КIудиясул баракат камун нилъ хутIугеги

75 сон тIубана накъшубандиябгун шазалияб тIарикъатазул устар ГIабдулжалил-апанди гьавуралдаса

 

ГIабдулжалил-апанди гьавуна 1943 соналда, Буйнакск районалъул ТIаса Хъараниб росулъ, ГIумаханил хъизамалда. ГьитIинго загьирлъана гьесул гIадатияб гуреб гьунар ва бегIерлъи. Школалда цIалулеб мехалдаго, класс гьоркьоб тун цеве вачиналъги хадуб медицинаялъул училище, цинги медицинаялъул институт тIокIлъиялда лъугIизабиялъги бицуна гьесул пагьму-гьунаралъул хIакъалъулъ.

Абула, вали вугеб икълималдасаго балагь-къварилъи нахъе босулин, Аллагьасда цебе гьесул бугеб макъам-даражаялъе гIоло. Вализабазул хIакъикъияб макъам гьел гIадиназда гурого лъаларо.

Доб захIматаб, коммунист партиялъул гуч бугеб ва гьеб диналде данде багъулеб мехалъго гьес, балъго цIалун, тIубазабуна шаригIаталъул гIелму. Гьесул гIелмудал устар вукIана машгьурав гIалим Кудалиса Рамазанил МухIамад. Гьевги вукIана МухIамадгIарип-апандиясул ва СагIадухIажиясул МухIамад-апандиясул божарав чи.

БатIияб росулъ тохтурлъун хIалтIулев ГIабулжалилил рацIцIалъигун тIокIлъи лъана Бакълъухъа КIудиясда ва, аскIове гIагар гьавун, жинцаго рухIияб тарбия кьун, устарлъиялде хIадурана.

Гьев лъалез абула ГIабдулжалил-апанди, битIахъе Аварагасул (гIалайгьи свалату ва ссалам) заманалдаса восун, гьале, гьадинав вукIине кколин муъминчиян нилъер заманалде виччарав гIадав чи вугилан.

Институталда цIалулеб мехалъго, Инхоса ГIабдулхIамид-апандиясухъа тIоцебе вирд босун, тIарикъаталде лъугьана гьев. ГIабдулхIамид-апандиясдаги бичIчIана гьесул щив вахъине вугевали ва, студент вугониги, цIакъ цеве гьавуна. ГIабдулхIамид-апандиясе цIакъ вокьулев мурид вукIанин гьевин бицана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-апандиясги.

Баянаб жо буго устарлъи кьелелде, чара гьечIого муридасул хIалбихьулеблъи. Гьеб хIалбихьи дол ункъоабилел соназго гьабуна гьесие Инхоса КIудияс. Буйнакскалда тохтурлъун хIалтIулев, жиндирго рукъ ва хъизамалъул хIалтIи бугев гьесда Инхоса КIудияс абула росулъе вахъаян. ТIолабго гIагарлъи дандечIола, хасго чIужу. Росулъ цонигиязе хIалтIи букIинчIо. ХIатта гIалимзабаз ва цересел чагIаз абула КIудияс абураб дуда мекъи бичIчIун батизе бегьулин, гьесда цоги нухалда цIехеян. Амма ГIабдулжалилица, хъизан биххиялде кканиги, цоги нухалъ КIудиясда гьикъу-ларо ва, кинабго тун, росулъе вахъуна. СагIид-апандияс, гьеб мисалги рехсон, чанги бакIалда абуна устарасухъ гIенеккизе кколин ГIабдулжалил гIадин.

ГIелму цIалулагоги гьелдаса хадуб цадахъ хIалтIулагоги къогогIан соналъ аскIов вугониги, шаригIаталдаса бахъараб яги тIарикъаталъул къануназде дандекколареб щибго бихьичIо дида гьесулъ. ГIамал-хасиятин абуни, битIахъе Аварагасул (гIалайгьи свалату ва ссалам) асхIабзабазул заманалдаса босараб гIадаб буго.

Живго цIакъ хIалимав чи вукIаниги, исламалъул гIорхъи хвезабулеб хIужа бихьани, жиндие щвезе рес бугеб бадибчIваялъухъ балагьичIого, кколе-лъуб кколеб абулаан гьес.

Эрпели росулъ хIалтIулеб мехалда, больницаялъул богогьан Сапиятица бицана, хъизанги цадахъ гьечIого, чияр росулъ больницаялъул бетIерав тохтурлъун вукIаго, гьес больницаялъул кванил цо лукъмацин кIалдиб лъечIилан.

Динияв чи вукIиналъе гIоло ГIабдужалилие гьарулел квалквалал камулароан дол соназда. Гьедин, иргадулаб нухалъ гьев хIалтIудаса вахъизеян гьабураб данделъиялда Эрпели росдал парткомалъул секретарас абуна: «Гьаб дунялалда инсанасул сураталда малаик вукIунев ватани, гьев чи ГIабдужалил вуго», — ян. Гьев мубаракасул макъамалъул хIакъалъулъ бицуна 13 соналъ жиндие гьабураб ижаза бахчун теялъ. Гьеб хIатта рокъоб хъизамалдацин лъазе течIо гьес.

АлхIамдулиллагь, ГIабдужалил-апанди лъугьана киназего Аллагьасул пайиз-баракат чвахулеб гIорлъун. Цогидалъул бицинчIониги, кIудияв къутIбу СагIадухIажиясул МухIамад-апандиясул тарбия щвей гIеларищ гьесие даражалъун.

