Хунзахъа спортсменка – Токиоялда

 

 

     Гьал къоязда лъана, июлалъул ахиралда, Токиоялда тIобитIизе бугеб Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъулел фехтованиялъул рахъалъ Россиялъул тIаса бищараб командаялъул сияхI. Гьезда гъорлъ йиго нилъер ракьцояй, Хунзахъ районалъул Хунзахъ росулъа Айзанат Муртазаеваги.

   Айзанатил гIумрудул буго 20 сон. Анкьго соналъ цебе, ай 2014 соналда, Нижегородалъулаб областалъул Арзамас шагьаралда тIоритIарал къецазда жеги 15 сонцин бачIей гьелъие щун букIана меседил медаль

    «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъги ракI-ракIалъ баркула Айзанатида, улкаялъул тIаса бищараб командаялда цадахъ Олимпиадалъул къецазда гIахьаллъизе щвей.

    Фехтование гIемерав чиясул тIаде ракI цIалеб, гIезегIан берцинаб спортивияб тайпа ккола. Хал- къазда гьоркьосеб Олимпиялъул комитеталъул нухмалъулев Томас Бахги ккола гьеб спортивияб тайпаялъул вакил.

   Допингазда дандечIарал халкъазда гьоркьосеб идараялъ нилъер пачалихъалъе гьукъа-къаял лъазаруниги, хьул буго Айзанатги бергьенлъигун нахъ юссинин Япониялъул тахшагьаралдасаян.

 

А. ЮСУПОВ