Къуръаналъул хIикматал гIасрабазги рагьун лъугIиларо

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул востоковедения­лъул факультеталда гIараб мацIалъул кафедраялда кIудияв преподавательлъун хIалтIулев вуго Болъихъ районалъул ГIанди росулъа Азарцун МухIамадов.

Анлъабилеб классалда цIалулев вугеб мехалдаса нахъе байбихьана Къуръан цIализе ва гIараб гIелму лъазабизе. ГIагараб росулъ ва Болъихъ мадрасабазда цIалун лъай камил гьабуна гьоркьо­хъеб школа лъугIун хадубги жеги щуго соналъ. ЛъикIал гIалимзабазда цеве цIалун рухIияб рахъалъ гIураб лъай щварав Азарцун 1998 соналда цIализе лъугьана Дагъуниверситеталъул востоковедениялъул факультеталъул лингвистикияб отделениялде. ТIокIлъиялда гьеб лъугIизабурав А. МухIамадов гьенивго хIалтIизе тана. Щибаб соналда гIадин практикаялъ студенталги рачун Азарцун уна Египеталде, гьанжегIагар гьениве иналде цересел къояз дандчIварав гьесулгун ккараб гара-чIвари кьолеб буго нижеца жакъа­себ номералда. 

— Университет лъугIизабун, гIелмияб цIарги гьечIев чи тун вугоха мун кIудияв преподавательлъун…
— АнцIила цо соналъ гьунар бугел гIалимзабазда цевеги цIалун, щуго соналъ университеталдаги цIалун, абухъего, рухIияб рахъалъги, светияб рахъалъги дир лъайги бихьун, вачана дун хIалтIуде факультеталъул ва университеталъул нухмалъулез. Гьелда тIадеги, университеталда цIалулагоги гьелда цевеги дун хIалтIулев вукIана Къуръан лъазабиялда тIад. Гьанже нилъгун гьечIел машгьурал востоковедал МухIамад-Нури ГIусмановас ва Амри ШихсагIидовас дун восана университеталда рагьун букIараб Къуръан лъазабиялъул халкъазда гьоркьосеб централда хIалтIизе. Гьанже гьеб сверизабуна Востока­лъул культура ва тарих лъазабиялъул централде. Гьелъул нухмалъулевлъун вуго тарихиял гIелмабазул доктор, профессор, машгьурав тарихчи Расул МухIамадовасул вас Арсен МухIамадов. Гьеб централдаги дун хIалтIулев вуго Къуръан лъазабиялда тIад, гьединлъидал гIелмиял цIарал — кандидатлъиялда, докторлъиялда тIад хIалтIизе дир заман гьечIо. ГIелмияб цIар щвезе бокьун букIарабани, кандидатлъи дида цебего цIунизе кIолаан. ЦIаралъе гIоло гьелда тIад хIалтIун заман хвезабизе дир рес гьечIо, щай абуни Къуръаналда тIад хIалтIи дие киналго цIараздаса тIадегIанабги хириябги буго. Басмаялде кьун буго ва гьаб гIагараб заманалда къватIибе бачIине буго нижеца хIадур гьабураб Къуръаналъул захIматал ва гIемермагIнаялъулал рагIабазе баян кьураб гIараб-гIурус словарь.
— Цебекун гьединаб словарь бахъун букIинчIищ?
— Араб гIасруялъул бакьулълъиялда биччан букIана Х. К. Барановас хIадур гьабураб гIараб-гIурус словарь. Руго цогидал востоковедаз риччаралги. Амма Х. К. Барановасул словарь гьезда гьоркьоб бищун лъикIаб буго. Нижеца хIадурараб словаралда руго Барановасул словаралда гьечIелги, гьес мухIканлъи гьабичIелги, мухIканаб магIна кьечIелги рагIаби. Гьеб словарь гьабулаго, нижеца пайда босана машгьурал гIалимзаби Джалалайнил, Аль-Байдавил, Аль-Мунтахабил, Ибн Касирил Къуръаналъул гьарурал тафсираздаса. Гьезул щивасул цIарги хъван буго. Словарь буго лъабнусгоялдаса цIикIкIун гьумер бугеб. Къуръаналъул мацI, гIараб мацI буго дунялалдаго бищун бечедаздасан цояб. Жеги чанги гIалимзаби хIалтIана гIараб — гIурус словарь гьабиялда тIад (гIурус мацIалъ абуни — количество переходит в качество).
Къуръаналда гьечIо щибниги данде кколареб жо, гIицIго лъазаризе ккола хIарпал, рагIаби, предложениял. Лъазе ккола магIна, лъалеб бичIчIулеб гьечIони, лъалесда цIехезе ккола. Гьебги бичIчIичIого, лъавукъаб магIна Къуръаналъул рагIабазул гьабизе бегьуларо.
— Дур редакциялда гъоркь араб соналда къватIибе бачIана М.-Н. ГIусмановас гIурус мацIалде таржама гьабураб Къуръан. Цебеги гьесго таржама гьабун кIиго нухалдаги къватIибе бачIун букIана Къуръан. Гьеб цо, кIиабилеб, ругогури Крачковскиясул, Прохоровалъул, Кулиевасул ва цогидазулги Къуръаналъул таржамаби. Цого такрарлъи кколарищ гьел?
