Дида тIаса лъугьа

Дида тIаса лъугьа

Хирияб Рамазан моцIалъе гIоло,

Дида тIаса лъугьа, тIолго дун лъалел.

ТIад вугев къудратав Бичасе гIоло

Батани дир гIайиб, гьарулеб буго.

 

 

Дида тIаса лъугьа гьаб ракьалда тIад

РакI дидаса хварав инсан ватани.

Дида тIаса лъугьа лъачIого, нагагь

Лъийниги дир зарал букIун батани.

 

 

Дида тIаса лъугьа абун рорчIарал

Аллагь рази гьечIел рагIабаздаса.

Дида тIаса лъугьа гьабилин абун

Гьабизе хIал кIвечIел льикIлъабаздаса.

 

 

Дида тIаса лъугьа ячIине бокьун

ЯчIине рес ккечIел тадбираздаса.

Дида тIаса лъугьа дунялалда тIад

Дица ракI лъукъарав гIадан ватани.

 

 

Дида цин бахьарав инсан ватани,

Аллагьасе гIоло те тIаса лъугьун.

ТIад щвараб Рамазан моцIалъе гIоло

Дида ТIаса лъугьа, тIолго жамагIат.

 

 

Малаик йикIинчIо дунги ракьалда,

Ратила дихъаги ккарал гъалатIал.

ЛъикIайлъун йикIине яхI бахъаниги

Мекъи чанги кканин, ракI бухIун йигин.

 

 

Цере квералги ккун гьарулеб буго,

Лъугьа дида тIаса тIолго дун лъалел.

Хвалил пикрабаца хIинкъарай дица,

ДугIадул аманат гьарулеб буго.