Кьурулъ кьабурал магIал, магIарулал чIахъаги!

 

    10 августалда МахIачхъалаялъул аэропорталда дандчIвай гьабуна Токиоялда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъи гьабурал нилъер ракьцоял ГIабдулрашид СагIадулаевасда, Заур Угуевасда, Зенфира МухIамадгIалиевалда, ХIажимурад Рашидовасда, фехтованиялъул рахъалъ финалалъул ункъил бутIаялде йорчIарай Айзанат Муртазаевалда. Гьединго ракьцоязда цадахъ ватIаналде щвезе вачIана Беларусиялъе гIоло цеве вахъун, Токиоялда гIарцул медаль щварав ЦIумада районалъул Хуштадаса гугарухъан МухIамадхIабиб КъадимухIамадовги.

     Боксалъул рахъалъ гIарцул медаль щварав Муслим ХIажимухIамадовги тIадагьаб цIайиялда гьебго спорталда Олимпиялъул чемпионлъун вахъарав Альберт Батыргъазиевги рукIинчIо гьезда цадахъ. Дагъистанияз Токиоялда меседил лъабго, гIарцул кIиго ва мазгарул кIиго медаль босана. Нижеца бицине буго МахIачхъалаялъул аэропорталда гьезулгун букIараб дандчIваялъул бищун интересал лахIзатазул.

ПРЕСС-КОНФЕРЕНЦИЯЛДЕ НУХ КЪАНА

    Олимпиялъулал рекIараб самолет МахIачхъалаялде къад сагIат лъабгоялде бащдаб хIалтIарабго щвезе букIин лъана радалго. Аэропорталъул «VIP-залалъуб» гьабизесеб пресс-конференциялде журналистазул сияхI хIадурулеб бугин, гьенире ине бокьараз лъазабеян, ватцапалде хъван бачIана пишацоялъ. Нижерго цIарал гьенире ритIун, парахат къалъудаса хадуб аэропорталде сапар бухьана. ЦIакъго къиматал гьалбал гурони жанире риччалареб аэропорталъул кавудухъе ракIарун рихьана федералиял телеканалазул ва цогидалги басмабазул журналистал. Жанире ахIиялъухъ балагьун, гьездаго аскIор эхетана нижги. Амма пресс-конференциялде ине аккредитация гьабурал журналистазул сияхIалда нижер цIарал ратичIо. ЦIарал тIад хъвараб тIамачги кодоб ккун нуцIил кIалтIа эхетун вукIарав базалияв гIолохъанчиясухъа гьелъие жавабги щвечIо. ЦIер гIадин киналгоги жанире ахIун, пакъирал гIадин, гьалулеб бакъукь къватIир хутIана ниж.

  ЦIех-рех гьабидал, миллиял мацIазда рахъулел цогидал газетазул вакилзабиги гьенир рукIун гьечIо. МахIачхъалаялъул аэропорталъул азбар кьабун цIун рукIана гIадамал. Бищун дагьалдаса цо азаргониги чи вукIун ватила гьениве вакIарун.

 

«ЧIАГОЯБ ЭФИРАЛЪУХЪ БАЛАГЬИЗЕ КЪУВАТ БУКIИНЧIО»

    Олимпиадаялъул кIицIул чемпионлъун вахъарав ГIабдулрашид СагIадулаевасда дандчIвазе гьесул гIагарлъиялъул гIезегIан чи вачIун вукIана аэропорталде. Прямой эфиралдасан гьесул финалалъухъ балагьун бажаричIин бицана ГIабдулрашидил эбел Сара СагIадулаевалъ:

  — Финалалда гьадинаб хIасил кканилан бицана дида ва записалда бугеб видеоялъухъ ялагьана. ЧIагояб эфиралдасан балагьи бигьаяб жо гуро эбелалъе, цIакъ кутакалда рахIатхун йикIана дун.

 — ГIабдулрашид тIоцеве духъе кIалъан ватила?

