ХутIрахъ росдал гIалимзаби

ЦIунтIа районалда исламияб дин тIибитIизабизе байбихьидал, хутIрахъдерица ва асахъдерица бищун ахиралда босана гьеб. Амма диналъул рахъалъ хутIрахъдерил жамагIаталъул гIадамал рукIана ва гьабсагIаталдаги руго бищун церетIураллъун. Гьединазул цояв ккола ХутIрахъа ХIамзатги.

 

 

ХIамзат

Инсул тIадчIеялдалъун, ХIамзат цIалана Болъихъ, ГIанди, Гъагъ­алъ, ГIашали, Инхо, Шодрода, АнсалтIа, РахатIа, Сугъралъ ва ХIариколо росабалъ. Цо пуланаб къоялъ Болъихъе Дагъистаналъул ичIго гIалим вачIана ХIамзатил имтихIан гьабизе. ХIамзатида све­рухъ горги гьабун, щивас кьуна батIи-батIияб суал. ХIамзатица гьезул щибалъе жаваб кьуна, ко­добе тIехь босичIого, Къуръан рагьичIого. БахIсалъе рачIарал гIолохъабазе баянлъана ХIамзат къуватав гIалимчи вукIин. Цинги гьес гьезда цIехана, тIокIаб суал батичIони, дир ругин нужее кьезе суалалилан. Воре, ХIамзат, кьо­геянги абун, хъващтIан тIадеги рахъун, сабурго къватIире ана ва мугIалимасда абуна: «Гьанжеги хахе гIелму, ХIамзат», — ан. Гьеб къоялдаса нахъе ХIамзатие щун буго «Хахи» абураб тIокIцIарги.

40 сон тIубалеб мехалъ ХIамзатил эбел-инсуца дагIба балаан, чIужу ячиналъул хIакъалъулъ. Гьес эбелалда гьадин абула: «Эбел, мун гIедегIуге, ихдада бак­кула тIегь, хасало тIагIуна, ясал камуларо», — ян. Гьес лъадилъун ячана 16 сон барай ХутIрахъ ро­сулъа ГъазимухIамадил яс Хади­жат ва гьезие гьавуна кIиго вас.

 

 

Совет хIукуматалъ динал­де данде питна байбихьизегIан, ХутIрахъа Хахи-ХIамзат тIадчIана гIелму лъазабиялда. ХIариколо мадрасалда цIалулаго, 1924 со­налдаса 1927 соналде щвезегIан, ХIамзатица мугIалимлъи гьабуна 30-35 чиясе.

Ахир-къадги, щибго жоги ре­хун тун, жиндирго кули бугеб «ЦIобеснокь» абулеб бакIалда нохъодаги вахчун, анкьго сон бана Хахи-ХIамзатица, гIибадат гьабу­лаго. Нохъода вукIаго анкьго со­налъ ХIамзатица хъварал назмаби, гьарурал хъвай-хъвагIаял ва ди­налъул таржамаби щвечIо насла­базухъе щайин абуни, милициялъ сверунги ккун, досул кулиги нохъ­оги бухIана, амма живго ХIамзат милициялъул берзукьа тIагIана.

 

 

1937 соналда милициялъ ки­набго халкъ ахIула Шаури-Эчеда нух бахъулеб бакIалде хIалтIизе. ГIадамал ракIарула мокъокъде­рил ЧIекух майданалде. Гьениб 60 гIалимчиясул цIар ахIула, гьезда гьоркьор: ХутIрахъа Хахи- ХIамзатил, Кидироса Пахрудинил ва Хъуприса АхIмад-Дибирил. Гьеб къоялъго Шаури туснахъ гьавуна 36 гIалимчи. Анкьго сон ун хадуб, ай 1943 соналда Сталин­град шагьаралда Хахи-ХIамзат хванилан пашманаб хабар щола гIагарлъиялъухъе.

 

 

Загьир

ХутIрахъа Загьир Мусаев гьа­вуна 1952 соналда. Гьесул эмен Окиев Мусаги гьесул вацал За­каря ва МухIамадги рукIана цIаларал чагIи. Закарял васал МухIамадкамилие ва Ражабие щвана щулияб гIелму. Ражабин абуни ккола Россиялъул эркенаб гугариялъул рахъалъ спорталъ­ул мастер. Гьев хIалтIулев вуго ХутIрахъ росдал школалъул ди­ректорлъун. Загьирил вац гьабсагIаталда хIалтIулев вуго Гъиз­ляр районалъул Шаумян росдал имамлъун.

1979 соналда КIилъартIа росдал школалда 10 классги лъугIизабун, Загьир цIализе лъугьана Ташкен­талда бугеб исламияб институтал­де. 1983 соналда тIадвуссана Дагъ­истаналде. Гьебго соналъ тIамуна ДУМДалъул Северияб Кавказал­да бугеб Бусурбабазул улкабазул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулевлъун ва таржамачилъун. Гьеб хIалтIуда Загьир вукIана 7-8 соналъ. 1991 соналда Загьир ана Тунисалъул пачалихъияб «Зейтун» универ­ситеталда цIализе. 1994 соналда, гьебги лъугIизабун, тIад вуссана Дагъистаналде.

 

 

Хадубккун хIалтIана Дини­яб идараялда таржамачилъун. Цинги росуцояз Загьир вищула хутIрахъдерица гIумру гьабулеб Шаумян росдал мажгиталъул имамлъун. Гьенив хIалтIулаго, Загьирица росуцоязе бана цIияб мажгит ва рагьана лъималазе ма­драса. Загьирица имамлъи гьабуна 20 соналъ. 2014 соналда, Загьирил сахлъи загIиплъиялда бан, имам­лъун вищана гьесул вац.

АнкьцIул хIеж борхарав За­гьирил рокъоб буго гIелмиял тIахьазул бечедаб библиотека. Щибаб рузманалдаса хадуб дагIваталде гьенире ракIарула цIаларал гIадамал.

 

 

Загьирил вуго ункъо вас. КIудияв вас МухIамадица лъугIизабуна Астраханалда медакаде­мия, Москваялда интернатура ва гьабсагIаталда хIалтIулев вуго Москваялъул цо больницаялда терапевтлъун. Бищун гьитIинав вас Мусаца лъугIизабуна ДГУ ва хIалтIулев вуго Пенза шагьарал­да ДЮСШялъул кикбоксингалъул тренерлъун. Муса ккола кикбоксингалъул рахъалъ Россиялъул кIицIул чемпион ва спорталъул мастер.