ГIелмуялъ чIезабуна

ГIалимзабаз гьабураб цIех-рехалъул хIасилаздасан баянлъана  ракьулъ хасал антибиотикал рукIин.Гьез бищун захIматалги бактериязул тайпаби хвезарулелги  ратана. Ракьуда кIолеб буго заралиял бактериял 24 сагIаталда жанир хвезаризе. ПалхIасил, гIалимзабазда лъана ракьулъ хасал антибиотикал ругеблъи. 
Свалат-салам лъеяв аварагасул хIадисал­да буго: «Дие тIолабго ракь гьабуна как балеб бакIлъун ва рацIцIалъиялъе алатлъун. Дир умматалдаса бокьарав чияс как базе бегьула жиндие санагIалъи ккараб бакIалда». (Бухари ва Муслим).
Балагьеха, кин тIадегIанав Аллагьас щибаб жо гIуцIун бугебали ва гьелъул мунпагIат бихьизе. Гьеб нилъ тIад ургъизе ккараб хIужа гьечIищ? Аллагьас ракь гьабун буго рацIцIалъи гьабулеб алатлъун.