ЦIиял бергьенлъаби, цIиял къагIидаби

 

   Гьал къоязда Москваялда тIобитIана гугариялъул рахъалъ «Гран- при Москва — Кубок Алроса» турнир. Цебеккун букIинчIеб гIадинаб, цIияб къагIидаялда гIуцIараб турниралда эркенаб гугариялъул, греп­плингалъул, греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ къецазда цере рахъана машгьурал спортсменал.

   Гран-приялъе хасаб статус кьуна гьелда кIицIул Олимпиялъул чем­пион ГIабдурашид Садулаев гуга­ризе вукIиналъги. 97 кг цIайиялда гьев дандчIвана Македониялъул рахъалъ цеве вахъунев дагъиста­нияв МухIамадхIажи Нуровгун. 5:1 хIисабгун ГIабдурашид дан­диясдаса бергьана, амма бигьа­го щвечIебха гьесие гьеб, гIураб къагIидаялда дандечIей гьабуна МухIамадхIажица. Грекалъул­гун румазул гугариялъул фаната­зе гуребги асар гьабуна кIицIул Олимпиялъул чемпион Роман Вла­совасдагун Сербиялдаса спортсмен Виктор Немешида гьоркьоб букIараб къеркьеялъ. ТIоцебесеб периодалдаго россиялъулас данди­ясе гьабуна чанго прием ва босана щуго балл. КIиабилеб периодал­да Немеш тIоцебеселда дандеккун гIезегIан лъикI гугарана ва гьелъул хIасилалда цо баллгицин щвана. 5:1 хIисабгун бергьенлъи босана Роман Власовас.

   Эркенаб гугариялъул рахъалъ хIалуцараб къеркьей букIана 74 кг цIайиялда. Гьеб категориялда къуват борцине ургуялде рахъа­на Белоруссиялъул рахъалъ цеве вахъунев дагъистанияв, Олим­пиялъул хIаязул гIарцул призер МухIамадхIабиб КъадимухIамадов ва Россиялъул тIаса бищараб ко­мандаялъул вакил, Олимпиялъул чемпион Заурбек Сидаков. Исана риидал Токиоялда рукIарал Олим­пиялъул хIаязул финалалдаги дандчIван рукIана гьел. Доб мехалъ КъадимухIамадов къуна Заурбе­кикьа 7:0 хIисабгун. РецIел босизе хIаракат бахъулеб букIана дагъи­станияс. Амма гьесул гьужумазда данде Осетиялдаса гугарухъанас гьарулел рукIана контрприемал, ва 6:1 хIисабгун гьаб нухалъги КъадимухIамадов къуна.

  Греказулгун румазул гугариялъул рахъалъ 60 кг цIайиялда къу­ват борцана Россиялъулгун дунялалъул чемпион Сергей Емелиница ва Молдавиялдаса речIчIухъан, Евро­паялъул чемпион Виктор Чобану­ца. Гьеб къеркьеялда 5:2 хIисабгун бергьенлъи босана россиялъулас.

ХутIарал хIасилал:

Грепплинг

Ислам Бочкаев (Россия) бергьана Заур АхIмадовасдаса (Россия)

Гъаирбек Ибрагьимов (Россия) бергьана ГIалил Гъазалиевасдаса (Россия).

Эркенаб гугари

Сергей Козырев (Россия, 125 кг) бергьана Лхагвагэрэл Мунхтурида­са (Монголия, 125 кг)

Греказулгун румазул гугари

Сергей Семенов (Россия, 130 кг) бергьана Зураби Гедехауридаса (Россия, 130 кг).