    — КIалъана, кIалъаларищха. Финал лъугIараб сагIаталъго вачIинчIо гьев кIалъан, гьелъие гьесул санагIалъиги букIун батиларо. Гьелде щвезегIан щибаб къоялъ видеобухьеналдасан кIалъалаан гьев радалги къасиги. «Эбел, дуца цIакъго ургъел тIаде босун, дуего захIмалъи гьабуге, кинабго лъикI букIина, ИншаАллагь. Дуца дие дугIа гьабе, эбел. Дур дугIаялъ гурони дие икъбал ккезе гьечIо» — гьеле гьес дида гIемер абулеб букIараб жо. Аллагьас кумек гьабуна гьесие, хIакъикъаталдаги. ЦохIо нижедаго лъала гьеб Олимпиадаялда гIахьаллъизе кин гьесие захIмат букIарабали. Накуялъе жагъаллъи ккун букIана ГIабдулрашидил, гьебги тIубан сахлъичIев чи ана гьев Токиоялде. Ана бергьенлъиялде бугеб шавкъалъ. Гьесие бугеб гIунгутIи гIемерав чиясда гуро лъалеб букIараб. Щукру БетIергьанасе буго, Гьес кумек гьабуна дир васасе, — ян бицана ГIабдулрашидил эбелалъ.

    Гьелго рагIаби тасдикъ гьаруна ГIабдулрашидил якьад Ханна Шапиевалъги. Гьединго тIаде жубана накуялъе къварилъи букIиналъ, цересел турниразда гIадин, эркенго гугаризе санагIалъи кколеб гьечIолъи бихьулеб букIанила видеоялдасанги.

    Инсуда дандчIвазе ячIун йикIана кIиго сон барай ГIабдулрашидил яс Аминаги хъизан Заираги.

    Гугариялъул къецалги лъугIун, рикIкIадал пачалихъаздаса вуссараб мехалъ, рокъов-къватIив ГIабдулрашид кинав чи вугевалиги бицана Сараца. Гьесие цIакъ бокьулила хъизан-лъималгун цадахъ заман тIамизе, амма гьелъие санагIалъи къанагIат гурони букIунарила гьесул.

    «РикIкIадал сапараздасаги вуссун рокъове щведал, гьес дида кидаго абула: «Эбел, цIакъ урхъун вугоха дуца гьабураб кванихъ. Дур квераз гьабураб гIадаб тIагIам кинаб пачалихъалде щваниги дида батичIо», — ян.

    Эбелалъул гIадаб квен гьаб дунялалда кибниги дие щвезе гьечIин гьес абурабго кодое йосула дун рохалица. Гьединго гьесие цIакъ бокьула дунгун цадахъ батIи-батIияб бакIалде щвезе. Турциялде вилълъана гьев дунги ячун. Амма магIарухълъиги цIакъ хирияб буго ГIабдулрашидие. Рес кканщинахъе инсул ватIаналде щвечIого гьев вукIунаро.

    Жакъа цIакъ гIемерав чи вачIун вуго гьаниве дир васги кIодо гьавун. ДунгIан Аллагьги разилъаги гьаздаса. ЦIакъ йохана дун гьадин халкъалъе дир ГIабдулрашид вокьулев ватиялдаса. Рохун таги киналго», — ян баркала загьир гьабуна чемпионасул эбелалъ.

 

ХУШТАДИСЕЗУЛ РОХЕЛ ВА МЕСЕДИЛЪ ЧЧУН ГЬАБУРАБ ГIАРЦУЛ ШАПАКЪАТ

 

     Беларусиялъул командаялда гъорлъ цеве вахъунев вукIарав гIарцул медаль босарав ЦIумада районалъул Хуштадаса МухIамадхIабиб КъадимухIамадовасда дандчIвазеги гIемерав чи вачIун вукIана цIумадисезул. ЦохIо жидер хуштадерил ватилин гьанив жакъа 500 чиян абуна гьеб росулъа Халид МухIамадовас. Шагьаралда гIумру гьабун ругел гурелги, магIарухъа рахъаралги чагIи рачIанилан, кIудияб рохел бугоан гьезул.

     — МухIамадхIабибие щвараб гIарцул медаль меседил бакIалда буго жакъа нижее. Хуштадерие гьев вуго чемпион. 206 пачалихъ гIахьаллъараб Олимпиадаялда гIарцул медаль босизе кIвейги гьеб кIудияб икъбалги, бергьараб хIасилги, лъугьа-бахъинги буго нижее.

