ХIажизабазеги нух къана коронавирусалъ

Арал гIодоркъоязда «Ютэйр» авиакомпаниялъ СагIудиязул ГIара­биялде гьабулеб букIараб роржен гьор­кьоб къотIизабуна.Гьелда ре­кIун рукIана гIумраялде унев ву­кIа­рав 250 хIажичи.
ХIажизаби нуха регIулеб  «Марва-Тур» компаниялъул нухмалъулев Булат Къурбановас бицана СагIудиязул ГIарабиялъ кIиго батIияб виза кьолин — туристазе ва гIумра гьабулезе. Туристазул виза щолеб буго дунялалъул 49 пачалихъалъе, гьезул бащдазе СагIудиязул ГIарабиялде сапар гьабизе гьукъун буго, амма Россия гьукъаразда гъорлъ гьечIо.
 
Гьеб сияхIалда гьечIониги, гIумра гьабизе россиялъулазеги рес гьечIо, щайгурелъул коронавирус бахинаредухъ, гьитIинаб хIеж гьаби гьабсагIат гьоркьоб къотIизабун буго киналго пачалихъазе. ГIумра гьабизе бегьула лъагIалида жаниб бокьараб мехалда.
Булат Къурбановас бицухъе, рорженал къотIизарилалде цебе, «Ютэйр» компаниялъ щибаб кIиго анкьида жаниб  250 чиги вачун гьарулаан сапарал.
 
8 марталда МахIачхъалаялде нахъруссана республикаялдаса хирияб ракьалде сапар бухьун букIарал хIажизаби. Гьебго самолеталда СагIудиязул ГIарабиялде ине кколеб букIараб къокъаги гьенибе битIичIо.