2020 соналъул бищун лъикIал спортсменал ва тренерал

Гугарухъабазгун боксераз, хасго ГIабдурашид СагIадулаевас, Шамил Шариповас, Муслим ХIажимухIамадовас, СагIадат ТIалхIатовалъ, Зенфира МухIамадгIалиевалъ исана рихьизаруна цIакъго лъикIал хIасилал. Гьел бергьана батIи-батIиял турниразда ва чемпионатазда. Амма ХIабиб НурмухIамадовасул даражаялде гьел рахинчIин абуни, гьереси букIинаро. 

 ХIабибие UFC гIуцIиялъул иргадулаб къеркьеялда щвараб бергьенлъи букIана хасаб, гьелъулъ букIана батIияб гугьар. Дунялго хIайран гьабураб инсулги васасулги къисаялъе ахир лъуна гьес Абу-Дабия-лъул октагоналда. Гьев лъолев вуго нижеца бищунго лъикIал, къуватал спортсменазул рейтингалъул тIоцебесеб бакIалдаги. Исана Олимпиялъул хIаял тIоритIаралани ва гьезда чемпионлъун вахъаравани, ХIабибида аскIов лъезе бегьилаан ГIабдурашид СагIадулаевги. ГьабсагIаталда гьев нижеда вихьула кIиабилеб бакIалда. Рейтингалъул лъабабилеб ба-кIалда лъолел руго Муслим ХIажимухIамадовгун СагIадат ТIалхIатова. 

Исана машгьурлъи щварал, халкъалъ унго-унголъунги къабул гьарурал спортсменазда гьоркьов тIоцебесеб бакIалда нижеца лъуна гугарухъан Шамил Шарипов. КIиабилеб бакI ккуна футболист МухIамад-Шапи Сулеймановас. Лъабабилеб бакI кьуна гугарухъан Къурбан Шираевасе.

Тренеразда гьоркьоб «ХIакъи-къаталъ» гIуцIараб рейтингалда тIоцебесеб бакI ккуна ГIабдулма-нап НурмухIамадовас. Гьелъие гIилла, бицинчIониги, бичIчIула. ХIабибидаса байбихьун гьесул нухмалъиялда гъоркь ругьун гьарулел рукIарал спортсменаз жал гIахьаллъарал гIемерисел турниразда росана бергьенлъаби, ккуна призалъулал бакIал. ХIабибил бергьенлъиялъин абуни хIайран гьабуна тIолабго дунялго.
КIиабилеб бакI нижеца кьуна Дагъистаналъул гугариялъул федерациялъул президент, республикаялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тIаса бищараб командаялъул тренерлъун вукIарав Сажид Сажидовасе. Дагьав цевегIан тренерлъиялдаса нахъе аниги, исана нилъер спорт-сменазе, командаялъе батIи-батIиял чемпионатазда щварал бергьенлъаби ккола гьесул хIалтIул хIасил.
Рейтингалъул лъабабилеб бакIалда лъуна ДРялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ тIаса бищараб командаялъул кIудияв тренер ХIайдар ХIайдаров. Сажид Сажидовасда хьолбохъ эхетун эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъул тIаса бищараб команда, цереккун кидаго рукIинчIел гIадинал бергьенлъабазде бачана гьесги.
Гьединго нижер рейтингалда лъабабилеб бакIалъе мустахIикъ-лъана регбиялъул рахъалъ бихьиназда ва руччабазда гьоркьоб ДРялъул тIаса бищараб командаялъул тренерал МухIамад ХIажимухIамадовгун Забия Мажидова. Гьезул нухмалъиялда гъоркь нилъер командаби рахъана Екатеринбургалда букIараб Универсиадаялъул чемпионаллъун.