ТIадчагIазул иман- халкъалъул талихI

Исанасеб кIалбиччанкъоялъ цIунизе ккараб гIадатияб гуреб ни­зам гIемерав чияс батIибатIияб къагIидаялъ загьир гьабуна. Дир хIисабалда, тIолабго дунялалда пашманлъи тIибитIараб гьаб замана­ялъ, рокъоб гIидалъул къо тIобитIигьеб магIу гьабизе ккараб захIмалъи гуро. Гьеб къоялъ, хIалтIул жавабчилъи цIикIкIиналъ, рокъоре ракки­зе щвечIелги, рукъго гьечIелги, рикъзи къанагIаталги бусурбаби да­гьал гьечIелъул ракьалда. Сабруго хварал магIаби тIиритIизаричIого, ракIазе бигьалъи кьолеб каламалъулго кири гIемер букIинаан.

 

 

РекIелъ иман бугони

АльхIамдулиллагь, цIикIкIарасеб халкъ гIакъилазда цадахъ билълъа­на. Щивас рокъоб байрамалъул теп­сиги гIуцIун, имамзабазул ахIиги гIадахъ босун, берцинго тIобитIана гьеб къо магIарухъги. Узухъда, рукIана ва руго захIмалъабиги. Ки­налго росабалъ гурелъулха ругел халкъалъе хIажатаб нигIмат бичу­лел тукаби. ГIемерисел гIадамал райцентралде ине ккола нигIматазда хадур. Росулъа къватIиве яги жаниве чи виччалареб мехалъ, киса босилеб хIажатабщинаб? Гьеб суал масъала­ялде сверизе течIого тIубазабулеб буго жидерго жамагIаталъул жаваб­чилъи тIаде босулел бегавулзабаз.

Мисалалъе, Шамил районалъул райцентралдаса бищунго рикIкIадазул цоял руго къелдерил ро­саби. Гьезул анлъабго росу жанибе бачуна Ругъелда росдал админи­страциялъ. Жиндир-чияр росу батIа бахъичIого, киса-кибего цокIалаб тIалаб чIезаби, гьеб бегавуласул бичIчIиялда бараб букIинарищха. Хасго гьадинаб къварилъи тIаде рещтIараб мех буго гьезул жаваб­чилъиялъул хIалбихьулеб заман. Къелдерил росабалъ бугеб ахIвал- хIал цIехолаго, гьадинаб жаваб щвана гьезул жамагIаталъул рахъалдасан:

 

«ТIад тарав чиясе мукIурлъула рекIелъ иман бугев чи, гьес гье­зул тIалаб битIун къабулги гьабула. Къелдерил анлъабго росулъ жакъа росдал бегавуласги имамзабазги гьа­бураб хIукмуялъухъ гIенеккуларев чиго ватиларо.

Росабалъа къватIире-жанире чIалгIаде хьвадизе бегьунгутIи бичIчIизабун буго жамагIатазда. Гьеб хьвади гьукъиялъе хъаравул­лъиги лъун буго администрациялъ. Мисалалъе, райцентралде — нахъе эркенго хьвадизе рес гьечIолъиялда бан, «Инсан» фондалъул филиалалъ ва администрациялъ жамагIатазе хIажатал киналгIаги нигIматал рач­чизе хасаб транспорт чIезабун буго. Кинавго чиясе рес буго къваригIараб дару-дарманалъулги, кванил нигIматазулги сияхI бахъун, гьелъул жа­вабчилъи тIадкъарав хасав чиясухъе кьезе. Анкьида жаниб кIиго ну­халъниги гIадамазе хIажатабщинаб бачIуна росабалъе. Щибаб рукъалъ­ул тIалаб буго администрациялъул жавабчилъиялда гъоркь. Цогидалъ­ул бицинчIого, газалъул балоналцин цIезарун рачIунел руго росабалъе.

Рагъул заманаялъ гIадаб низа­малда хIалтIулел руго жакъа нижер бегавул ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовги гьесул заместитель ГIалиасхIаб МухIамадовги. Гьезие кIудияб квербакъи буго имамазабазул, щибаб росулъ рищарал жамгIиял хIаракатчагIазул. Иман ка­милав чи бегавул вукIиналъулъги батила кIудияб баракат бугеб къел­дерил халкъалъе..

