ХIадурал руго цIиял бергьенлъабазде

 

    Улкаялъул президент Владимир Путиница Кремлялда къабул гьа­руна Токиоялъул Олимпиялъул хIаязул чемпионал. Гьездаго гьор­кьор, эркенаб гугариялъул рахъалъ кIицIул Олимпиялъул чемпион ГIабдурашид Садулаевасул цебехъанлъиялда гъоркь, рукIана Дагъ­истаналдаса атлеталги. Гьезул щивасе Владимир Путиница кьуна шапакъатал. Президентас ГIабдурашид Садулаевасул каранда бана «ХIурматалъул гIаламат» орден, «Гьудуллъиялъул гIаламат» орденазе мустахIикълъана Заур Угуевгун Альберт Батыргъазиев.

Тадбиралда кIалъазе вахъарав ГIабдурашидица улкаялда спорт цебетIеялда сверухъ гьабулеб хIалтIухъ ва гьединго Олимпи­ялъул тIаса бищараб командаялъе чIезарун ругел лъикIал шартIазухъ Владимир Путиние баркала за­гьир гьабуна. «Нижер гIемерисезе Олимпиялъул хIаял ккола анищ­лъун, гьитIинаб къоялдаса на­хъе захIмат-гIакъубаги бихьун, дандчIвалел гIемерал квалквалаз­да тIад малги чIун хIадурлъарал гIумруялъул аслиял къецаллъун. Токиоялда щвараб меседил ме­далалдаса чIухIун вукIарав дие, Олимпиялъул хIаял къаялъул тад­биралда Россиялъул байрахъги ко­доб ккун, улкаялъул тIаса бища­раб командаялда цеве вилълъине рес щвей лъугьана бищунго къи­матаб лахIзатлъун. Спортиви­яб рахъалде кьолеб кIваралъухъ, спортсменаздехун бугеб берба­лагьиялъухъ цоги нухалъ РФялъул Спорталъул министерствоялъе, Олимпиялъул комитеталъе ва хас гьабун дуе, Владимир Владимиро­вич, нижер киназулго рахъалдаса баркала. Гьединго баркала загьир гьабизе бокьун буго тренеразе, гIагарлъиялъе, рахъкколезе ва гьу­дул-гьалмагъзабазе. Ниж хIадурал руго гIолеб гIелалъулгун хIалбихьи бикьизе, гьезда лъикIаб-квешалъул бицине. Токиоялда щварал меседил медалаздалъун нижер спортивияб нух лъугIуларо, гьаб буго байбихьи ва хадубккунги ракIалда буго, Рос­сиялъул байрахъги борхатго ккун, цIи-цIиял бергьенлъабазда хадур къватIире рахъине»,-ан абуна ГIабдурашид Садулаевас.

     Владимир Путинил кумек­чи Игорь Левитиница шапакъа­таздалъун кIодо гьаруна Олим­пиялъул хIаязул призерал Муслим ХIажимухIамадов (бокс), ХIажимурад Рашидов (эркенаб га­гури) ва Зенфира МухIамадгIалиева. Гьезие кьуна «ВатIаналда цере гьа­рурал хъулухъазе гIоло» орденал.

Хадубго улкаялъул президентас къабул гьаруна Токиоялда Пара­лимпиялъул хIаязда гIахьаллъарал спортсменалги. Гьезда гьоркьов вукIарав Дагъистаналдаса паралим­пиялъул чемпион Муса Таймазовасе Владимир Путиница кьуна «Гьу­дуллъиялъул гIаламат» орден.