«Дир гIумрудул мурад – мажгитал рай»

  Республикаялъул «Народная газета», «Медицина Дагестана», «Молодежь Дагестана» ва гьанже «ХIакъикъат» газетазда хIалтIулаго, дун гIемер дандчIвана жигарал жамагIатчагIигун, анцI-анцI макъалаби ва очеркал хъвана жидерго росдае, районалъе, Дагъистаналъе пайдаял ишал гьарурал лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ. Амма гьав кутакалда намусав, анцIго нухалъ тIад руссун гурони гаргадизавизе кIоларев, кIалдиса щибаб рагIи битIахъе «гъецIалъ цIан бахъизе» кколев чиясул хIакъалъулъ хъвазе къасд ккаралдаса лъагIелги бащдабги ана дир. Ва щибаб нухалда щаялиго битI кколароан. Рецц-бакъ рихарав, жинцаго гьабулеб иш гIей гьечIеблъун, загIипаблъун, расги гуреблъун рикIкIунев, кваранаб квералъ кьолеб садакъа квегIалда лъазе кколарин абураб жоялда гъваридго божулев ГъазимухIамадица гьаб нухалдаги хIаракат бахъулеб букIана нижедаса ворчIизе, газеталда хъвазеги цIалдолезда лъазеги жиндаса нусго нухалъ мустахIикъал чагIи гIемерал ругин нижер ракIчIезабизе.
 
…МагIарухъа эхеве вачIунев ГъазимухIамадица машинаялда
рекIинаюна нухда ятарай кIиго чIужугIадан.
Цоялъ кутакалда ракIхун бицана дагьав цеве гьабго шагьранухдаса вехе арав гIагарав чияс жал гъоркь танила, тIадежоялъеги гьесда лъалаанила жий унтарай гIадан йикIин.
— Щиб дур унтараб жо, диналъул яц? — илан гьикъана гьас.
— КIиябго ургьисалаб,-илан жаваб кьуна, щакърахунаго нухлулалъ. — Дие тохтурзабаз операцияги гьабун лъун букIараб эбелалъул ургьисалаб данде ккечIо, гьанже халккун йиго Москваялдаса донорасул хабар кидадай бачIинаян.
Машинаги лъалхъизабун, гьас унтаралъухъе анцIазарго гъурущ кьуна, жиндир садакъа бугила гьеб Аллагьасе гIоло ракI-ракIалъ гьабулеб.
МахIачхъалаялде щолеб бакIалда унтаралъухъе телефоналъ кIалъан рачIана. Гьай, тIатIалаго чанго нухалъ лъиеяли баркалаги кьун, гIек-гIекиялда гIодизе жуяна.
— Щиб ккараб жо, щай мун гьеб хIалалда гIодулей? — илан гьикъана, щибго бичIчIуларев гьас.
— Йохиялъ гIодулей йиго, гьале Москваялдаса ахир-къадги рохалилаб хабар бачIана дие донор ватанилан ва кIиго къойидасан дун операциялъе больницаялде щвезе кколилан. КигIан лъикIха ккараб жакъасеб дур кумек, метер самолеталъе билет босила,- ян абуна унтаралъ.
— Дур банкалъулаб карточка бугищ, яц?
— Буго.
— Кье дихъе номер…
Гьеб къоялъ тIоцее йихьарай, кIиго сагIаталъ жиндир машинаялда рекIун лъарай унтарай гIаданалъул карточкаялде 50 азарго гъурущ битIана ТIадегIанав Аллагьасул мутIигIав лагъ, дунялалъул тIолабго жоги кIочон, кIвараб, бажарараб лъикIлъи чиясе гьабизе ният-къасдалда къойилго рокъоса къватIиве вахъунев гIадилав муъминчи Муниса ГъазимухIамадица.
Гьеб буго нус-нус гьединал мисалаздаса цо гьитIинабго мисал.
— ГъазимухIамад вуго гIемеразда жиндир сахавалъиги, хIалимлъиги, гIаданлъиги гIорхъолъа борчIа-раблъун, божизе ва букIине рес гьечIеблъун бихьулев, гIажаибго иманги ияхIги бугев, цIакъ Аллагьасукьа хIинкъулев инсан, — илан бицунеб буго гьесул гьудул ва росуцояв ХIусеница рази-ракиго. — Нужецаго хIисаб гьабеха, гьес жакъа къоялде щвезегIан бан буго 16 мажгит. Ва щибаб къойил гьарулебги буго БетIергьанасда 33 мажгит базегIан ракьалда жиндие гIумру кьейилан.
— БатIаго 33 щай? — илан гьикъана дица, цIакъ калам дагьав, щибаб щу-щу минуталдаса «Аллагь гурхIаги нилъеда», — йилан такрар гьабулев ГъазимухIамадида жиндаго.
