Дицаги лъилниги гIумру хвасар гьабилаан…

Дагьал церегIан къоязда социалиял гьиназда тIибитIун букIана инсан хварабго гьесул лугбал цогидав унтарав чиясе (реципиентасе) лъезе изну кьолин абун анкетаялда гъулбасине тIамулел ругин поликлиникаялдаян бицунеб видео-хитIаб. Хадубго ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовасги лъазабуна республикаялъул поликлиникабазда гьединал анкетабиги гьечIин, гьел харбалги гьересиял ругин.

 

Гьединалго лъазабиял гьаруна Чачан ва Ингушетия республикабаздаги. Гьелъул хIакъалъулъ бицун букIана «ХIакъикъат» газеталдаги. Нижеца бахъараб гьеб макъалаги цIалун, цогидав чиясул гIумру хвасарлъиялъе гIоло жий хвараб мехалда лугбал трансплантациялъе кьеян васият гьабизе исламалъ изну кьолищан цIехон, редакциялде кIалъан ячIана кIудияб ригьалъул магIарулай. Хвараб мехалдагIаги жинцаги лъил букIаниги гIумру хвасар гьабилаанин абулеб буго гьелъ. Исламалда донорлъиялде щиб абулебали лъазелъун нижеца цIех-рех гьабуна ДРялъул муфтияталъул фатвабазул отделалда. 
 
Инсанасул лугбал цогидазда 
лъезе ихтияр бугищ?
 
Гьеб суалалъе жаваблъун муфтияталъ босулеб буго МухIаммад Атыйа Ас-Сакра абурав гьанжесеб заманалъул исламияв гIалимчиясул фатва. 
«Гьеб суалалъулъ исламияб юриспруденциялъул ва законал рахъулезул пикраби батIи-батIиял ратана, ва гьез рачарал хIужабиги фикъгьиялъул тIахьазда хъварабги мисалалъе босун, нижеца хIукму гьабуна: хварав чиясул лугбал рахъун, цогидав чиясе кьезе бегьула, гьев чияс жиндирго лугбал цогидал унтарал гIадамазе кьезе васият гьабун букIун батани. ЧIагояв чиясулги лугбал цогидав чиясе кьезе бегьула, гьев чиясул изну батани ва гьесул сахлъиялъе зарал кколеб гьечIони. Хварав яги чIагояв чиясул лугбал цогидав чиясда лъей исламалъ гьукъараб ва хIарамаб гьечIо, хварав чиясул черх инжит гьабиги кколаро гьеб, щайгурелъул чIагояв чиясе гьелдаса цIикIкIараб пайда бугелъул.
Нагагь хвелалде цебе жиндир лугбал рахъизе васият гьечIони яги жиндир лугбал рахъугеян абун цебеккунго гьес абунги бугони (изну гьечIони), гьеб мехалдаги цIехезе бегьула хварасул ирсилазда. Ирсилал разилъани, хварасул лугбал цогидав унтарасда лъезе бегьулин абулелги руго гIалимзаби. Диналдаги чIагояв чиясул рухI хвасар гьаби кIвар цIикIкIараблъун рикIкIуна. 
ЧIагояв чиясул лугбал рахъизе бегьуларо, гьел рахъиялдалъун гьесул сахлъиялъе яги гIумруялъе хIинкъи бугони. ЧIагояв чиясул сахлъиялъе зарал кколеб гьечIониги яги гьелдалъун гьев чи холев гьечIонигицин, гьесул изну гьечIого, гьевги махсараде ккун, гьесул би, гIус, цояб ургьисала бахъизе хIарамаб буго. Изну гьечIого чIагояв чиясул лугбал рахъа­рав чиясе бихьизабураб тамихIги букIине ккола, гьев чи лъукъараб ва гьесул сахлъиялъе зарал гьабурасе гIадаб. 
ЧIагояв донорас изнуги кьун, гьесул лугбал (органы, ткани) рахъи ва трансплантациялъе хIалтIизари цо-цо гIалимзабаз хIарамаблъун рикIкIунеб буго, гьелъие далиллъунги рикIкIунеб буго инсанасул чорхол адаб цIуни ва чIагояв чиясул чорходаса батIалъараб лага ракьулъ букъизе кколеб букIин. 
Инсанасул гIумру хвасарлъиялъе гIоло чорхол лага гьесие кьезе бегьулин абулел гIалимзабазда нахърилълъунел ругони, бачIунеб буго цоги суалги: «ЧIагояв чияс цогидав унтарав чиясе жиндирго лугбал кьуни, гьелъухъ гIарац босизе бегьулищ?» — абун. Цо-цо гIалимзабаз гьеб гьу­къараблъун рикIкIунеб буго, гьелъие далиллъунги бачунеб буго — эркенав чи тIуванго яги бутIаккун вичи хIарамаб букIин. 
Цогидал гIалимзабазул къокъаялъ рикIкIунеб буго: чIагояв чияс цогидасе кьураб жиндирго чорхол лагаялъухъ (орган, ткани) сайгъат яги боцIи-бечелъи босизе бегьулин. Гьеб данде кколеб буго чияр лъимер каранзул рахь кьун хьихьаралъухъ гIарац босиялда».
 
