Бергьенлъаби цере руго

   91 кг цIайиялда боксалъул рахъалъ Олимпиялъул гIарцул призер Муслим ХIажимухIамадовги тIад вуссана Дагъистаналде.

  Гьесда  дандчIвазе МахIачхъалаялъул аэропорталде рачIун рукIана гIага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби, росуцоял, районцоял.

    РакIалде щвезабила: ХIажимухIамадов финалалде ворчIана тIад кIалъазе бакI гьечIого, дандиязда тIад ракIчIарал бергьенлъабиги росун. Финалалда нилъер спортсмен дандчIвана Кубаялдаса боксер Хулио Сесар ла Крусгун. ХIалбащадаб къагIидаялда къеркьолел рукIана кIиявго, цо-цо мехалда ХIажимухIамадовас дандиясда тIад тIокIлъицин бихьизабулеб букIана. Амма судияс бергьенлъи кьуна кубаялъуласе.
     Аэропорталде рачIарал киназего баркала загьир гьабун гьадин абуна Муслимица:

— Цебелъураб масъала букIана -Олимпиялъул хIаяздаса меседил медальгун тIад вуссине. Амма Аллагьас гьедин хъван букIун гьечIо. РакIалда буго лъабго соналдасан рукIине ругел Олимпиялъул хIаязде лъикI хIадурлъизе, гъалатIазда тIад хIалтIизе, жегиги къуватавлъун лъугьине ва Парижалдаса меседил медальгун тIад вуссине. Цоги нухалъ баркала киназего дунги кIодо гьавун гьанире рачIаралъухъ.
   Муслим Олимпиялъул чемпионлъун вахъине вукIиналда жиндир щибгIаги щаклъи гьечIин абуна ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидовас.

   «Токиоялда букIараб Олимпиадаялъ гIезегIан рохизаруна нилъ. Гьелъул аслиял героязул цояв ккола Муслимги. Дур щибаб къеркьеялда хадуб халккун букIана нижеца ва кутакалда рохана  гIарцул медальгун  Токиоялдаса мун тIад вуссун вачIиналдаса. Бокьараб даражаялъул медаль гьеб ккола кIудияб захIмат-гIакъуба, залалдаса къватIире рахъинчIого тIамурал къоял.       Гьединлъидал, дуе щвараб  гIарцул медаль нижее гьеб буго  меседилалда бащадаб», — ан абуна С. Сажидовас.
   Гьединго, Олимпиялъул гIарцул призерасда бергьенлъи баркизе аэропорталде рачIун рукIана Буйнакскиялъул бетIер Исламудин Нургьудаев, ЛъаратIа районалъул нухмалъулев МухIамад ГIабдулаев, республикаялъул Боксалъул федерациялъул вакилзаби ва цогидалги.

Темирхан ХIАСАНОВ