 

Пашманлъи рещтIуна  гIасилъи бихьун

Исана кIалбиччанкъо тIолалго бусурбабазул цого къагIидаялъ — рокъоб, хъизаналъул горсверулъ ана. Цогидаб мехалъин абуни, щи­баб бакIалда жидерго хаслъигун тIобитIула гьеб, тIолгоязе къиматаб байрам.

КIалбиччанкъоялъ росу-ракьалда­са кигIан рикIкIада яшав гьабун ру­гезги хIаракат бахъула умумузул ха­бада дугIа гьабизе, цIикIкIаразухъе, унтаразухъе, гIага-божаразухъе щвезе магIарухъе рачIине. Нилъеда лъала, гьеб къо гIагарлъулаго, шагьа­раздаса мугIрузде букIунеб маши­набазул чваххи. ХIикматаб рохелги гIажаибаб пашманлъиги рещтIуна бусурбабазул ракIазулъ гьеб къоялъ. Пашманлъи — хварал ракIалде щун, гьабичIого хутIараб гIибадаталда ракI бухIун, рохел — рокьулелщинал рихьун, рекIее къабулаб хIалалъ са­дакъа гьабизе щун. Пайда щиб, щи­баб лъикIлъиялде рагIад рехулеб квешаб рахъги камуларелъул. Нилъ­ер гIемераз гьеб бихьичIеб ххвел гьабун тола.

 

Пашманлъи рохалидаса бер­гьуна, гьеб хирияб къоялъ кIи- гьумерчилъи, иманалъул загIиплъи, къокъго абуни, инсанасул гIасилъи бихьун. КIал биччарабго гьакъли­де руссунелги загIипал гIадамал камулел гьечIелъул. Росу бахилаб гIамалалъул гIолохъанчи гIодове къулула, гIидалъул къо ахирал­де щвелелде мехталил риччалъ цIикIкIарав вац вихьун, гьесда аман гьарулей эбелалъул бадиб магIу бакъваларо, лъадулгун росасул ро­кьукъаб хабар халат бахъуна. Гьеди­нав инсудаса лъималазе бугеб бара­кат бахъунеб мисалалъул бицинего ккелищха. ЩайгIаги мун росулъе вачIарав, лъарагIлъиялъул эркен­лъиялде ругьунлъарав магIарулав, гьаб хирияб къоялъ Аллагьас кьу­раб алжанул гIаркьел гIадаб гьай­батаб тIабигIат чорок гьабизе гIаракъидул шушбиги цадахъ росун?! Гьеб питнагун мунагь бекьулеб ке­палда гIолохъаби рихьаниги, гьезие вагIза-насихIат гьабуларелги росаби руго нилъер. Щал чагIиха кколел росдал тIалаб гьабизе тарав бега­вул, имам, дибир?! Кир нуж ругел, жамагIатчагIи?! Гьал суалазе жаваб щвезе бокьаразе лъикIаб мисал би­хьизабулелги руго бакIал.

 

Къелдерил кIалбиччанкъоялъул цIияб гIадат

Къелдерил анлъабго росу жаниб парахалъараб ракь Шамил районал­даго бищун тIабигIат берцинаблъун рикIкIуна. Гьединабго берцинаб гIамал-хасияталъул халкъги буго гьениб. ГIадатазул хаслъиялъул ва гьобол хиралъиялъул рахъалъги тIокIлъи босараб бакI буго гьеб.

Исана анцIабилеб сон буго къел­дерил жамагIаталъ бегавуласул иш, гIелмугун гIамал рекъарав гIолохъанчи ГьитIинамухIамад ГьитIинамухIамадовасда тIадкъаралдаса. Щи­баб росдае хIажаталъул тIалабазда къаси-къадлъи гьечIого векерулев гьесда рекъечIеблъун, жамагIаталъул гIуцIиялъе заралияблъун бихьана кIалбиччанкъоялъул къаде нахъе гIолохъаби тIабигIаталде рахъун, бакI-бакIалда гIуцIулеб квана-гьекъей. Рекъараблъун бихьана гьесда, анлъабго росдал жамагIатал дан­делъулеб къоялъ, административияб центрлъун бугеб Ругъелда росулъ кIудияб мажлис тIобитIизе.