Трансплантациялъул закон
 
Хун хадуб донараллъун лъугьине гьукъулеб гьечIолъи бихьулеб буго гIемерисел гIалимзабаз чIагояв чиясул гIумру хвасар гьаби кIвар бугеблъун рикIкIунеб букIиналъ ва трансплантация хварасул черх инжит гьабилъун рикIкIунеб гьечIолъиялъ. Амма тIадехун рехсараб фатваялда мухIкан гьабун гьечIо кида ва кинаб лага цогидав чи хвасар гьавиялъе гIоло хварав чиясдаса бахъизе бегьулебали. 
Хварав чиясул гIемерисел лугбал хIалтIизарула трансплантологиялда цогидав чиясул гIумру хвасар гьабизелъун. Бокьарав чи донорлъун лъугьине рес бугищ? Россиялда трансплантация гьабиялъе кинал ресал ругел? ЦIа ккаралъуса гурони, кIкIуйги бахъунарин абулелъул, социалиял гьиназда ахираб заманалда трансплантациялъул бициналъе кинаб гIилла бугебали цIех-рех гьабуна нижеца. 
2019 соналъул декабрь моцIалъул ахиралда халкъалъул пикру лъазе Интернеталда лъун буго доноразул, донорлъиялъул лугбазул ва реципиентазул цогояб регистр гIуцIиялъул законопроект. Гьеб ккола цебехун букIараб законалде цIиял тIадежураял ва хиса-басиял гьарураб законопроект. Гьелда сверухъ гIемерисел гIадамазул разилъи гьечIолъиги бихьулеб буго. Рехсараб законопроект къабул гьабуни, гьеб хIалтIизе рагIула 2021 соналдаса нахъе. 
Халкъалда гьоркьоб гIемерисезда лъалеб батуларо, нилъеца киналгIаги анкетаби цIечIониги, федералияб законалда рекъон, донорлъиялъе данде кколев чиясул лугбал рахъи­зе тохтурзабазул ихтияр букIин. Россиялда 1992 соналдаса нахъе хIалтIулеб законалда рекъон, 18 сон тIубаралдаса нахъе чияс живго хун хадуса донорлъиялдаса инкар гьабураб справка хъван гьечIони (нотариусас тасдикъ гьабураб) гьев донорлъиялда разиявлъун рикIкIуна. Гьединго больницаялде ккарав чиясул гIагарлъиялъ, гьесул лугбал рахъугеян, тохтурзабазда цебеккунго лъазабун гьечIони, гьездагицин гьикъичIого хварав чиясул лугбал рахъизе бегьулеб буго. Хал гьабизе бегьула: «Закон РФ от 22 декабря 1992 г. N 4180-I «О трансплантации органов и (или) тканей человека».
 
РуцIцIун чIей — разилъи
 
Законалда рекъон, нилъ руцIцIун чIей, ай хварас цебеккунго ва хадуб гьесул ирсилаз тохтурзабазда донорлъиялъе инкар букIин лъазабичIони, гьеб рикIкIуна лугбал рахъизе нилъ рази рукIинлъун (презумпция согласия). Гьединабго къагIида хIалтIизабулеб буго Франциялда, Бельгиялда, Финляндиялда, ва цогидал пачалихъазда. Инсанас живго хвелалде цебе донорлъиялъе изну кьун яги гIагарлъиялда изну цIехон гурони (презумпция несогласия) хварав чиясул лугбал трансплантациялъе хIалтIизаризе бегьуларо СШАялда, Австралиялда, Великобританиялда ва цогидал пачали­хъазда. 
Гьеб закон гIуцIаралдаса 30-гIа­насеб сон аниги, гIемерисезда гьелъул хIакъалъулъ лъалебго батуларо. Гьелъие гIиллалъунги рикIкIунеб буго нилъер улкаялъул медицинаялда трансплантология­лъул рахъ цебетIураб гьечIолъи. 
Хварабго донораллъун бокьарав чи лъугьунаро. Донорги вукIине ккола сахав, киналгIаги унтаби гьечIев. Аслияб къагIидаялъ донораллъун лъугьине бегьула тохлъукьего, авариялда ва цогидал балагьаздалъун хварал гIадамал. Масала, ракIалъул трансплантация гьабула гIадалнахги хун, искусственнияб аппараталда гъоркь жеги хIухьел цIалеб бугони ва ракI кьабулеб бугони. ГIадалнах хун тIоцебесеб лъабго сагIаталда жаниб трансплантациялъе гIамал гьабичIони, заман анагIан жанисел лугбалги хвезе байбихьулеб буго. Руго инсанасул ракI чIун хадуса трансплантациялъе росулел лугбалги. Медицинаялъул хIалтIухъа­баз гIадалнах хвеялдалъун инсан хва­равлъун рикIкIунев вуго, искусственнияб аппараталъул кумекалдалъун сордо-къоялъ яги анкьица хIухьел цIалеб бугонигицин. 
Исламалда рекъон, кидаха инсан хваравлъун рикIкIунев? Гьеб суалалъе жаваб кьуна магIарул мацIал­да къватIибе биччалеб «Ас-салам» газеталъул редактор ГIабдулагь-хIажи МухIамадовас:
«Исламалда рекъон инсан хваравлъун рикIкIуна гьесул ракI чIараб ва къаркъала цIорораб мехалда», — ян.