РахIат хвеялъ инсан унтизавула

Дунялалдаго тIибитIараб коронавирусалъул гьитIинабго микробал­да бечедавги мискинавги, хIакимчиги гIадатияв инсанги цо мухъилъе цIазе кIвана. Гьелъ киназдаго бичIчIизабуна унтуеги хвалиеги чиналъул ва бечелъиялъул кIвар гьечIолъи. Залимасдаги къуватасдаги би­хьизабуна гьаб дунял кидаго цо хIалалда букIунареблъи. Росуги рехун тун, лъикIал шартIазухъ урхъун шагьаразде гочарал гIадамал росабалъ ругезул гIумруялда гIащикълъараб заман бачIана. Жалго жидедаго чIеялъул низамги цIунун шагьаралъул гIемертIалаял минабахъ гIумру гьабун ругел цоцоял тIабигIаталъухъ, мугIрузухъ, магIарухълъиялъухъ урхъун ругин зигардулел руго.

 

 

ГIадамазул ракIхвеялъул цоги гIиллалъун лъугьана пандемиялъул заманалда мажгитал къай, хи­рияб Рамазан моцIалъ мажгиталда таравихIал разе щвечIолъи. Амма гьаб хирияб гIужалъги Аллагьас­де руссун, нилъер халкъалда «цIа лъураб» унтудаса цIуниялъе дугIа ва садакъа-хайрат гьабизе бегьу­леб заманалдаги гIемерисел дагIба-къецалдаго руго. КIал ккунин абун ракъизе чIолел руго, амма ракIалгун кIалал къваригIел гьечIел корохъ-харбазул цIезарулел руго.

КIалищ кквелеб, корохъа харба­лищ гьурщилел?

 

Рамазан моцIалъ гIадамазул бер­даса бахчараб бакIалда кваналев цо херав чи вихьун вуго гIолилазда.

-КIудада, дуца кIал кколарищ? -ан гьикъула гьез.

 

-Дица кIал ккола, дир лъимал. Дун гIицIго кванала ва лъим гьекъола.

ГIолилаз, релъулаго, абула, дуца бицунелъул магIна щибилан?

 

КIудадаца жаваб кьола:

-Дица мацI гьабуларо, лъихъгIаги гIамал кIодого валагьуларо. Дун лъи­даго тIад велъуларо, квешаб рагIи абуларо. Дица лъиего зарал гьабу­ларо. Дица Аллагь гIемер рехсола. ЛъилгIаги буголъиялъухъ жахIдагун валагьуларо. Дир кванирукъ унтараб буго, гьединлъидал дихъа бажарула­ро вакъун чIезе.

 

Хадуб гьес гIолилазда цIехола:

-Нужецагийищ кIал кколеб, дир лъимал, -абун.

 

ГIолилаз бутIрул дализарула. Гье­зул цояс нечадго жаваб кьола:

-Гуро, кIудияв, нижеца кIалго ккун букIун гьечIо. Ниж гIицIго кваначIого чIун руго.

 

МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисалда буго: «Щив чи вугониги жинца квешаб, чорокаб хабарги, кве­шаб гIамалги течIев, Аллагьасе гьев чиясул тIагIамгун гьекъолеб жо тей къваригIун гьечIо», -ян. (Бухари).

Гьаниб суалги баккулеб буго: нилъ ракъизе чIунищ ругел яги парзалда рекъон Рамазан моцIалъул кIалалги ккунищ ругелин абураб. Интерне­талдеги раккани, гIадамаз цоцазухъе рехулеб уябищ яги гьересийищали лъалареб информациялъухъги хал гьабуни, бихьизе буго гIемерисез квандаса гуреб, мунагьаздаса ва гъи­баталдаса инкар гьабун гьечIеблъи.

 

Ахираб заманалда больницабазда унтарал регизе бакI гьечIин, Сахлъи цIуниялъул министерство нечезе ккелин ахIи балел цоял руго, нуже­даго гIайиб бугин ахIдолел цогидал­ги руго. Коронавирус букIиналда божуларел гIадамазул къадарин абу­ни къойидаса къойиде дагьлъулебги буго. Байбихьудаго вирус гьечIин, гьеб гьереси бугин ахIи балел рукIарал блогеразул гьаракьги дагь-дагьккун къотIана. Жидеда унтарал рихьизареян хъвадарулел рукIарал, гьанже жаназаби рихьизареян ахIдолел руго. Гьебгицин гIечIого, гьел унтарал сундалъун хваралали щибин лъалеб, гьезул гьуърул ри­хьизареян хъвадарулелги камулел гьечIо. ЦIалдолел цIикIкIаги, ха­бар гIемерлъагиян рукIунел блоге­разги подписчикал «гIорцIизегIан» къватIул харбал гьурщулел руго. ГьанжелъизегIан больницабазда ко­ронавирус унтигун регаразе ва гьеб уяб бугин телевидениялдасан бица­разе пуланал гIадамаз гIарац кьун рагIулин бугьтанал лъолел рукIана. БугьтанчагIиян абуни гьанже унти хIалуциндал гIунун хутIун руго. Унти тIибитIанагIан гIадамазул рекIелъ хIинкъиги цIикIкIунеб буго. Гьеб киналъго халкъалда гьоркьоб рихха-хочиги лъугьинабулеб буго.

