Чи лъазе бокьани гьесул телефон рагье

Дунялалдаго 4,5 миллиард чияс хIалтIизабулеб буго Интернет. МугIрул росабалъцин гьеб камураб рукъ къанагIат батила. Интернеталда гьава-бакъ цIехола сапаралъ ра­хъиналде, хур-хералъул хIалтIи байбихьилалде яги цогидал ишазде лъугьиналде. Росулъ кканщинаб къварилъи-гIатIилъи бащдаб сагIаталда жаниб дунялалъулго бокьараб бакIалда ругел киналго росуцоязда лъан батула. Цебе тIубараб къоялъ базаралдаги хьвадун балагьулеб букIараб ретIел-тIагIелгицин рокъоса къватIире рахъинчIого Интернеталдаса босизе рес буго. Унго гьеб тIолгодунялалъулаб гьинги гьечIого киндай нилъеца гIумру гьабулеб букIарабан ракIалде ккола гIемерисеб мехалъ. БитIун пайда босани, Интернеталъ кьолеб санагIаталъул гIемер бицине бегьила. Амма инсанасе гьелъ гьабулеб заралги дагьаб гьечIебха.
 

Цебе гьукъаралъе гьанже ихтияр 
 
Интернеталдаса пайда босулелъул киназдаго гуро ракIалде щолеб бугеб бусурбанчиясул букIине кколеб хьвада-чIвади. Социалиял гьиназде раккигун, гIолилаздагун чIахIиязда кIочонеб буго нилъеца хъванщинаб рагIул Аллагьасда цебе жаваб кьезе кколеблъи. Исламалда рекъон, инсанасул рухIияб рахъалъе кинаб заралха бугеб Интернеталъул?
Масала, гIадамазда рихьулел бакIазда цоцаздехун каламцин гьабуларел гIолилазе рес буго социалиял гьиназда накъиталда рукIине. Бокьарай тIаса йищеян ахIулеб гIадин, гьенир цере рехун руго гIолохъанал ясазул сураталцин. РачIаха гьеб къагIида цо 30 соналъ цебеккун заманалде дандекквезин. Доб мехалъ бахIарай гьаризе ракIалда бугев гIолиласда бихьизелъун сурат кьеян лъица бугониги гьарарабани, ясалъул эбел нусцIул ургъилаан. Гьебали ясалъ балъго-гIатIго жинцагоги кьезе рес букIана, сурат кьолев чи гьелъие рекIее гIолев вукIаравани. РикIкIен гIемерал бихьиназухъе жиндирго сурат кьолей магIарул гIолилай цеечIезайизе захIматаб иш гьечIищ? 
Жакъасеб къоялде тIадруссани, жамгIиял гьиназул бокьараб гьумер рагьарабго, «гьале дунги» — ян абулеб гIадин, цебе рехун бачIуна гьумер-куц къачIарал ясазул суратал. Гьезул мухъилъ руго исламалда рекъон ретIа-къаралги гIолилал. Чияр ясалъул сураталги рахъун цо-цоккун гьезухъ валагьулев бихьинчи хIакъирго вихьулев вуго, амма живго бетIергьанаб телефоналдаса Интернеталда лъурал суратазухъ бокьанагIан валагьаниги, гьесда рагIи абулев чи вукIине гьечIо. Киназдаго рихьизе бокьичIебани, бихьиназ жидерго ясазулгун яцазул суратал социалиял гьиназда лъезецин телароанин ккола ракIалде. Жакъа нилъ киналго гьеб къагIидаялде ругьунлъун руго, квеш ккараб жо буго гIемерисезда гьелъулъ кинабгIаги сурукълъи бихьунгутIи. ШаргIалъ щибха абулеб гьелда?
Бухарияс ва Муслимица рицарал хIадисазда абулеб буго: «Берзул зина ккола гьукъаралде балагьи, гIинзул – хIарамаб хабар бицин ва гьукъараб жоялъухъ гIенекки, кверзул – гьукъараб кодобе боси, гьелда квер хъвай».
«МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) «гIинзул зина – гьукъаралъухъ гIе­некки» абурал рагIабазул магIна ккола гьерсал рицин, къваригIелго гьечIого чияр чIужугIаданалъул харбихъ ва каламалъухъ гIенекки». «Берзул зина» абураб жо бичIчIизе бокьани, цо-цо гIолилазул телефоналда Интернет рагьарабги гIолеб буго. 
 