Устарлъи гьабулеб ичIабго соналъ гьес киназдаго ва тIоцебе аза-азар муридасда бихьизабуна гIемерал гIасрабаз хисичIел, ясбер гIадал бацIцIадаб накъшубандияб ва шазалияб тIарикъатал цересел акътIабазул нухдасан расул къадаралъги кьури гьесул гьечIеблъи.

Устарлъи гьабулеб ичIго соналда жаниб цо нухалъ хIежалде ва сахлъи сабаблъун тохтурзабазухъе вахъарав гурев гьев, кигIан хIеж-гIумраялде зияратазде вилълъаян гьудулзабаз гьараниги, рокъоса къватIиве вахъинчIо, жинда Бакълъухъа КIудияс, Аллагь рукъалъул бокIнилъ валагьеян абун букIанинги абун. Гьеб гIеларищ гьесул тIадегIанаб макъам борцунеб роцен? Дагъистаналдаса гуребги, къватIиса рачIарал муридзабиги къабул гьарула гьес. Масала, Чергесиялдаса мурид Рамазаница бицана: «Аллагьасул гIорхъи гьечIеб рахIматалдалъун дида дандчIвана хIакъикъияв вали, устар ГIабдулжалил-апанди. БитIахъе рухIдаллъула Дагъистаналда ругел муридзабазда, гьев устаргун цо ракьалда ругел ва бокьараб мехалъ гьев вихьизе щолел нужеда. Ниж рикIкIад рукIиналъ, лъагIалида жаниб цо нухалъ щола гьесухъе ва гьеб баракат лъагIалица цIунизе хIаракатги бахъула. Амма, кигIан рикIкIад рукIаниги, устарасул тIалаб кидаго нахъа букIин лъала нижеда.

Зияраталъ ине къватIире рахъарабго, Кисловодскалде гIагарлъулагоцин чIвала устарасул пайиз ва Буйнакскалде щвезегIан гьеб тIадеялдаса тIаде цIикIкIунебги букIуна. Гьединго тIадруссун рокъоре рачIунаго, Кабардаялде щвезегIанги букIуна гIажаибаб, бицине лъалареб хIалхьи ва рахIатгун пайз. Иман загIипал рукIиналъ, вализабазул караматалги къваригIуна нилъее. КигIан загIипав вугониги, дида гьесул чанго караматги бихьана. Масала, 2017 соналъул февраль моцIалъ, рукъ цIорон букIун, дица, вегулаго, токалъул печь къазабун букIана. Цо заманалдасан макьилъ устарас дун ворчIизавуна ва абуна: «Рамазан, вахъа, розеткаялдаса вилка бахъе», — ян. Виххун ворчIана, щибжо вилкаяли бичIчIуларого вукIана. Балагьана ва заманалдасан макъар бухIулеб махI чIвана, цIа рекIун, токалъул розеткаги, гьелда къазабураб вилкаги биунеб батана. ТалихIалъ, зарал ккелалде, цIа свинабизе кIвана. Нижер рукъ цIулал буго. Бицине ккелищха кинаб балагьалдаса устарас нижер хъизан хвасар гьабурабали.

2014 соналда дунги МухIамад ва ГIалиасхIаб абурал муридзабиги КIудиясухъе зияратги гьабун нахъруссунел рукIана. Нухде рахъана къасимехалъ. Кабардаялда ва Осетиялда гьоркьоб сигналалъул гьаркьица дун ворчIана. Сигнал гьабулаго, битIахъе, нижеда данде боржун бачIунеб бугоха бензин баччулеб кIудияб машина, амма ниж киналго, хасго водительги, кьижун ккун рукIун руго. Машинаги унеб бугоан 120 км. хехлъиялда. Дир ботIролъе, гьале доб ахирилан абураб пикру бачIана. Амма цинтIаго заман лъалхъанин ккана ва, хIинцго биччалеб киноялда гIадин, кинабго хIинцго багъаризе лъугьана. Шоферас бигьа гьабун руль сверизабуна, ва машина, бензовозалда цун, цвичIого цоги рахъалдеги сверун, чIана. Цинги, хIинцго букIараб кино хехго биччараб гIадин, кинабго цIидасан букIахъе багъаризе лъугьана. Ккараб бихьанищин нижеца цоцазда абуна, кьижун вукIарав шофер МухIамадица щиб гьаниб ккарабилан гьикъана. Гьеб хехлъиялда унеб букIараб машина чIезабидал, туркIизецин туркIичIо. Гьеб цо дида бихьун букIарабани, гIадамал божиларин, бицине кIвелароан, гьале гьев лъабго нугI жакъаги чIаго вуго. Балагьараб мехалъ, нижер машина, шоферги кьижун ккун, данде бачIунеб нухде ун букIун буго. Гьедин тIоцебе Аллагьасул ва хадуб КIудиясул кумекалдалъун ункъо чиясул рухI хвасарлъана гьеб бакIалдаги», — ян.

Гьединал мисалал гIемер рехсезе бегьула, КIудиясе бокьуларелъул, гьалда гIей гьабун толеб буго. Дагьалги караматал лъазе гъира ккарав «Сиражу сагIадаталъул» кIиабилеб томалде раккизе бегьила. ГIицIго абила, ГIабдужалил-апандиясул бищунго кIудияб карамат истикъамат, ай кьуричIого гьидаяталъул нухда чIей бугилан.

Аллагьас халатаб гIумруги сахлъиги кьеги КIудиясе, гьесул баракат нилъееги камизабугеги! Амин!

МухIамад ХIажиев,

«Нур-ул Ислам» газеталъул бетIерав редактор