— ЧIумазул къадарги щибаб къойил щуябго какда хадусел азкаразда 33 нухалъ рехсолеб СубхIаналлагьгун АлхIамдулиллагьги ракIалде щунха,- йилан гьимана гьев.
Кинха вокьиларев гьединав чи, кинха чIухIичIого, разилъичIого рукIинел гьесдаса? 
Гьеб параялъ дир бадиб ххулана рохалил магIу…
ГIемералго гIадав гIадатияв вас ГъазимухIамад гьавуна ва гIуна Болъихъ районалъул Муни росулъ, ахихъабазул хъизаналда.
ГIагараб росдал школалдаги цIалун, пикру ккана шагьаралде ине, гIумру бихьизе. Бухьана сапар МахIачхъалаялде. Бана гьениб, сундулго рахъалъ я нахъеккей гьечIеб, я лъалеб, бицине гIадаб туркIи, цебетIей гьечIеб, анкьго сон.
2007 соналъ къисматалъ гьав вачана Гъизляралде, Краснооктябрьское абураб, федералияб шагьранухда аскIоб бугеб, росулъе. Гьениб, «ГIали Мубарак» абураб, цо гьитIинабго ашбазги рагьун, байбихьана яшав-иш гьабизе.
— Кафеялъул иш данде билълъиндал, Аллагьас дун гьесизавуна гьениса щолеб пайда-хайир мискинал чагIазда квер чIваялъе ва мажгитал раялъе хIалтIизабизе, — ян бицунеб буго «ГIали Мубаракалъул» хважаинас. — Дица тIоцебесеб гьитIинабго мажгит бана кафеялда аскIоб.
КъанагIатги ватиларо жакъа Гъизляралъул ракьалда «ГIали Мубарак» ашбазги гьелъул сахаватав хважаинги лъаларев, цо нухалъниги къисматалъ гьевгун дандчIвазавичIев чи. Гьайгьай, аза-азар кафеялги, рестораналги, рес бугел, миллионазулъ лъедолел, гIадамалги гIезегIан руго нилъеда сверухъ. Амма цIакъ дагьал руго гьаб байтулман дуниял расги гуреб, чIобогояб жо букIиналда ракIги чIун, унго-унголъун Аллагьасдеги руссун, щибаб бакъул къо, щибаб дакъикъа дарман тIагIаразе, дунялалъул рокъоб гIакъуба-къварилъи, ракъи-къеч лъаразе сайгъат гьабулел бусурбаби.
Хадусеб мажгит – Гъизляр шагьаралъул аслияб больницаялда жаниб ва гьебго районалъул Краснооктябрское росдал школалда аскIоб.
Гъуниб районалъул росабалъа рачIарал чагIаз гIумру гьабулеб Тельман росулъ букIана тIох лъеялде щвезегIан бараб, сурсатал лъугIун, чIезе тараб мажгит. Росулъ мажгит гьечIолъиялъ, диниял тадбирал тIоритIиялъе гьеб росдал гIадамазе бугеб квалквалги бихьун, ГъазимухIамадица гьеб хIалтIи жиндего тIаде босана ва, къокъаб заманалда жаниб, мажгит бан-къачIан бахъинабуна. Гьебго районалъул Мулла-ГIали абулеб росулъги букIана гьединабго къисматалъул мажгит, ГъазимухIамадица гьебги бан рагIалде бахъинабуна.
Гъизляралъул рагIалда бугеб МЖСалъул дачабазул авалалда букIана мажгит базеян къадал рорхун хутIараб кирпичалъул къали, гьесул чIаголъиялдалъун жакъа гьебги хIалтIулеб буго.
Жиндирго гIагараб Муни росулъ ГъазимухIамадица къачIана кIиго авал мажгит, цоялда тIад тIох гьабуна, кIиабилеб – жанисан къачIана.
ГIандибе унеб нухда аскIоб, 12-гIанасеб цIараки бугеб мунисезул Рушуха абулеб колода бана гьитIинабго мажгит. Гьединго, гьенибе лъим бачун, гIадамазе букIараб къварилъи тIаса инабуна.
ГъазимухIамадил лъикIал ишазул хIакъалъулъ хабар Дагъистан бахун къватIибги рагIун буго. Масала, Армавир шагьаралда мажгит базеги гьенибе лъим бачинеги гIарцул кумек къваригIун бугилан, телефоналдаса гьесухъе кIалъана Шамил абулев магIарулав, гьай-гьай, ГъазимухIамадица гьенибе гIарац битIана.