     Дудаго бихьулеб буго жакъа гьаниве вакIарун вугевщинав чи. ГIисинавин, кIудиявин, гьаниве вачIинчIев чи хутIун ватиларо росулъ. Хуштадерие жакъа буго унгоунгояб байрам. Амма аслияб байрам нижер хадуб букIина. ГIагарал къоязда Хуштада кIудияб тадбир хIадурулеб буго МухIамадхIабибил хIурматалда. Рес бугевщинав чи нижехъе ахIулевги вуго нижеца, — ян бицана Халид МухIамадовас. МухIамадхIабибил цебесеб гIагарлъиялъулги гIезегIан чи вугоан гьенив.     

    Росулъа вахъарав гьесда дандчIвазе вачIун вугоан Хуштада росдал имам Абубакар-хIажи Абуба- каровги:

    — Жакъа нижер росулъ кIудияб рохел буго. МухIамадхIабибица машгьур гьабуна рорхатал мугIрузул тIогьиб бугеб магIарулазул росу. Гьесдаса мисал босун, гIисинаб гIелалъул гIемерав чи вуго Хуштада жакъа эркенаб гугариялде хьвадулев.

    Мазгарул медальги гIодоб батуларо Боксалъул рахъалъ мазгарул медаль босарай, ЛъаратIаса Зенфира МухIамадгIалиевалъул гIагарлъигунги гара-чIварана. Гьезулги гIемерав чи вачIун вукIана аэропорталде. Кутакалда рекIее гIуна гьелъул эбел-эмен: Рамазанги Манаги. Сабурал, цIакъ гIадатиял, унго-унгоял магIарулазе хасиятаб гIадатлъи чорхолъ цIунарал чагIи ратана гьел. Ясалдаса бугеб чIухIиги рекIелъ бахчун, нечадго гIадин кIалъалей йигоан Зенфирал эбел Мана МухIамадгIалиеваги:

    — Узухъда, нижер киназулго хьул букIана Зенфирае меседил медаль щвелин абун, ясалъулги букIана гьебго мурад, амма щиб гьабилеб, Аллагьас гьадин хъван букIун буго. Щваралда гIейги гьабун, сабурлъиялда рукIине ккола дунги цогидалги. Дие гьабсагIат аслияб жо буго яс сах-саламатго, дида аскIоса арайго гIадин, дихъе нахъ юссун ячIин. Диени бищунго бокьилаан гьей гьанже спортги рехун тун, хъизан-рукъалде, руччабазул яшавалде юссун чIани. Эбелалъе гьедин бокьун буго, ясалда жеги спорт рехун тезе ракIалда батиларо, лъаларо кинал нижер бергьинелали, — ян елъулаго абуна эбел Манаца.

     Нилъер тIокIлъи Квержубараб спорталъул рахъалъ дунялалъул къецазул чемпион, Хьаргаби районалъул ГIаймакиса МухIамад Маликовги вачIун вукIана Олимпиадаялда нилъер республика машгьур гьабурал спортсменалгун дандчIвазе.

    «Жакъа кIудияб рохел буго нилъер республикаялъе, Россиялъе, магIарулазе. Спорталъул бищун гвангъараб цIваян цIар чIваниги бегьила жакъа ГIабдулрашидидаги. Дагъистаналдаса спортсменаз Токиоялда босараб меседил лъабго, гIарцул кIиго ва мазгарул кIиго медаль буго жалго жидедаго чIараб хIукуматги, жидерго гимнги бугеб дунялалъул 102 пачалихъалъецин насиблъичIеб бергьенлъи. Дица ургъунго рикIкIана чан гьединаб пачалихъ бугебали. Гьеб жо кIудияб хIасилги лъугьа-бахъинги ккола. Жеги гIемерлъаги магIарулазе ва дагъистаниязе щолел бергьенлъаби. Спорталъул Олимп квегъизе цIияб къуватги тапикъги кьеги гьезие, — ян абуна М. Маликовас.