Интернеталъул тарбия
 
Инсанасе къимат кьезе гьесул гьудулзабахъ балагьеян аби буго. Гьанже абизе бегьула – инсанасул хасият лъазе бокьани гьесул телефоналъул халгьабеян. Жакъа къоялда дунялалдаго гIадамаз бищунго пайда босулеллъун кколел Фейсбук, Инстаграм жамгIиял гьиназда мисалияв гIолиласул страницаялде раккани цIиял харбал, машинаби, спорт, гьудул-гьалмагълъиялъул суратал рихьизе рес буго. ГIолохъанай эбелалъул телефоналде жанире раккани, батизе буго лъималазул, квен гьабулеб къагIидаялъул ва гьелдаго релълъанщинаб информация.
Цо-цо гIолилазеян абуни, Интернет лъугьун буго рокъобгун къотIноб тIатун бихьизе толареб яги бажарулареб гIамал гьабулеб бакIлъунги. Цояз гьелдаса пайда босула видео-хIаязулъе лъугьун, цогидаз жидерго «бахIарчилъи» бихьизабула батIи-батIиял пуб­ликациязда гъоркь тIадчагIазде рагIабазул гьужум гьабун. Цо-цояз социалиял гьиназул кумекалдалъун жидеего кIиабилел, лъабабилел лъудби цIехола.
Интернет нилъер гIумруялъулъ бессун букIин якъинаб буго. Гьелъул балъгояб, нилъ кантIулареб заралалдаса кин рорчIилел? Гьелъие жаваб батун буго психологазда ва дандекколеб бичIчIи кьолеб буго исламиял гIалимзабаз. Психологазул малъа-хъваязда рекъон, гьитIинаб къоялдасаго лъималаз телефоналда балагьулелдаги, гьениб хIалелдаги хадуб халкквезе лъикIаб буго. Лъимал ралагьулел мультфильмалгицин эбел-инсуца хал гьабичIого риччазе бегьуларин ахIи балеб буго гьез. Социалиял гьиназдаги наркотиказде, такъсирчилъиялде, терроризмалде цIазе бигьаяллъун рикIкIунел руго балугълъиялъул ригьалде рахарал лъимал. Интернеталъ малъизе течIого, лъималазе тарбия нилъецаго кьун лъикIин рикIкIунеб буго исламиял гIалимзабазги. 
ЦIодорго хIалтIизабулеб бугони, Интернеталъул пайдаялъул бицунги хIалкIвеларо. Жакъа гIемерисел руччабаз социалиял гьиназул кумекалдалъун гьабулеб буго даран-базар. Исламалда ре­къон, чияр лъадигун телефоналдасан хъвадаризе бегьулищ бихьинчи, гьеб хъвай-хъвагIаялъулъ, гIицIго гIакълу дандбан гурони, мунагьазукье кколеб пикруги гьечIони?
Гьеб суалалъе гьадинаб жаваб кьолеб буго ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалъ:
— ХIажалъи ккечIого бихьинчи чияр чIужугIадангун кIалъазе, хъвадаризе бегьуларо. Гьединго чIужугIаданги бегьуларо чияр бихьинчигун кIалъазе. БатIалъи гьечIо чIужугIадан росасда ятаниги ятичIониги, гьединго бихьинчиясул лъади ятаниги ятичIониги. Чара гьечIого кIалъазе кколел ругони, шаргIалда рекъон, махсараби ва гIемер хабар гьабичIого тIубазабила. 
Дармилъ, нугIлъи гьабиялъулъ хIажат ккани гьукъараб гьечIо бихьинчи чIужугIадангун кIалъазе.