 

 

 

ГIадамазда гьоркьоб

парахалъи цIуне

 

Психолог АлиасхIаб Мурза­евас рикIкIунеб буго гIадамазе вирусалъул пандемиялъ гуреб, «хIинкъиялъул пандемиялъ» гьабизе бугин цIикIкIараб заралин абун.

 

«КIвар бугеб жолъун ккола гIодоре риччан чIей, щайгурелъул, гьел­да бараблъун букIине буго батIи- батIиял унтабазде данде нилъер черх къеркьей. Кинха гIодоре рич­чай букIинабилеб? ТIоцебесеб иргаялда ва бищунго кIвар бугеб шартIлъун ккола – уябищ яги гьересиябищали батIабахъичIого гIадамаз цоцахъе битIулеб информа­ция гьоркьоб къотIизаби. ЦIакъго ракI хIинкъараб ва рахIат хвараб заманалда инсанасул ритIухълъи балагьулеб пикру хIалтIуларо. Гье­динлъидал гIемерисел гIадамал жи­дехъего битIун бачIанщинаб инфор­мациялда божула. Гьединал роликал яги аудиозаписал нужехъе рачIани, гьел цогидазухъе ритIичIого теялъ­ги гIадамазда гьоркьоб парахалъи цIунула.

 

ХIинкъарав чиясул чорхол къу­ват, ай имуннияб система хех­го загIиплъула. Гьединав чиясде къватIул унти (ОРЗ) хехго бахуна, цIа-кан цIикIкIун батани — вихха-хо­чула. Хадуб гьес больницаялда вегизе хIаракат бахъула ва медицинаялъул хIалтIухъабазде цIикIкIараб хIалги ккезабула. Гьелъул хIасилалдайин абуни, унго-унгоги кумек хIажатав чи сах гьавизе тохтурзабазеги квалквал ккола.

 

 

Цоги хIинкъи буго — рихха-хо­чарал гIадамаз аптекабаздаса, хIажалъани рукIинеян росун, дара­базул нахърател гьаби. Гьелдалъ­ун дараби дагьлъула ва гьезул багьа бахуна. Цоясе гIумру хвасарлъиялъе хIажатал дараби, цогидас гIадада гIодорги лъун, заман лъугIарабго на­хъе рехула.

Нилъеда рагIанщинал харбазда нилъго божарал гIечIого, цогидалги божизаризе хIаракат бахъулеб бу­гони, рихха-хочи ва ракI хвей гуреб пайда букIинаро. ГIадамал гIемераб бакIалде рахъинчIого чIани, гьоркьо­са къотIичIого кверал чурулел руго­ни ва иммунитет щула гьабиялда тIад хIалтIани, гьаб унтиги хехго тIагIина», -абун малъулеб буго пси­хологас.

 

 

Рамазан – тавбуялъул моцI

Дунялалдаго ккараб гIузруялъ гIадамал рокъоре руссинару­на, щивав чи тIамуна жиндирго гIумруялда тIад ургъизе. Кин нухда тIамун лъикI гьаб бигьаб гуреб за­ман? Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана гIалимчи МухIамадрасул СагIадуевас:

 

«Нилъеца Аллагьасда гьарила, гIаламалдего тIаде бачIараб гьаб унти-балагь тIаса босеян. Рама­зан моцI исана мискинав чи бечеда­сухъ бугеб ресалде хIажатаблъун ккана. ГIемерав мискинчи вуго дару босизе рес гьечIев. Квен- тIехалъе къватIиреги рахъун риз­къи тIалаб гьабизе бугеб ресалдаса махIрумлъана гIемерисел. ЦIакъго рекъараб букIина, хасго исанасеб со­налда, садакъа гIемер гьабизе. Нилъее Аллагьас рес кьун буго хIажатав чиясухъе, рокъоса къватIирецин рахъинчIого бокьухъе садакъа щвеза­бизе. Мискинчиясул, рес къотIарасул ахIвал-хIал цIехон телефоназ ахIизе рес буго. Гьел нилъер гIагарлъиялда жанирги нилъер мадугьаллъиялдаги ратула. Садакъаялъ босула нилъеда тIаса балагь, унтаби.

 

Унго-унгояб куцалда нилъее рес буго рокъоб Аллагь разияб хIалалда тIагIат гьабизе. Мажгиталде ине щвечIилан абун таравихIал рачIого гьоркьор риччазе рекъон букIинаро. Гьел аварагасги (с.т.гI.в.) рокъор ра­лел рукIана. Рокъор таравихIал ра­ниги, гьадинаб гIузруги букIунилан, гIибадаталъе исана щибго мукъ­санлъи гьечIо. Хасго гьаб заманал­да рекъараб букIина телефоналъ цоцадехун бухьенал гьариги. Теле­фонги кодоб ккун цоцахъе рехулел гIемер батIи-батIиял роликал рич­чан рукIинчIого, нужерго гIага- божаразул, гьудул-гьалмагълъиялъул ахIвал-хIал цIехе. Унтарал ратани, гьезул ракI батулеб хабар бицун, гье­зул ургъел чучизабе. КъватIире рахъ­ине рес гьечIониги, цоцазулгун бухьен цIунизе гIезегIан ресал руго», -ян.