 

ЛЪАЛА, ДОБ МОЦIРОДЕ ВОРЖАНАНИГИ, ДУР ПИКРАБАЗДАСА ЭРКЕНЛЪИЛАРО

      Аэропорталде бакIарараб халкъ сабру хун балагьун чIун букIана спортсменал къватIире рачIиналъухъ. Циндаго, воре рачIине ругилан шуршур баккана. ГIадамалги кIийиде рикьизарун, гьезда гьоркьоб нух гьабуна гIадлу-низам гIуцIулел чагIаз. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги, РФялъул Эркенаб гугариялъул рахъалъ Федерациялъул нухмалъулев Михаил Мамиашвилицаги бакьулъе ккезавун вачIунев ГIабдулрашидги, гьесда хадур мухъ гьабун цогидал спортсменалги рихьана рачIунел. Киназулго берал ГIабдулрашидида тIад рукIана, киназего бокьун букIана гьесул квер босизе, цадахъ чIун сурат бахъизе. Кваранисаги квегIисаги гIадамазул квералги росун, сценаялъул бакьулъе щвана ахирги Олимпиялъул хIаязул кIицIул чемпионги цогидал спортсменалги.

   Лъала, доб моцIроде воржананиги, дур пикрабаздаса эркенлъиларо Аэропорталде бакIарараб халкъ сабру хун балагьун чIун букIана спортсменал къватIире рачIиналъухъ. Циндаго, воре рачIине ругилан шуршур баккана. ГIадамалги кIийиде рикьизарун, гьезда гьоркьоб нух гьабуна гIадлу-низам гIуцIулел чагIаз. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги, РФялъул Эркенаб гугариялъул рахъалъ Федерациялъул нухмалъулев Михаил Мамиашвилицаги бакьулъе ккезавун вачIунев ГIабдулрашидги, гьесда хадур мухъ гьабун цогидал спортсменалги рихьана рачIунел. Киназулго берал ГIабдулрашидида тIад рукIана, киназего бокьун букIана гьесул квер босизе, цадахъ чIун сурат бахъизе. Кваранисаги квегIисаги гIадамазул квералги росун, сценаялъул бакьулъе щвана ахирги Олимпиялъул хIаязул кIицIул чемпионги цогидал спортсменалги.

    Гьелдаго релълъараб гIадаб калам букIана РФялъул Эркенаб гугариялъул рахъалъ федерациялъул президент Михаил Мамиашвилилги. Гьездаса хадуб рагIи кьуна ГIабдулрашидие.

     — Хириял гьудулзаби. Токиоялда нилъер спортсменаз бихьизабуна ахираб 17 соналда жаниб бищунго лъикIаб хIасил. КIудияб тарих нахъа тана Россиялъул командаялъ Япониялда. Гьеб тарихалда жаниб цо бутIа лъезе рес щвана диеги. Сон Токиоялдаса Москваялде роржунаго, самолеталда жаниб нижер тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер Дзамбулат Тедеевас Россиялъул Олимпиялъул комитеталъул президент Станислав Поздняковасда абуна, Олимпиада къалеб къоялъ ГIабдулрашидица байрахъ кодоб ккураб мехалъ тIолабго Кавказ чIухIун ва бохун букIанилан.

   Дие абизе бокьун буго Кавказалъ ва гьелдаго цадахъ дир гьитIинаб ватIан – Дагъистаналъ, кIудияб бутIа лъунин Россиялъул тIасабищараб командаялъул хIаракаталда жанибилан. Лъабго меседил, кIиго гIарцул ва кIиго мазгарул медаль щвана нилъер гIолохъабазе исанасеб Олимпиадаялда. Анкьабго медалалъул бачIиналда рекъон борцани, чанги гучал пачалихъал нахъа тана нилъер малъгIанасеб республикаялъ. Гьеб хIужжа кIудияб ва бергьараб лъугьабахъин ккола.