— Кколаро, къиямасеб къо чIезегIан цIаланиги, таржама гьабуниги, Къуръа­налъул гъварилъиялде, аятазул, сурабазул тIолабго магIна, гьенир рахчун ругел хIикматал рагьун лъугIиларо. АнцIила ункъоялдаса цIикIкIун гIасруялъ цIалулеб, лъазабулеб буго Къуръан. Гьелщинал гIасрабаз цере Къуръаналда хъварал хIу­жаби химиялъул, физикаялъул, биологиялъул, астрономиялъул, медицинаялъул ва цогидалги бутIабазул гIалимзабазул цIех-рехаз гьанже «рагьулел» руго. Заман анагIан цIи-цIиял гIелазги рагьила, гIалимзабазе загьирлъила церего Къуръаналда хъварал хIикматалги хIужабиги. ЦохIо мисал рехсон тела. КIиго аскIоб бугеб ралъдал лъим жубалеб гьечIилан Къуръаналда хъвараб жоялда божуларелги рукIун ратизе бегьула. ГIицIго ХХ гIасруялда гIалимчи Кустоца гьарурал цIех-рехазда чIе­забуна Къуръаналда хъвараб би­тIа­раб букIин.
— Бечедаб гIараб мацIалъул чанго сверелал, диалектал ратила.
— Къоло лъабго хIукумат буго гIа­рабазул. Щибалъул ва щибалда жанирги руго рагIаби абулел къа­гIидаби, диалектал. Амма киназего гIаммаб классикияб мацIлъун ккола Къуръаналъул мацI. Буго жакъасеб гIарабазул литературияб мацI, СМИязул, прессаялъул мацI, гьединго буго кIалъа-басаялъул, грамматикияб гуреб мацIги.
— Къуръан буссинабизе бегьуларин абула цо-цо цIаларал чагIаз. Гьеб рахъалъ дур пикру кинаб бугеб?
— Къуръан буссинабун буго дунялалъул гIемерал мацIазде. ГIараб мацI лъаларев чиясда таржамалдасан цIалун, лъазабун гурого кин гьеб лъалеб, бичIчIилеб. Диниял гIалимзабиги гьелда дандечIун гьечIилан ккола. Руго цо-цо Къуръан буссинабизе бегьуларин абулелги. Дицаго рикIкIуна Къуръаналъул таржама гьабизе бегьулин ва кколин. Лъай-хъваялъул мурадалда таржама цIализе бегьула, амма къимат кьезе, гIараб мацI лъаларев чияс магIнаби гьаризе бегьуларо.
— ГIараб мацIалъул мугIалим хIисабалда, студентазе хъварал методикиял хIалтIабиги тIахьалги ратила дур…
— Руго, 2017 соналда дица къватIибе биччана тIадегIанал цIалул заведениязул студентазе хъвараб гIараб мацIалъул цIалул тIехь, 2018 соналда «Литературный арабский язык» ва нижер кафедраялъул заведующий Артур ГIумаровасгун цадахъ хъвараб «Практическая грамматика арабского языка» абурал тIахьал. Араб соналда къватIибе бачIана «Учебное пособие по чтению священного Корана» абураб тIехьги.
— Гьанжесел гIолилазул, студентазул цIалудехун хашаб бербалагьи бугилан абула…
— Цо рахъалъ гьеб битIарабги буго. Библиотекабазде ун, тIадчIун тIахьал цIали цебе гIадин гьечIо гьанжесел студентазул. Интернет, мобильниял телефонал, смартфонал гьездехун гьетIи цIикIкIун буго гIолилазул. Киналго гьединал ругин абиларо. Нижер факультеталда цIалулел гIемерисел студентал руго унго-унголъун лъай босиялда, мацIал лъазариялда тIадчIарал. Гьез гIахьаллъи гьабула республикаялъул ва Россиялъул даражаялда Востокалъул мацIазда хурхун тIоритIулел конкурсазда ва къецазда.
Мисалалъе, араб соналъул декабрь моцIалда Москваялда халкъазул гьудуллъиялъул университеталда тIобитIараб гIараб мацIалъул конкурсалда нижер кафедраялъул магистрант ХIажи МухIамадовас ккуна призалъулаб бакI ва гьесие рес щвана лъагIалица Катаралъул университеталда гIараб мацI жеги мухIканго лъазабиялъе чIового цIализе ине.
— Кинал мацIал нужер факультеталда малъулел, цIали лъугIидал кир хIалтIизе бегьулел?
— Востоковедениялъул факуль­теталда малъула гIараб, фарси, турк, китай ва ингилис мацIал. Инги­лис мацI малъула кIиабилеб мацI гIа­дин. Студентазе рес буго бокьараб мацI тIаса бищизе. МацI камил гьабия­лъе тIаса бищараб мацI бугеб пачали­хъалде кIи-кIи, лъаб-лъаб моцIалъ практикаялдеги ритIула студентал. Нижер факультет лъугIарал хIалтIулел руго учительзаби­лъун, школазда, пре­подавателаллъун тIа­де­гIанал цIа­лул заведениязда, па­чалихъиял ида­рабазда, министер­ствабаздагун ведомствабазда переводчикаллъун, па­рахалъи цIу­ния­лъул органазда, Къва­тIисел улкабазулгунисел ишазул министерствоялда ва цогидалги ида­рабазда.