СагIаду-хIажиясул МухIамад-Афанди (къ.с) (1915-1995)

Устарзабазул изну кодосев къутIбу СагIаду-хIажиясул МухIамад гьавуна гIалимчи СагIаду-хIажиясул хъизамалда. СагIаду-хIажиявги вукIана хIежги борхарав, жинца устарлъиялъе кьураб изнуги бахчарав лъикIав гIалимчи. ГьитIинго малъана гьес жиндирго вас МухIамадида Къуръан ва гIелму. Росулъ гIелму цIализе санагIатги ккечIого, СагIаду- хIажияс вас витIана КIаратIа мадрасалда цIализе. СагIаду-хIажиясул МухIамадги МухIамад ЯгIсубиясул Расулги гьалбадерица балъго рокъ- ор хьихьун цIализарулел рукIана.

 

КIаратIаса тIад вуссун хадуб СагIаду-хIажияс васасда абун буго: «МухIамад, мун вуго дир ункъо ясалда гьоркьов вугев цо вас. Дие бокьун букIана дур гIалимчи ва- хъинавизе. Щвараб гIелмуялда дуца гIамал гьабуни, гьебги дуе гIела. Амма тIарикъаталде гьуинлъиги машаихзабазде рокьиги гьечIев лъугьинев ватани мун, валлагьги бокьила дие вукIуналдаса гьечIого вукIине, биллагьги бокьила вукIуналдаса гьечIого вукIине, таллагьги бокьила вукIуналдаса гьечIого вукIине», — абун.

 

Цо къоялъ СагIаду-хIажиясда батун буго васас жиндасаго балъго босун нахъе лъураб таманча. Щай гьеб босарабилан инсуца гьикъидал, МухIамадица абун буго аскIов чIезе вацги гьечIелъул, къо ккараб мехалъ букIине босун букIанилан. Цинги СагIаду-хIажияс васасда абун буго: «Вилъа, дуца вихьизаве живго хIалихьатав вукIун яргъица вахъинавурав бахIарчи. Бищунго лъикIаб ярагъ буго дуего бокьулареб жо чияе гьабичIого тей, ин ша Аллагь чияца гьабураб дуцаги хIехьезе ккеларо», — абун. Гьелдаса заманго балалде рузманалде унаго нухда хун ватана СагIаду-хIажи. Гьоркьоб заманго иналде эбелалдасаги ратIалъана МухIамадги ункъайго яцги. Гьеб мехалъ ана 15 сон барав МухIамад тIоцеве КъахIиса ХIасан- афандиясухъе (къ.с.). Гьев мубаракас гIажаиблъи гьабун гьикъана: «Я, дир вас, дур эменги гьечIо, эбелги гьечIо, Мун гьаниве витIизе чиги гьечIо, кингIаги дуда гьаниве вачIине лъараб?» — абун.

 

 

МухIамадица абуна дида тIехьалда батанин хварал эбел-инсул адаб гьабилъун кколин гьезие рокьа- рал рокьи, гьезда рихарал рихин. Инсуе хириял чагIи нуж рукIиндал вачIанилан. ХIасан-афанди (къ.с.) цIакъ вохана. Гьикъизе чи гьечIев МухIамадида гьев мубаракас малъана кинабго жо истихаралдалъун гьабеян. Гьелдаса нахъе ХIасан устарасул (къ.с.) рокъоса чилъун лъугьана МухIамад. Устарасухъе рачIунел чагIазда гъорлъ жиндаса гьитIинав чи вукIинчIилан бицунаан МухIамадица. ХIасан устар (къ.с.) ккун вачун ун хадуб СагIаду- хIажиясул МухIамад ЗанатIаса Шейхул Исламгун цадахъ хьвадана КъахIиве МухIаммадгIарипихъе (къ.с.) ва цогидал росабалъ ругел гIалимзабазухъе. ГьитIинго тIадчIана гIелмуялда ва тIарикъаталда, хIасилалда гIолохъанго тIадегIанаб макъамалде вахана. Гьев вукIана 10-15 соналъ жиндир баракат щваяв КъахIиса МухIамадгIарип-афандияс (къ.с.) цIализавурав чи. Мубарак гIемерав щолаан Гьандихъе — ХIумайд-афандиясухъе (къ.с.), ГIуриве — ХIусенил МухIамад- афандиясухъе (къ.с.), Лъахъе — ХIамзат-афандиясухъе (къ.с.) ва цогидалги бакIазде. СагIаду-хIажиясул МухIамадие (къ.с.) изну кьуна КъахIиса МухIамадгIарип-афандияс (къ.с.) ва Инхоса ГIабдулхIамид- афандияс (къ.с.), амма гьес гьеб живго хвезегIан балъго гьабуна. Гьелъие гIиллаги букIана даража щвей гуребги, доб заманалда кутакаб рагъ балеб букIана диналда данде ва гIакъуба кьолеб букIана диниял церехъабазе.

 

ТIарикъаталъул киналго муракъаби-макъамал Гьандихъа ХIумайд- афандияс (къ.с.) лъугIизаруна СагIаду-хIажиясул МухIамадил.

 

 

КIикъоялда анцIабилел соназдаса байбихьун КъахIиса МухIамадгIарипицаги (къ.с.) МухIамад-афандиясги (къ.с.) кIудияб хIалтIи гьабуна Дагъистаналда ислам цIунун хутIиялъе ва тIарикъат цебетIеялъе. Кир гIелму цIалулел чагIи ругилан рагIаниги, гьезухъе кумекалъулаб квер бегьулаан гьел мубараказ.

 

Хасго щулияб вацлъиги гьудуллъиги букIана МухIамад-афандиясул (къ.с.) Сасикьа ХIусен устарасулгун (къ.с.). Гьединабго вацлъи букIана гьесул магIаруллъиялдаго рагIарал гIалимзаби Къородаса ГIабдулгъапурилгун, ГIасаса ИчIилгIалил МухIамадилгун, ЗанатIаса Шейхул Исламилгун, Кудалиса МухIамадилгун, ГьоцIалъа ХIажиясул МухIамадилгун ва ГIабдулмажидил МухIамадилгун.

 

 

СагIаду-хIажиясул МухIамад (къ.с.) вукIана исламалъ живги жинца исламги берцин гьабураб хьвада- чIвадиялъул чи. Щиб жо исламалъ беццаниги гьесда берцин бихьулаан, щиб жо гьукъаниги гьебги рихунаан. Гьев вукIана цIакъго напс гьечIев чи. ЦIакъ бокьулароан мубаракасе машгьурлъи. Гьелъие нугIлъи гьабула ГьоцIалъа ГIабдулмажидил МухIамадихъе хъвараб гьесул кагътида ругел гьадинал мухъазги.

                          

                            Дун агьлулъун гьечIеб

                                            лъикIаб цIарги лъун,

                            РахIат толеб гьечIо дие гIадамаз.

                            Дидаги лъалареб,

                                                       дунги лъалареб,

                            Цо рукъалъул бокIон

                                                           анищан вуго.

 

 

СагIаду-хIажиясул МухIамад (къ.с.) гIумруялдаса ватIалъана 1995 соналъул 24 июлалда, гIумруялъул 80 сон бараб мехалъ.

Зиярат буго жиндирго гIагараб росулъ. Вукъун вуго «ГохIда» абулел хабалалъ.