого гьевгун речIчIизе вугев Джастин Гэтжидаса бергьинеги гьесул ресал цIикIкIунел руго.

«Гьел киналго дуца къезарун рукIарал спортсменал ругелъул, халкъалда гьоркьоб шур-шур баккун буго гьанже Оливейрагун къеркьезе ХIабиб нахъвуссинадайин абураб.

Щайгурелъул Гэтжидаса бергьун спорталдаса нахъе унелъул, дуца абун букIаралъул гьанже диргун габур бухьине кIолел бугъби рингалда хутIичIин», — абун ракIалде щвезабуна журналистас ХIабибида. — Рингалде дун нахъвуссиналъул хабарго гьечIо гьениб. Гье лъул магIнаги бихьуларо, битIараб бицани. БитIараб буго, дица абун букIана бергьине рес бугевщинав чиясдаса дун рингалда бергьанин, амма дица цIиял гIолохъаби, спортсменал лъугIун ругин абичIо гурищ. Жакъа Чарльз Оливейра вачIана, метер цогидав вачIина, гIолохъаби гIолел, гIумру цебехун унеб бугелъу л. Гье динлъидал нужецаги, рингалда са нахъеги ун, парахат пенсиялда вугев ХIабибил бицинчIого, хIа къикъаталдаги гьабсагIат Оливейрада дандечIей гьабизе кIолев ре чIчIу хъанасул бице. Гьале гьев, Ислам (жиндаго аскIов гIодов чIун вугев Ислам МахIачев вихьизавуна гьес – авт.). UFCялъул къецазда Чарльз Оливейра 10 нухалъ бергьана, Ислам бергьана ичIцIул. Гьасул киналго ресал руго гьесда (Чарльзида) наку чIвазабизе, — ян жаваб кьуна ХIабибица.

Гьел гурелги гIемерал суалал кьуна журналистаз. Гьикъана гьес гIуцIараб футболалъул агентствоялъулги МахIачхъалаялда гьес рагьараб кофейняялъулги хIакъалъулъ. Гьединго гьес да ракIалда буго кватIичIого нилъер гьаниб бур герал гьарулеб бакIги рагьизе.

Нилъер республикаялда лъай кьеялда сверухъ бугеб ахIвал-хIала лъул суалги борхана цо журналистас пресс-конференциялда. Щайила, мисалалъе, гIелмуялъул рахъалъ цеветIурав гIолохъанчи батIи-батIиял Олимпиадабазда бергьани, гьев кIодо гьавуларев. Мисалалъе, Дагъистаналдаса пуланав гIолилав Россиялъул цо кIудияб конкурсалда бергьанин хабар къватIибе кьуни, гьесул цIар гIемерав чиясда рагIун батуларин. Амма гьединавго цо гIолохъанчи речIчIухъабазул

турниралда бергьани яги гугаригун боксалъул къецазда гьес чIел босанин рагIани, гьев киназего къиматав чи лъугьунин баян гьабуна журналистас.

— Щибха гьениб дица абилеб. ЦIалдезе ккола, лъай цебетIезабизе ккола. Лъай ва гьунар бугел гIо лохъаби хIажат руго жакъа. Амма спорталдаги бергьенлъи щвезе ккани, кутакалда бетIер хIалтIизабизе кколеб иш буго гьебги. Спортги гIелму буго, — ян абуна ХIабиб НурмухIамадовас.

Исана щун вуго ХIабиб, мисалалъе, Гъуниб районалде. Гьедин бицана гьес журналистазда. ЦIакъ бихьизеги гьайбатаб, тIабигIатги берцинаб бакI бугин Гъуниб ва гьединал бакIал церетIезаризе кколин республикаялдайин абуна НурмухIамадовас. Хасго щибаб соналъ туристазул къадарги цIикIкIунеб бугони, гIадамазе хIалтIизе бакIалги щвелаанин. Гьединго журналистаз гьикъана UFCялъул залалда ХIабибил инсул, ай ГIабдулманапил сурат чIвазе бугищин абун. Машгьурал гIадамазул суратал чIвалеб «Реццалъул зал» рагIула гьениб. Жинда бараб жо гьениб гьечIин, амма UFCялъул нухмалъулезе бокьани, инсул суратги гьеб залалъул къеда балин жаваб кьуна ХIабибица.

— Инсул цIар гьеб залалде боси, аслияб куцалда, бараб букIинин ккола Исламидаги ГIумаридаги (Ислам МахIачев ва ГIумар НурмухIамадов), — ян абуна ХI. НурмухIамадовас. — Щай гурелъул, мисалалъе, дун хисун цо ги чемпион UFCялда вахъани, гьеб букIина цIакъ къиматаб, кIвар бугеб хIужа. Дунги цогидалги дир инсухъе куцазе рачIинчIо базалиял, ай къойилъа тIаде сонал арал чагIи. Гьесда цере залалъур гIунин абизе бегьула ниж ва гьес лъимерлъудасаго куцана ниж. Гьеб хIужа UFCялъ хIисабалде босани, дун цIакъ вохарав вукIина.

 

Ашахан ЮСУПОВ