Спортивияб фестиваль

Муфтиясул хIурматалда

 

АхIмад-апандие сайгъат гьабуна бартиги, буртинаги, бухаритIагъурги

15 апрелалда Казбек районалда букIана ДРялъул муфти, шайих АхIмад-апандил хIурматалда тIобитIараб спортивияб фестиваль. Гьеб спортивияб тадбиралде вачIун вукIана 15 азаргогIан чи. Гьезда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-апандиги, тIолабго республикаялдаса диниял гIалимзабиги, спортсменалги, жамгIиялгун политикиял хIаракатчагIиги. Фестиваль гIуцIана районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевасул кумекалдалъун Казбек районалъул жамгIияталъ.
Дагъистаналъул диниял иша­­зул рахъалъ комитеталъу­л председатель МухIамад ГIаб­ду­рахIмановги Казбек районалъул бетIер ХIажимурад Мусаевги гIахьаллъун хIадур гьабураб фестивалалъул программаялда рукIана: квекIеналгун рекериялъул рахъалъ командаялъулаб эстафета, чуял тIами, фестивалалъухъ балагьизе рачIаразда гьоркьор рекериялъул къецал, бергьаразе шапакъатал кьеялъул хасаб тадбир.
Жиндирго кIалъаялда АхI­мад-апандица фестивала­лъул гьалбадерида баркана гьеб тадбир, бихьизабуна гIа­мал-хасият, рукIа-рахъин лъикI­­­лъизабиялда тIад хIал­­тIи­­зе кколин, гьединго бица­на берцинго малъун кан­тIиза­риялъул, кIудиязул, ди­ниял гIалимзабазул гIакълу хIи­са­балде босиялъул бугеб кIва­ра­лъул хIакъалъулъ.
«ЛъикIаб асар гьабуна жа­къа нужер гьурмазда рохел би­хьиялъ ва нужгун цадахъ вукIиналъ. Аллагьасда гьарула гьадинал къоял нилъее гьарзалъагиян ва цоцазул гьабулеб адаб-хIурматги вацлъиги щулалъагиян», — ин абуна муфтияс.
Фестивалалъухъ балагьизе рачIаразе рес щвана палугьа­базул, жалго ругьунлъарал кол­­лек­­тивазул ва ГIумар ХIа­на­пиевасул гьунаразухъ балагьизеги.
Ахиралда, Казбек районалъул жамагIаталъул цIаралдасан районалъул имам АхIмадрасул Качалаевас, сайгъат хIисабалда, республикаялъул муфтиясе кьу­­на бартиги, буртинаги, бу­хари­тIагъурги.

Ургуялде рахъана ветеранал
Къецазда гIахьаллъана 120 спортсмен

Калининград областалда тIо­битIана, гьеб регионалда эркенаб гугариялъе кьучI лъу­рав Василий Батечко ра­кIалдещвеялъе, спортсменал-ве­тераназда гьоркьоб гугария­лъул рахъалъ халкъазда гьор­кьосеб турнир.
Эркенаб гугариялъул ра­хъалъ Дагъистаналъул вете­ранал мустахIикълъана кIи­го меседил, кIиго гIарцул ва цо мазгарул медалазе. Турни­ра­лъу­л чемпионаллъун рахъана Лаваша районалдаса Нариман Сулейманов (62 кг) ва Ахти районалдаса Кариб ГIашуралиев (69 кг). КIиабилел бакIал щвана Гъизилюрталдаса МухIамад Бадрудиновасе (85 кг) ва Гъарабудагъкент районалдаса Эрелар Фезулаевасе (85 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи), лъабабилев призерлъун вахъана Казбек районалдаса Расул АмиргIалиев (62 кг).

Квержубараб рагъ

10 медальгун тIадруссана
Дагъистаналъул командаялъе — тIоцебесеб бакI

Москва областалъул Краснознаменск шагьаралда тIобитIана армиялда хъулухъ гьабизе ахIилелде цебеккунисеб гIумруялъул ригьалъул гIолилазда гьоркьоб квержубараб рагъул рахъалъ Россиялъул чемпионат.
Къецазда гIахьаллъи гьабуна улкаялъул 67 регионалдаса 778 спортсменас. Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъ къецазда ккуна тIоцебесеб бакI. Гьел мустахIикълъана анкьго меседил, цо гIарцул ва кIиго мазгарул медалазе.
Чемпионаллъун рахъана Элдар Ибраков (40 кг), ХIажимурад ХIажиев (45 кг), Абубакар Бахриев (50 кг), ГIабдулкерим ГIабдулкеримов (55 кг), ГIумар НухIов (55 кг), Гьимат Закирегаев (75 кг), МухIамад Мусаев (80 кг).
Къецазда кIиабилеб бакIалъе муста­хIикъ­лъана Москва областалъул тIасабищараб команда. Лъабабилеб бакIалде бачIана Ростов областалъул тIасабищараб команда.

Футбол

Цо гъалатIалъул багьа
«Анжи» къуна 1:0 хIисабгун

Премьер-лигаялда футболалъул ра­хъал­ъ Россиялъул чемпионаталъул 26-абилеб туралда «Анжи» 14 апрелалда Санкт-Петербургалда хIана бакIалъулаб «Зенит» командагун. Гьеб матчалда, тIоцебесеб таймалъул бакьулъ, «Анжиялъул» кавабахъе торгIо кьабуна «Зениталъул» гьужумалъулав Себастьян Дриуссица.
Цебесеб туралда Каспийскалда «Ан­жи» 1:4 хIисабгун къуна Москвая­лъул «Спартак» командаялдаса. Санкт-Петер­бур­­­гал­да тIобитIараб гьеб туралдаги Ма­­хIачхъалаялъул футболистазда болель­щи­кал рохизаризе кIвечIо. «Зенит» гьабсагIат къеркьолеб буго Чемпионазул лигаялде ккеялъе гIоло ва щибаб матчалда гьез хIаракат бахъула гьеб мурадалде щвезе ругел ресаздаса пайда босизе.
Абизе бегьула хIаялъул байбихьудасанго «Зениталъул» тIокIлъи букIанилан, «Анжиялъги» хIаракат бахъулеб букIана, гъалатI биччачIого, гьезул гьужумал нахъчIвазе. Амма тIолабго матчалда гьез цо кIудияб гъалатIги биччана, ва питералъулаз гьелдаса пайдаги босана – тIоцебесеб таймалъул 24-абилеб минуталда «Зениталъ» махIачхъалаялъулазул кавабахъе торгIо кьабуна.
«Анжиялъулги» рукIана гьужумал ва дандиязул кавабахъе торгIо кьабизе рес бугел лахIзатал, амма гьезул хIа­сил ккечIо. ХIаялъул тIадеги кьураб заманалда букIараб цо гьужумалда махIачхъалаялъулазда кIо­лаан ва гьезда тIадаб букIана майданалъу­л бетIергьабазул кавабахъе торгIо кьабизе. Данченкоца Смарджичихъе кьун, гьес «Зениталъул» кавабахъе кьабураб торгIо штангаялда тIасан ана. Гьедин хIай лъугIана 1:0 хIисабгун. 27-абилеб туралда, ай 21 апрелалда Анжи-Аренаялда «Анжи» хIазе буго Екатеринбургалъул «Урал» командагун.