 

Мурад — жамагIат гъунки, роса­базда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIин, заралияб пишаялдаса гIолохъаби нахъе цIай. Бегавуласда цадахъ­го мажлисалъул жавабчилъи тIаде босана росабазул имамзабаз, жамагIатчагIаз. Санайил, мажлисал­де хIадурлъулаго, росабалъ лъазару­ла исламалъул кьучI щула гьабулел конкурсал. Гьенир гIахьаллъаразе щола, жидерго какгун кIал камил­лъи гуребги, жамагIаталъул ис­ламиял хIажалъаби тIуразаризе чара гьечIеб лъайги. Конкурсалда гIахьаллъаразе ва бищунго лъикIал хIасилал рихьизарурал командабазе сайгъатазе мажлис гIуцIараз санай­илго гIарцулал сурсаталги чIезарула.

ТIоцебе гьеб мажлис тIобитIана 2011 соналъул кIалбиччанкъоялъул къаси. Дагъистаналдаго машгьурал исламиял гIалимзаби ахIун рукIана гьенире. Мажлисалда гIахьаллъарав, нилъее баракатгун шафагIат щваяв гIалим, мунагьал чураяв Бакълъухъа ГIабдулгъафурил МухIаммадица гьабураб вагIза-насихIат биун рекIелъе инчIев чи нагагьги хутIун ва­тила: «..Цо чи живго жиндаго чIун тIубалареб, вацлъиги, цолъиги, гьу­дул-гьалмагълъиги къваригIунеб жо буго дуниял. Дунялалъул рукъ нилъее лъугьунеб буго ахираталъе бекьулеб хурлъун. Аллагьасдаса хIинкъун, рекIелъ бугеб иманалъе гIоло гьабураб гурони, дунялалъул ишазе гIоло гьабураб вацлъи, гьудуллъи, данделъи нилъеда ахираталъул рокъоб батулеб гьечIо. Нилъеца шаригIаталъе, гIадамазе лъикIлъиялъе, гьезул ракIал цо гьариялъе, дини­яб гIамал-тIабигIат мисаллъун букIиналъе гьабураб мажлисалъ азарго цогидаб, ай исламияб гуреб, баракат кьолареб мажлис чурулеб буго. Дуниялалъул рокъоб хайиралъе, кепалъе тIоритIулел мажлисазда гIахьаллъарал ахираталда цоцазе тушбабилъун рукIунин абун буго, амма гьадинал мажлисазда гIахьаллъарал ахираталда Аллагьасда аскIор цоял-цоязе шафагIаталъеги рукIунел руго..»

 

КIалбиччанкъо бугониги, къватIисан хIурматиял гьалбал гIемер рачIуна гьенире санайилго. ГанчIил ракI бугевги чиясулъ иман цIилъилин ккарал вагIзабиги, нухго гьечIеб кьурулъ къосарасе шагьранух рагьу­лел насихIаталги рагIула гьенир дан­делъаразда.

Къелдерил хасияталъулъ бищун берцинаблъун бихьула цоял цогидазухъ гIенекки, дун цIакъавин лъугьинчIого, лъикIаб иш гьабулесда нахърилълъин, цоцае квербакъи. Гьеб загьирлъула ригьналъ, гвая­зулъ, къварилъи ккаралъуб. ГIаммаб ишалъулъ гьез лъолеб кIудияб бутIа баянго бихьула тартибалда гIуцIарал чIахIиял тадбиразда. КIалбиччанкъоялъ гIадатлъун билълъараб тадбирги гIицIго диналъул бицарал вагIзабаздалъун къокълъуларо. Байрамалъул программа гIуцIун букIуна культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагIи, школлъимал, гIолилазул жамгIиял гIуцIаби, хIатта ясли- ахазул гьитIичалгицин гьоркьоре рачун.

 

Театралиял сценкаби, къецал, миллиял музыкалиял алатазда ватIан бокьиялъул темаялда ахIулел кучIдул, гIахьалчагIазе рикьулел сайгъатал — кинабго рекъезабун гIуцIараб камилаб тадбир. Гьеб буго къелдерил церехъабазул бергьенлъи, жамагIаталъул бечелъи. Исанасеб байрамалъул ками, кIвар, кIодолъи цIакъго бичIчIун батила къелдерида.

РакI унтун гьабураб кинабго ишалда рекIее рохел кьолеб нур букIуна. Гьединабго нур бесса­рал рукIуна мугIрул ракьанда ру­гел гIисиналго росабазул гIадамаз гIумру берцинлъиялъе гIуцIулел тадбиралги.

Нилъеда лъачIониги, ратизе бе­гьула гьединал хаслъаби цогидал магIарул росабалъги.