Бергьенлъабигун тIадруссана

«Дан Колов ва Никола Петров» мемориалалда анкьго  меседил медаль щвана дагъистаниязе

 

Болгариялъул тахшагьар Софиялда тIобитIана гугариялъул рахъалъ «Дан Колов ва Никола Петров» мемориал. Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ цеве вахъарав анкьго спортсмен тIадвуссана рехсараб турниралдаса меседил медалалгун: Заур Угуев (57 кг), ХIажимурад Рашидов (65 кг), Иляс Бекбулатов (70 кг), АхIмад ХIажимухIамадов (79 кг), Артур Найфонов (86) ва ГIабдурашид Садулаев (92 кг). Абизе ккола, гьезда гьоркьоса щугояв вукIанин Дагъистаналдаса. ГIарцул медалазе мустахIикълъана Мурадин Кушховги (125 кг) Алан Засеевги (79 кг). «Дан Колов ва Никола Петров» мемориалалдаса мазгарул медалалгун тIадруссана МухIамадхIабиб КъадимухIамадов (74 кг) ва Расул МухIамадов (97 кг).
Италиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ цеве вахъунев дагъистанияв Шамил КIудиямухIамадовасги гIей гьабуна мазгарул медалалда. Абулеб букIана, цебегоялдаса нахъе бохалъе сакъатлъи ккун букIиналда бан, Шамил Болгариялде инчIого вукIинеги бегьулин. Амма тренерасул изнуялдалъун гIахьаллъана КIудиямухIамадов мемориалалда.
Гьебго Италиялъул командаялда гъорлъ цеве вахъунев кубаялъулав Франк Чамизо бергьана Софиялда.
«Дан Колов ва Никола Петров» мемориалалда бищунго берцинаб ва ракIчIараб гугари бихьизабуна ГIабдурашид Садулаевас. Дандияздаса гьев бергьана 37:0 хIисабгун, ай ункъо речIчIиялда щвана гьесие гьел баллал.
Руччабазда гьоркьоб эркенаб гугариялъул рахъалъ гIарцул медалалъе мустахIикълъана Милана Дадашева (50 кг). Финалалда гьей къуна лъабго нухалъ Олимпиялъул призер, дунялалъул чемпионка Азербайжаналъул рахъалдасан цее яхъуней украинай Мария Страдникидаса.
Грек-рим гугариялъул тайпаялъул рахъалъ «Дан Коловасул ва Никола Петровасул» мемориалалъул чемпионлъун вахъана Азербайжаналдаса магIарулав Расул Чунаев. Рио-де-Жанейроялъул Олимпиадаялъул мазгарул призер, 2015 соналъул Европаялъул хIаязул ва Казаналда букIараб Универсиадаялъул чемпион Расул гьавуна ва гIуна Азербайжаналда.