ГIабдурашид — щуабилебги нухалъ дунялалъул чемпион

 

   Норвегиялъул Осло шагьаралда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Гьелда Россиялъул тIаса бищараб командаялъ лъабго меседил, цо гIарцул ва ункъо мазгарул медальгун ккуна тIоцебесеб бакI. Лъабабгоги меседил медаль щвана Дагъистаналдаса спортсменазе. Дунялалъул чемпионаллъун рахъана ГIабдурашид Садулаев (97 кг), ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг) ва Загьир Шахиев (65 кг).

   Дунялалъул чемпионаталде унелъул, Голландиялъул тахшагьар Амстердамалда цоги самолеталде рахунаго, гьурмада медицинаялъул маскаби хун гьечIиланги абун, по­лициялъул хIалтIухъабаз рейсалдаса нахъе рачана Россиялъул гугарухъ­ абазул цо-цоял. Гьезда гьоркьов вукIана ГIабдурашид Садулаев­ги. Гьедин, цо сордо нилъер гуга­рухъабаз тIамуна аэропорталдаго. ГIемерисез гьеб хIужа рикIкIунеб букIана нилъер спортсменазе чемпионаталда цебе гьабулеб квалкваллъун, ай гьадингоги свакарал гугарухъабазде психологияб рахъалъ тIадецуй гьабулеб бугилан. Амма хадусеб къоялъ Ослоялде щварал Россиялъул атлетал, нухда щибго ккечIеб гIадин, рахъана ургуялде. Чемпионаталъул тIоцебесеб къоялъго 61 кг цIайиялда меседил медалалъе мустахIикълъана ЦIумада районалъул ТIиси-ахакь росулъа ГIабасхIажи МухIамадов. Гьес финалалда 4:1 хIисабгун къезавуна Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса къуватав речIчIухъан Дэйтон Фикс.

  Нахъисеб къоялъ 65 кг цIайиялъул категориялда дунялалъул чемпионлъун вахъана Хасавюрт районалъул Баммаюрт росулъа Загьир Шахиевги. Гьесда данде финалалда вукIана хIалбихьи бугев Ираналдаса гугарухъан АмирмухIаммад Язданишерати. 14:4 хIисабгун къезавуна гьев нилъерас.

  97 кг цIайиялдаги Россиялъул тIаса бищараб командаялъе месе­дил медаль щвезе букIиналда щиб­го щаклъи букIинчIо. Щайгурелъул, гьеб цIайиялда кIицIул Олимпиялъул чемпион ГIабдурашид Садулаев цеве вахъине вукIун. Финалалде щвезегIан гьес дандиял къезаруна ругьун гьариялъул сборазда гугарулаго кинниги. Финалалдайин абуни дандчIвана кидагосев дандияв  Америкаялъул Цолъарал Штатаз­даса речIчIухъан Кайл Снайдергун.

  Гьанибго абун тела, Кайл финалалде ворчIана хIалихъего, цо-цо, кIи-кIи баллалъ гурого бергьунев вукIинчIо гьев дандияздаса. Финалияб къер­ кьей байбихьана ГIабдурашидил гьу­жумаздасан, амма хIасил кьолеб при­ем гьабизе гьев Снайдерица кинго виччачIо. Кин букIаниги, гъираялда гугарулев вугин абун тIоцебесеб пе­риодалда судияз цо балл кьуна нилъ­ерасе. КIиабилеб периодалъул байбихьудаги щвана Садулаевасе гьебго къагIидаялда цо балл. Гьелъул ахиралдайин абуни ГIабдурашидица, цин нахъеги кIанцIун, Кайл гIодов лъуна ва хадуб нокаутги гьабуна. Гьеб кIиябго приемалъул хIасилалда гьесие щвана ункъо балл. Гьедин 6:0 хIисабгун лъугIана кIиявго спортсменасда гьоркьоб ункъабилебги нухалъ букIараб речIчIи (лъабгоялда бергьенлъи босана ГIабдурашидица, цоялда — Снайдерица)ва ГIабдурашид щуабилебги нухалъ вахъана дуня­лалъул чемпионлъун.

  ГIабдурашидидагун Снайдерида гьоркьоб букIараб дандчIваялъухъ ниж балагьун рукIана гьесул цIар кьураб спортивияб школалда, гье­нир хIалтIулел тренералгун, ру­гьун гьаризе хьвадулел гIисинал речIчIухъабигун ва цIар рагIарал гу­гарухъабигун цадахъ. Залалда нусго­ялдасаги цIикIкIун чи вукIанин абу­ни мекъи ккеларо.

   Эркенаб гугариялъул рахъалъ кIицIул дунялалъул чемпион МухIамадрасул ГъазимухIамадовасул разилъиялъе гIорхъи букIинчIо. «Дунялалъул гьаб чемпионаталде ГIабдурашид 60-70 проценталъ гурого хIадур вукIинчIо. Гьедингицин гьес гьенир рихьизаруна лъикIал хIасилал. РакIчIун абизе кIола, лъикIаб формаялда вугони, Садулаевас Снайдер 10:0 хIисабгун къезавула тIоцебесеб периодалдаго», — ян абуна МухIамадрасулица. Садулаевасул школалъул кIудияв тренер ХIажимурад МухIамадовас бицана жив ГIабдурашидидагун Снайдерида гьоркьоб хIалуцараб къеркьей букIинеб гIадин вукIанин. «Садулаевас американав къезавуна цIакъ бигьаго, гIадатияв спортсмен кинниги. Амма нилъеда лъалаха Снайдерги кутакалда къуватав ва хIалбихьи бугев речIчIухъан вугеблъи. 97 кг цIайиялда букIараб къеркьеялъухъ балагьизе рачIун рукIана нижеда цере ругьун гьарулел ругел гьитIичалги. Гьезие ГIабдурашид ккола гугариялъулъги гIумруялъулъги мисаллъун. Жидерго кумир бергьунев вихьидалги батIияб гъира-шавкъ бижула гьезулъ, байбихьула кIвахI тун залалде хьвадизе, захIмалъабазда тIад мал чIун лъадаризе»,-ян бицана МухIамадовас.

  — ГIабдурашид гIемер вачIунищ нужехъе, ругьун гьавулищ гьанив?

— Цебе, дун гьитIинаб заманалда, залалде Олимпиялъул чемпионал рачIин ва гьелгун цадахъ ругьун гьаризе щвей букIана гIисинал гугарухъабазе цIакъ къанагIат гурого тIубалареб анищлъун. ГIабдурашидин абуни гIемер вачIуна нижехъе ва ругьун гьарула бищунго гIисиналцин, аскIове уна щивасда. Гьелъги батила, гьесул школалде хьвадулезул къадар цIикIкIунеб бугеб, гьанир залал занкIун цIун рукIунел. ГьабсагIаталда цIиял лъимал къабул гьаризе рес гьечIо, гIунги тIокIал руго залалда спортсменал.

Темирхан ХIАСАНОВ