Фестивалалда гIахьаллъана 200 цIалдохъан

МухIамад ХIамзатов ракIалдещвеялъе

 

МахIачхъалаялда «М. ХI. ХIамзатовасул цIаралда бугеб гимназия» ЧОУялъул базаялда тIобитIана «МухIамад ХIамзатовасул мемориал» абураб республикаялъулаб шахматазул фестиваль. Гьелда гIахьаллъана 200-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан.

Къецал тIоритIана щивав шахматистасда ва командабазда гьоркьор. Командаялъулал къецазда бергьана МахIачхъалаялъул цIал­дохъабазул команда, кIиабилеб бакI щвана Дербенталъул, лъабабилеб — Гъуниб районалъул командабазе. ТIадеги гьарурал номинациязда сайгъатал кьуна ГIахьвахъ ва ГIахъуша районазул командабазеги.
Жиде-жидер къокъабазд­а ша­­гьа­ралъул командабазд­а гьор­кьор лъикIал хIасилал кка­­­на Ма­хIачхъалаялъул вакилза­би — ва­сазда гьоркьоб — Элдар Му­хIа­ма­довасул, ясазда гьоркьоб – Саида МухIамадовалъул; каде­тазда гьоркьоб (2008 соналда гьа­рурал ва жеги гьитIинал): Тай­маз Темирбеговасул ва Ума Къу­рахIмаевалъул; районалъул ко­мандабазул вакилзаби – Ислам МахIмудовасул (Догъузпара), Ман­сур ХIадисовасул (Буйнакск), Диа­на Билаловалъул ва ИзахIат ГIалиевалъул (ГIахьвахъ район). Призалъулал бакIал ккурал командабазе кьуна кубокал ва дипломал, хасал къецазда призалъулал бакIал ккуразе — ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул рахъалдасан грамотаби, медалал ва ХIамзатовазул хъизамалъул рахъал­дасан – гIар­цулал сайгъатал.
Турниралъул хIасилазда ре­къон тIоцебесеб микьго командаялъе рес щвана «М. ХI. ХIамзатовасул мемориал» абураб, августалда тIобитIизе бугеб, халкъазда гьоркьосеб шахматазул фестивалалда гIахьаллъизе.

Кубок — Америкаялъул командаялъе
Финалалда дандчIвана СШАялъул ва Азербайжаналъул гугарухъаби

Къецазда гIахьаллъичIо Россиялъул ва Ираналъул гугарухъаби. Америкаялъул Айва-Сити шагьаралда эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул Кубокалъе гIоло тIоритIарал къецазда 7-8 апрелалда рукIана къокъабазулаб бутIаялъул матчал. Къецал тIоритIараб тIоцебесеб къоялъ бищунго лъикI гугарарав американав Кайл Дейница (79 кг), аслияб заман лъугIилелдего, киналго дандчIваязда бергьенлъаби росана.

Россиялъул ва дунялалъул кубокалъе гIоло тIобитIараб ахирисеб анлъго къецалда бергьарал Ираналъул гугарухъабазе СШАялде ине рес ккечIониги (гьезие визаби кьезе Америкаялъ инкар гьабуна политикиял гIиллабазда бан), бакIалъул гIадамазе къецазул кIудияб интерес букIана. Къецал рагьулаго кIалъазе вахъарав UWWялъул президент Ненад Лаловичас абуна батIи-батIиял улкабазул спортсменазда гьоркьоб къецазда гьудуллъиялъул ва цолъи­ялъул рахъалъ олимпиялъул къагIидаби цIунизе ккелилан ва политикиял гIиллабазе гIоло гьезда гьоркьоб рикьи ккезе биччазе бегьуларилан. UWWялъул бетIерас гьедин лъазабиялъе гIилла буго халкъазда гьоркьосеб спортивияб багъа-бачариялда гьоркьоб рикьи ккезабизе политиказ гьабулеб хIалбихьи.
Къокъабазулаб бутIаялъул матчазул финалалда «А» къокъаялда бергьарал СШАялъул гугарухъаби гугарана «Б» къокъаялда бергьарал Азербайжаналъул спортсменалгун. Гьелги къецазде рачIун рукIана къуватаб командагун.
6:4 хIисабгун бергьана ва кубок щвана СШАялъул командаялъе. Амма гьеб бергьенлъиялъул къимат дагьабго гIодобе кканин абизе бегьула аслиял ва къуватал дандиял — Россиялъул ва Ираналъул гугарухъабазул командаби дунялалъул кубокалъе гIоло къецазда гIахьаллъичIолъиялъ.
Мазгарул призераллъун рахъана кубаялъулаздаса бергьарал Япониялъул гугарухъаби.

«Спартакалъул» ракIчIараб бергьенлъи

Премьер-лигаялда футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 25-абилеб туралда Анжи Аренаялда «Анжи» хIана Москваялъул «Спартак» командагун.
Абизе бегьула, гьеб хIаялъул хIасил тIоцебесеб таймалдаго лъалеб букIанилан. Матч байбихьун 30 минут инелдего, «Спартакалъ» «Анжиялъул» кавабахъе торгIо кьабуна лъабцIул. Амма махIачхъалаялъулазе къуркьизе бокьун букIинчIо. ТIоцебесеб таймалъул ахиралда Хуан Лесканоца гьалбадерил кавабахъе торгIо кьабуна ва гьелъ «Анжиялъул» дагьабго хьул бижизабуна хIасил лъикIаб ккеялде. Амма кIиабилеб таймалъул байбихьудаго спартакалъулаз, цоги торгIоги кьабун, хIисаб цIикIкIинабуна – 1:4. Гьедин, хIай лъугIана «Спартака­лъул» ракIчIараб бергьенлъиялдалъун. «Анжиялъул» хадусеб матч букIине буго 14 апрелалда Санкт-Петербургалъул «Зенит» командагун.