Гъизляралдаса цо кIодоца бакIарараб гIарацги хIалтIизабун, шагьаралъул поликлиникаялда жаниб бана гьитIинабго мажгит. Косякина росдал школалда жаниб гьес гьабуна как баялъе санагIатаб рукъ, Черняевка росдал школа-интернаталда аскIоб балеб мажгитги лъугIулеб буго.
Гъизляралъулаз абула, Гъази-мухIамад жидер «Хехаб кумек» вугилан. Больницаялде регизе, операция гьабизе къваригIарал мискинал-язихъал чагIазе гьес гъираялда кумек гьабула. Гьесул гьари лъицаха нахъ чIвалеб?
Шагьаралъул больницаялъул хирургияб отделалъул заведующий, Шехуца гьес витIарав бокьарав чи хабар гьечIого больницаялда вегизавула. Гьединго гьабула цогидал тохтурзабазги.
Жинца кафе рагьараб 2010 соналдаса нахъе, щибаб кIалккул моцIалда, маркIачIул как ахIаралдаса рогьалил как ахIизегIан, ГъазимухIамадица, миллат, дин цIехечIого, ункъо-щуго батIияб тIагIам кьун, щибаб къоялъ чIорого кваназарула гIадамал.
ГьабсагIат ГъазимухIамадица Болъихъ росулъ балеб буго нусго чияс цадахъ как балеб, кIитIалаяб авал мажгит.
— Дида хъизан-рукъцин кIочона
цо-цо мехалъ, дир кинабгIаги интерес, рекIел цIайи букIунаро дунялалъул бечелъиялдехун. АлхIамдулиллагь, бетIералда тIох буго, тIокIаб щибниги хIажат гьечIо. Дида кIолаан кIалгIабиги разе, хири-хириял машинабиги росизе. Амма дир ракI гьел жалазде цIаларо. Дун Бичас гьетIизавуна, кантIизавуна мискинчиясухъе кумекалъулаб квер бегьиялде. Гьелдаса кIудияб рохелги талихIги дида лъаларо,- ян бицана гьес диргун букIараб гара-чIвариялда. — Дун разияб лъабго лъимерги кьун, кIодоги гьавуна дун Халикъас. ГьитIинав вас Шамил гIумру гьабун росулъ вуго, кIудияв ГIабдула ккола дир кумекчи, дун гьечIеб мехалъ кафеялъул хIалтIи гьесда тIад букIуна. Бер ккеялда хIинкъарай дир яс ПатIимат йиго иманги адабги бугей гIадан. «Лъади лъикIав-лъикIав, лъади квешав-квешав», — ан абула магIарулаз. ЛъикIаздасан лъикIай лъади кьун, Аллагьас рази гьавурав чи ккола дун. Мажгитал раялъул хIалтIабиги садакъа кьеялъул ишги дица лъади Загьрал разилъи цIехечIого гьабуларо, нилъер диналда рекъон, гьабизеги бегьуларо. Гьелъ абула: «Аллагьасе гIоло хвезабураб бечелъиялда дир дагIба букIунаро. Дунги хола дунялалъул боцIиги гьанибго тун».
Лъималазул кIиго васги лъабго ясги ккола дир берзул нурги, дунялалъул рохелги, метериселде бугеб божилъиги. Лъималазда берцин бихьула дица мажгитал райги гьарулел гурхIел-рахIмуялъул тадбиралги. Мискинал, къварилъиялде ккарал чагIазе вас ГIабдулацаги бажарараб садакъаялъулаб кумек гьабула.
РачIаха ГъазимухIамад Гъази-мухIамадов лъикIго лъалез, щибаб къойил гьесул квер босулез, гьесдаса кумек-квербакъи щвараз бицунелъухъ гIин тIамизин.
Бадрудин-ХIажи, Муни росулъа динияв гIалим, ГъазимухIамадил насихIатчи:
— Гьесул берцинаб гIумруялъул бицунел рагIаби ратуларого вуго дун.
ГъазимухIамадилги дирги кидаго камичIеб бухьен букIуна ва гьес щибаб гали диргун дандбан тIамула.
МагIишатияб рахъ босани, Аллагьас гьесиеги кьун буго, кьураб гIадамазе пайдаялъе гьесги хIалтIизабулеб буго. Щибаб динияб тадбиралдаги гIахьаллъула гьев, ГIарабиязулъа рачIунел делегациябазда дандчIваязулъги вукIуна.
ХIисаб гьечIо, гIорхъи гьечIо гьес гьарулелщинал лъикIал ишазе.
Станислав Облов, Гъизляр шагьаралъулаб больницаялъул бетIерав тохтур:
— Кутакалда сахаватаб ракIалъул, рикIкIен гIемерал ишазул хважаин вуго, ГъазимухIамад. Гьесдаса гIаданлъи цIикIкIарав чи дида жеги дандчIвачIо. Дица нухмалъи гьабулеб шагьаралъулаб больница кIиго лъагIелалъ дарабаздалъун хьезабуна гьес. Больницаялда бана кIудияб мажгит — 100 чияс жаниб как базе рес бугеб.