    Диего гьаб Олимпиадаялда бищунго захIматаб жо ккана валагьун чIей. Ахирисел финалиял къецал тIоритIулеб къоялъ, цохIо дун вукIана цеве вахъине хутIарав чи. Дир хутIарал гьалмагъзаби, дандчIваялги лъугIун, рокъоре руссунгицин рукIана. Дида бараб жо абуни гIемераб букIана. Финалалда цере дандиясулги дирги пачалихъал, эркенаб гугариялъе щварал меседил медалазул рахъалъ ращад рукIана. Гьезулги — кIиго, нилъерги — кIиго. Киналго ралагьун чIун рукIана дир бергьенлъиялъухъ. Ва дие гьеб щвана. ТIадегIанасул ва тренеразул кумекалдалъун дие насибаб букIун буго кIиабилебги Олимпиадаялъул месед. РакI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго дир насихIатчагIи-тренеразе. Гьезул хIаракат ва дарсал рукIинчIелани, дун гьаб даражаялде вахинароан. Баркала кьезе бокьун буго гьединго дир гIага-божаразе, гьудул-гьалмагъзабазе. Гьез чIвалеб квер кибего дунгун цадахъ букIана.

    Баркала нужееги, хириял ракьцоял, гьаб багIарараб риидалил къоялъ, гьалулеб бакъукь, дунги дир гьалмагъзабиги самолёталда рачIинегIан, нижехъ балагьун чIаралъухъ. Нужер дидехун бугеб адаб ва рокьи бихьулеб буго дида ва, дунялалда чан къо баниги, дида гьеб кIоченаро. Бергьенлъаби нилъер жеги рукIина ИншаАллагь, амма бищун аслияб жо буго дур халкъалъ мун кIодо гьавулев вукIин ва гьез дур гьабулеб бугеб къимат. Баркала ва дунгIан Аллагьги разилъаги киназдасаго, — ян абуна чемпионас.

   ЧIвалеб хъатил гъугъаялдалъун жаваб гьабуна дагъистанияз ГIабдулрашидие.

   Данделъи биххун хадуб рокъове вачIунев чиясда тохлъукьего гIадин дандчIвана тIугьдузул квацIиги каранде къан ячIуней Айзанат Муртазаева. Фехтованиялъул рахъалъ Россиялъул тIаса бищараб командаялда цадахъ, тIоцебесеб нухалда Олимпиадаялда цее яхъарай гьей четвертьфиналиял къецазде щвезегIан щибго квалквал гьечIого ана. Гьениб икъбал битIичIо Айзанатие.

    ГIедегIалихъе кьурал дир суалазе жаваб кьезе лъалхъана гьей гьимулаго. ЗахIматго букIанищ Олимпиадаялда цее яхъинеян гьикъидал, гьелъ гьабуна:

    — Дун лъагIалица хIадурлъана Токиоялде ине. ЗахIматго букIинарищха, гьадин хIисаб гьабуни щибаб церерахъин захIматаб букIуна спортсменазе. Щибха гьабилеб, битIккечIоха. Хадусеб Олимпиада буго 2024 соналда Парижалда. Гьенибе ишан босун буго, ИншаАллагь гьенийниги бергьинин хьул буго, — ян бицана А. Муртазаевалъ.

  Айзанат кидаго йикIанин гьунар бугей, тирияй ясилан бицана эбел Жамиляцаги.

   ТIоцее вацгун цадахъ, анлъго сон барай чIужу спортзалалде арай гьей, ракIалдаго гьечIого ккана фехтованиялде. ТIоцебесеб къоялъго гьенив ватарав тренерас жинца ругьун гьайизе бокьилищан гьикъидал, бокьилин гьалъги абун, гьес квер кьуна гьелъухъе. Гьединлъидал гьалъул ургъизе заманго букIинчIин абила дица. Фехтованиялъ гьай жийго тIаса йищарай гIадаб жо ккана, -ян бицана гьелъул эбелалъ.

— Дагъистаналде гIемер рачIунищ нуж?

    — Рес кканщинахъе ниж гьанире рачIуна. ЦIакъ бокьула Айзанатие жиндирго ватIаналде — Хунзахъе щвезе. Амма бищунго гьелъул ракIцIалин кIодоэбелалъухъе щвезеян релъана киналго. КIодоэбел цIакъ йокьулин жиндиеян мукIурлъана жийго Айзанатги. ТIугьдузул квацIиги каранде къан, чIухIараб мерседесалда жаниеги лъугьун, ана гьей. КIодоэбелалъухъе щвезе…

Ашахан ЮСУПОВ