Суалал-жавабал

— Лъадиялъе росасда тIад кинал хIакъал ругел?
1. Напакъа кьей (рекъараб). Цо чияс аварагасда гьикъана: «Дуца нижер руччабазул хIакъалъулъ щиб абулеб, Бичасул Авараг», — илан. Аварагас абуна: «Нужеца гьезие кваназе кье нужецаго кваналеб жоялдаса, нужеца гьезие ретIизеги кье нужеца ретIулелдаса, нужеца гьел рухуге ва къабихI гьаруге», — абун. 
2. РетIине ретIел чIезаби (рекъараб). 
3. Берцинго, хъачIлъичIого вукIин. 
4. Лъадул къадру цIуни, гьелъул балъгояб жо къватIибе бицинчIого тей. Аварагас абуна: «Аллагьасда аскIоб къиямасеб къоялъ чIолеб бакIалъул бищун квешаб бакIалда чIолел чагIи ккола, цоцазул балъголъи тIибитIизабулел рос-лъади», — абун. 
— Росасда цере лъадиялда тIад ругел хIакъал щал кколел?
1. Аллагьасде гIасилъиялъулъ ху­тIизегIан росасе мутIигIлъи. Аварагас абуна: «Аллагьасде гIасилъиялъулъ лъиениги мутIигIлъи гьечIо», — абун. Лъади мутIигIлъуларо росасе как-кIал теялъулъ, жагьилаб ретIел ре­тIиялъулъ.
2. Лъадиялъ цIунизе ккола росасул рукъ, боцIи. Гьесул изну букIун гурони, рокъове чи виччаларо. Я ро­къоса щибниги жо кьеларо лъиениги, гьикъун гурого, гьел чагIи гIагарал ругониги. Аварагас абуна: «Чиясул бищун лъикIаб хазина ккола валагьигун гьесул ракI бохизе гьабулей, магьаралъе жий мутIигIай, рос сапаралде араб мехалъ жиндирго напс цIунулей ва боцIул хиянатлъи гьабуларей лъикIай лъади», — абун. 
3. Росасул изну букIун гурого рокъоса къватIие яхъине бегьуларо. Нагагь яхъани, гьелъ тавбу гьабизегIан Аллагьасул ццин ба­хъуна ва малаикзабаз нагIана кьола. Росасе кьолей жиндир ясалда цо гIаданалъ (гIарабиялъ) васият гьабуна: «Дир яс, дуда росасул лъикIаб гурого жо бихьуге, дудаса дос гьуинаб гуреб махIги сунтIизе тоге», — абун.
— Как базе кIочон тарай гIада­налъ щиб гьабилеб?
— Как базе кIочон тарай гIаданалъ как бала ракIалде щвараб мехалда. Аварагас абуна: «Щив чи вугониги как базе кIочон, я кьижун хутIун, гьес как бала ракIалде щвараб мехалъ, гьеб ккола гьелъул гIуж», — абун. 
— Унтараб мехалда как кин балеб?
— Яхъун чIезе кIоларей хIалалъ унтун йигони, как бала гIодойги чIун. ГIодой чIун как базе кIолареб хIалалда йигони, егун бала. Гьеб мехалъ суждаялде гIодое къули дагьаб цIикIкIинабила рукугIалдаса. 
ХIусенил вас ГIимранида аварагас абуна: «Дуца как бай вахъун чIун, гьединги кIвечIони —  вегун», — абун. 
Гьединги хIал кIвечIони, берзул ишараялдалъун бала.
— Тавбуялъул как щиб кколеб? 
— Гьеб буго тавбу гьабун хадуб балеб суннатаб кIиго ракагIат. 
— Щукруялъул сужда щиб кколеб?
— Гьеб буго цо нухалъ гьабулеб сужда, ай Аллагьас нигIмат рещтIинабураб яги балагь тIаса босараб мехалда гьабулеб. Хирияв аварагас щукруялъул сужда гьабуна Гьамадан Исламалде вачIиндал. 
(«ЧIужугIаданалъул гIибадат ва гьелъул диналда хурхарал амраби» абураб тIехьалдаса)