Сордо-къоялда жанив бокьараб кумекалъе вахъун чIарав чи вуго ГъазимухIамад. РагIана гьабсагIаталда жиндирго гIагараб Болъихъ районалда мажгит балев вугилан.
КъутIбудин КъутIбудинов, Гъизляр районалъулаб больницаялъул бетIерав тохтур:
— КъанагIатаб жо буго гьединаб щулияб иманалъул инсан нилъер заманалда ракьалда вукIин. Цониги квешаб рахъ, цониги нилъ разилъулареб хасият гьечIо гьесулъ. Гъизляр районалъего баракат бугев чи вуго. Шагьаралъулаб больницаялда мажгит бана, гьединабго базе бокьун букIана райбольницаялдаги. Амма нижер гьелъие гIураб ракь гьечIо, гьединлъидал гIей гьабуна как балеб рукъ баялда. Гьес, лъидего ккезе течIого, тIуразарула больницаялда хварал чагIи чуриялъул, гьезда мусру баялъул суалал ва капек гIарац босуларо лъидасаниги.
Ибрагьим ГIалиев,
23 соналъ Гъизляралъул шагьаралъулаб больницаялъе нухмалъи гьабурав.
Газеталда хъвазе бищун ярагьунев инсан вуго. Исламияб рахъги камилав, кидаго чорхолъ ияхIги камичIев, унго-унгояв бихьинчи. Язихъазе квен-тIех кьола, кьогIаб къисматалъул бесдалазе ретIел-хьит босула, мискиназе садакъа бикьула.
ПалхIасил, гIадамазде рокьи бугев, кутакалда баракатав, магIнаяв муъминчи вуго. Алжан насибав чи ватилин тола дицаго гьев.
Шамил СагIидов, Краснооктябрьское росдал администрациялъул бетIер.
— Нижеца киназго кодовги ккун хьихьизе кколев чи вуго гьев. МагIарул мацIалда ругелщинал лъикIал рагIаби сайгъат гьарилаан дица ГъазимухIамадие. Живго вакъун-къечон чIунги мискин-пакъирзаби кваназарула гьес. Нусго соналъул гIумруги щулияб сахлъиги гьарула нижеца гьев унго-унгояв, гIадатияб халкъалъе гIоло хвезеги хIадурав магIаруласе. Нужееги кIудияб баркала гьединав ракI гIатIидав, гIамал берцинав нилъерго миллатцоясул хIакъалъулъ газеталда макъала хъвазе пикру ккарал.
…Нижеца хурхен гьабун букIана дой гьас кумек гьабурай унтарай гIаданалъулгунги. Гьелда цIар бугоан Сидрат. Росу-ракь рехсезе гьелъие бокьичIо, амма ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабуна ГъазимухIамадие. Кидагоялъе гъваридаб адаб хутIилила жиндир гьев тамашаго ракI лъикIав чиясдейиланги абуна гьелъ.
ЛъикIаб бухьен буго Гъази-мухIамадил Дагъистаналъул Бусурбабазул идараялъулгун ва живго муфти АхIмад-хIажи Афандиясулгун (къ.с.) Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гьалъал суратазги.
Жиндир 50 сонилаб гIумруялда жаниб гIаракъи-чагъир гьекъарав чиги гуро гьев.
…Ахиралде щвана нижер гара-чIвари.
АхIана маркIачIул как ва ниж рилълъана редакциялъул как балеб рокъоре.
Жанибе гали бегьарабго, гIеккеялъ тIогьиллъи рехарал къадазда берги щвезабун:
— Нужеца изну кьуни, ин ша Аллагь дица гьаб рукъ месед гIадин къачIазе буго, — ян абуна гьоболас.
Росана кверал, гьабуна къотIи ва лъабго къойил болжалалда жаниб ниж божулареб хIалалда цIи гьабураб Аллагьасул рукъалъул кIулал кьуна гьес нижехъе.
ГIумруялъего нижер рекIелъ кIочонареб лъалкIги тун, редакциялдаса арав сахаватав инсан, исламияб нухдаса кьуричIого гали цебе тIамулев тIокIкIарав муъминчи Муниса ГъазимухIамадов ГъазимухIамадил хIакъалъулъ ракI-ракIалъ хъвараб гьаб макъала бахъулеб буго нижеца жакъа газеталда.
ТIубараб тIехь хъвазеги тIолалго рес бугел чагIазги мисал босизе мустахIикъав чи вуго гьев.