Суракъат Асиятиловасул хIурматалда

ДГУялъул командабазе щвана бергьенлъи

 

Гьадинал тадбираз квербакъула спорт цебетIезабиялъе ва гьудуллъи цIуниялъе

13-15 апрелалда ДГУялъул спорткомплексалда тIоритIана СКФОялъул вузазул студентазул командабазда гьоркьор машгьурав спортсмен ва жамгIиявгун политикияв хIаракатчи Суракъат Асиятилов ракIалдещвезавиялъул хIурматалда волейболъул рахъалъ къецал. Исана гьел тIоритIана щу­абилеб нухалда.
Къецал тIоритIиялъе гIуцIарухъан­лъиялъулаб хIалтIи гьабуна ДРялъул Спорталъул ва физкультураялъул министерствоялъ, Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъ, республикаялъул волейболалъул федерациялъ ва Шамил районалъул администрациялъ. Исана къецазда гIахьаллъана МахIачхъалаялъул, Пятигорскалъул, Нальчикалъул ва Владикавказалъул вузазул бихьиназул ва руччабазул командаби.
Турнир байбихьана Кабардино-Балкариялъул университеталъул ва Пятигорскалъул пачалихъияб университеталъул командабазда гьоркьор тIоритIарал хIаяздасан. Хадур рукIана ДГУялъул ва Северияб Осетиялъул пачалихъиял университетазул командабазда гьоркьор хIаял.
Къецал рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъарал ДГУялъул ректор МуртазагIали Рабадановас, ДРялъул бетIерасул мугIрузулаб округалда вугев вакил МухIамад Камиловас, Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад Асиятиловас, Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасановас спортсменазе гьарана бергьенлъаби ва ракIалдещвезабуна Суракъат Асиятиловасул гIумру.
«Суракъат Асиятиловас республикаялъул халкъалъе гIемераб хIалтIи гьабуна политик, спортсмен ва гIалимчи хIисабалда. Гьадинал тадбираз щула гьабула мадугьалихъ ругел республикабазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъиги», — ян абуна ДГУялъул ректор МуртазагIали Рабадановас.
Къецазул хIасилазул бицани, лъабго къоялъ тIобитIараб турниралда тIоцересел бакIал щвана ДГУялъул бихьиназул ва руччабазул командабазе. КIиабилеб бакI — Пятигорскалъул волейболистазул бихьиназул командаялъе, лъабабилеб бакI — КБГУялъул командаялъе. Руччабазда гьоркьоб кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Кабардино-Балкариялъул команда, лъабабилеб бакI щвана Пятигорскалъул командаялъе.
Турниралда бергьенлъи босаразе ва призалъулал бакIал щваразе кьуна Суракъат тIад вахъарал суратал, кубокал, грамотаби ва медалал. Гьединго Шамил райадминистрациялъ кьуна гIарцулал шапакъаталги.
Турнир гIуцIаразе, тIобитIаразе ва хасго спортсменазе баркалаги загьир гьабулаго, Суракъатил вас МухIамадица абуна жив цIакъ вохарав вугила нужедаса ва щибаб соналъ тIобитIизе бугеб гьалъие бажарараб кумек гьабизеги бугин. ДРялъул волейболалъул судьябазул коллегиялъул председатель, РФялъул волейболалъул судья КъурамухIамад МухIамадовас турниралъе кьуна гьадинаб къимат: «Турниралде ахIун рукIана СКФОялъул вузазул тIасарищарал командаби. Гьанир бергьарал руччабазулги бихьиназулги командабаз гIахьаллъи гьабизе буго Россиялъул универсиадаялъул финалалдаги. Шамил райадминистрациялъ квербакъана волейболистазе рукIа-рахъиналъе шартIал чIезариялъе. Россиялъул шагьаразде хIазе араб мехалъ спортсменасе нухлул хIакъ тун батIияб бигьалъи щоларо. Дораса рачIарал гьал волейболистаз нухда араб харж гурони, тIаде гIарац хвезабизе ккечIо. Гьанир гьел лъабабго ригьалъ кваназаруна ва рега-рахъиналъе лъикIал шартIал чIезаруна», — ян.
Гьайгьай, гьадинал къецаз кверба­къула республикаялда спорт цебетIезабиялъе ва гIолилаз сахаб гIумру гьабиялъул къагIида тIаса­бищиялъе.
Нури Нуриев