Ислам босарав италияв

 
 
Истамбулалъул аэропорталда, рокъое йоржине заман щвезегIан балагьун чIарай дида аскIовеги вачIун, гIодов чIана батIияб пачалихъалъул вукIин бихьулев, берцинго ретIа-къарав бихьинчи.
Дихъги валагьун, жиндирго мацIалда цо жо цIехолеб букIана гьес. «Ислам» абураб рагIиги такрарлъулеб букIана гьесул кIалъаялъулъ. Щибго бичIчIулеб гьечIин абун квераз ишанги гьабун, кIварго кьечIого тана дица гьев. Цинги жиндирго телефоналда, яндекс-таржама гьабулеб программаги рагьун, бичIчIизабуна гьес дида жиндирго мурад. Гьес жиндирго мацIалда хъвараб жо, дие гIурус мацIалда бачIунаан таржама гьабун. Гьедин ричIчIана ниж цоцазда. Гьев вугоан Франциялда гIумру гьабулев Италиялдаса, исламияб дин босарав Кристиан Вейчел. Гьес цIехолеб букIун буго дида, дун бусурманай гIадан йигищилан. Гьес бицана дие, жинца дин босиялъе ккараб сабабалъулги.
Гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе гьесул лъади авариялдеги ккун хун йиго. Нахъе хутIун буго лъабго сон бараб цо, жеги лъагIел бачIеб кIиабилеб лъимер.
ГIодун чIолареб гьитIинаб лъимада щиб гьабилебали лъаларого вугев гьав, мадугьалихъ йигей лъимал гIемерай гIаданалъухъе ун вуго кумек гьарун. Гьей йикIанин бицана гьес Дагъистаналдаса бусурманай гIадан, апараглъиялде Франциялде ккарай. Амма гьесие бусурбаби киданиги рокьулел рукIун гьечIо. Эбел хун хутIарал жиндирго лъималазул ургъалилъ вугев гьесие, инкар гьабичIого, кумек гьабизе яхъарай гьей бусурманай мадугьалалъул гIаданлъиялъ къоял анагIан гIажаиблъизавунин живилан бицана гьес.
 
Дица гьесда цIехана, щай дуе бусурбаби рихарал рукIаралин.
«Щаяли лъаларо, амма дие киданиги рокьулароан бусурбаби ва исламияб дин. Амма дун мекъи вукIун вуго, гьанже къойил щуябго какги бала дица. Квешлъиги лъиениги гьабуларо ва гьабизе ракIалдаги гьечIо. Дида исламияб дин бищун бацIцIадаблъун бихьана. ГьанжелъизегIан гьеб щайдай дида лъачIоян ракI бухIун букIуна дир. Дир гьудулзаби релъулел рукIунаан дида тIад, дун хIажатханаялъуве лъел шишаги босун унев вихьараб мехалъ. Дица бицана гьезие ислама-лъул бацIцIалъиялъул, хIажатханаялъубе лъим босиялъул магIнаялъул. Дагь-дагьккун гьезул гьурмадаса релъиги тIагIана, гIенеккунги чIун, цоцазухъги ралагьун, хIикмалъун хутIана. Гьелдаса хадуб, дир лъикIав гьалмагъасги босана ислам», — ин бицана Кристианица. Гьей Дагъистаналдаса бусурманай гIаданалъул хъизамалъул баракаталдалъун цо чанго чи бусурманлъунги вуго гьенив.
 
Дица киса, щиб шагьаралдаса гьей гIаданалъул хъизамилан цIехедал, гьесда бицине лъачIо гьезул росу-ракь. Цого-цо гьесда лъалеб жо бугоан гьей «аварай» йикIин. БицанагIан бицине бокьулеб букIана Кристиание бусурбабазулги гьезул гIумруялъулги хIакъалъулъ. «Дица дирго лъималги гIезаризе руго бусурбабилъун. Руччабиги гьезие рачине руго, Аллагьас хъван батани, исламияб диналъул, щайгурелъул нижеразда данде ккун исламияб диналъул руччабаз росасе гьабулеб хъулухъ, адаб-хIурмат, къимат тIадегIанаб даражаялъул буго», — ян абуна гьес.
— Дуца исламалда рекъараб цIарги хисизе ккелаха, — ян дица абидал, гьелда тIадги жив ургъизе вугин абуна италиялъулас.
Гьев батIияб пачалихъалъул бусурманлъарав чияс бицаралъ цIакъ асар гьабуна дие.
Кир ругониги, лъикIаб мисалаздалъун исламалде гIадамал цIазе, Аллагь разияб гIамал гьабизе тавпикъ кьеги бусурбабазе.