ГIалимзаби-бусурбаби

 
Математикаялъул гIелмуялдаги кIудияб бутIа лъурал чагIи ккола бусурбабазул гIалимзаби.Масала, профессор Жак Рислерица хъвалеб буго: «Бусурбаби ккола математикаялъул гIалимзаби», — ян. Цогидав профессор Е. Ф. Готьеца хъван буго: «Алгебра гуребги, математикаялъул цогидал гIелмабиги Европаялда церетIуна бусурбабазул кумекалдалъун. Гьединлъидал жакъасеб математикаялда абизе бегьула исламалъул математикайин», — абун. 
Масала, Европаялъ росана бусурбабаз ургъарал тарихал. Жиндир заманалда хIалтIизаризе захIматал румазул тарихалги тун, европаялъулал рачIун рукIана «Индиялъул тарихазде». Хадуб къабул гьабуна гIарабазул тарихалги. 
ТIоцебе гьел тарихал хIалтIизаруразул цояв ккола Леонардо Фибоначчи (1170-1240). Северияб Африкаялде щведал гьесие гIемераб гIелму щун буго гIарабаздасан. 
«0» тарихин абуни тIоцебе хIалтIизабуна ХIаризмаца (780-850) ва гьелдалъун кьучI лъунин абизе бегьула алгебраялъе. Алгебраялъул рахъалъ гьес тIоцебе хъвараб тIехьалда цIарги букIана «Аль-Жабр ва-л-Мукабала» абураб. БакътIерхьул улкабазда гьеб тIехьалда абулаан къокъго — «Аль-Жабр» абун. Гьелъул цIаралдасан бачIараб буго «Ал-гебра» абураб рагIиги. 
Математикияб гIелмуялъе кьучI лъуразул цояв ккола Баттани (858-929) абурав бусурбанчи. 
Жак Рислерил рагIабазда рекъон, Баттани ккола тригонометриялъул «эмен». 
Синус – гьебги ккола исламиял гIалимзабаз ургъараб жо. Гьез гьеб терминалда абулаан «Жайб» абун. 
Тригонометриялъул  «тангенс», «котангенс», «косинус» гIадал терминалги нилъее ирсалъе щвана исламияв математик Абул Вафадаса (940-998). 
Тригонометриялъул гIелму загьир гьабуразул цояв вуго Насредин Туси (1201-1274). Тригонометриялъул формулабазул бетIергьанин абуни ккола ибн Юнус. 
«Бином Ньютона» абураб формула ургъаравги Ньютон гуро. Гьеб ургъарав чи вуго машгьурав шагIир ГIумар ХIайям (1048-1123). 
«Дифференциалги» Ньютонида батичIеблъи чIезабуна гIалимзабаз. Гьеб тIоцебе батарав ккола Сабит бин Кура (901). 
Цо-цояз абула Декарт кколин (1596-1650) геометрия арифметикагун жубазабурав чийилан. ХIакъикъаталдайин абуни, гьеб жубазабурав чи ккола Сабит бин Кура
АнцIилал дробал ва гьел хIалтIизарулел къагIидабазул хIакъалъулъ тIоцебе хъвана Гиясюдин Жемшидица (1429). 
Арифметикаялда запятая хIалтIизабуравги гьевго вуго.
 
ХИМИЯ 
 
Жабир бин ХIаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гIумру гьабун рукIарал гIалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щиб жоялицин лъалареб заманалда, гьес ран рукIана лабораториял ва гьенир гьарурал гIелмиял цIех-рехаздалъун дунялалдаго цIарги рагIана бин ХIаянил
ЦIар рагIарав химик Абубакар ар-Рази (864-925) ккола, европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цIаралда гъоркь, тIоцебе серная кислота ва бацIцIадаб спирт ургъарав чи. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. ГIарадабазе тункIиххер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана ФатихIица (1432-1481).