ХIижаб – фарзищ, модайищ?

ТIоцебесеб февралалда дунялалъул гIемерисел улкабазда кIодо гьабула хIижабалъул къо. Гьелъие кьучI лъуна Бангладешалдаса Назма Кханица. Назма жеги гьитIинго йикIаго, гьелъул эбел-эмен гочун руго СШАялде. Америкаялъул школалда ва институталда цIалулеб заманалда, хIижаб чIварай гьелда тIад релъулаан цадахъ цIалулел. Гьеб мехалда байбихьана Кханица Интернеталдаса хIижабалъул хIакъалъулъ бицунеб хасаб къокъа гIуцIизе, хIижабалъул кIваралъулги гьениб гIемер бицунаан.
Гьелъул пикруялъул рахъ ккуна дунялалъул цогидал улкабазда гIумру гьабун ругезги. 2016 соналда букIараб дунялалъулго халкъазда гьоркьосеб хIижабалъул къоялда гIахьаллъи гьабуна 116 улкаялдаса 10 миллион чIужугIаданалъ. Египеталъул телевидениялдасан передача бачуней яс хIижабги чIван цее яхъиндал, гьелъул хIакъалъулъ хъвана тIолабго дунялалъулго СМИяз. Цебеян абуни телевидениялда хIалтIулел руччабазул гьединаб ихтияр букIун гьечIо.

 

КIазил щай бицунеб гIочIодаги чIван?

ХIижаб ретIаразе квекIенал камулел гьечIо нилъер улкаялдаги. Лъидаго кIочон батиларо РФялъул Верховный судалъ школазда ясаз кIаз чIвазе гьукъиги, гьединго цее йикIарай лъай кьеялъул министр Ольга Васильевалъ школалда хIижаб гьукъиялъул рахъ кквейги. Гьединал харбал сабаблъун чIезабуна школазда цогояб форма.
Нилъ светияб пачалихъалда гIумру гьабулел ругин, диниял гIаламатал рихьизарулеб бакI школаги гурин абун, хIижаб ретIиналда тIасан гIарзал камулароан нилъер республикаялдаги. Амма «светияб» абураб рагIул магIна дин гьукъи кколарелъул, РФялъул конституциялъул 28-аб. статьяялда рекъон, щивав чиясе рес буго эркенго дин гьабизе.
Руччабазул ратIлида сверухъ рицунел харбал Интернет-мухъаздаги жеги гьоркьоса къотIулел гьечIо. ЖамгIиял гьиназда хIижабги чIван жидерго суратал цере лъурал ясазде «гъегъ балел» камуларо, нечоларищ нуж нужерго гьурмал цере лъезеян абун. Камуларо миллияб ретIелги, жакъа бусурбанал руччабаз ретIулебги дандеккун, хIижаб какулелги.
Кинабха букIараб нилъер умумузул ретIел?
Жакъа гьеб бихьизе рес буго музеязда, батIи-батIиял этно-фестивалазда. Рамазан ГIабдулатIиповас Дагъистаналъул цолъиялъул къоялде киналго хIакимчагIазда ретIинабун букIана миллияб ретIел. ХъулухъчагIазул мухъилъги цогIаги миллаталъул чIужугIадан расалги гьурщун йихьичIо. Гьез бетIер бахчигун щай тIад рагIи абулев чи ккечIев? Цебесеб чохтIо-кIазалъ бахчани бегьулеб, щибаб къойил гIадатияб хIижаб ретIани бегьулареб-гIажаибаб пикру!
Жакъа бусурбабазул руччабаз ретIунеб хIижабги (гьумерги квералги хутIизегIан тIолабго черх бацараб ретIел) дагъистаниязул миллияб ретIелги релълъараб бугищали лъазе бокьарал ралагьизе бегьула цересел суратазухъ. Хал гьабе Шамил имамасул хъизаналда руччаби кинаб къагIидаялъ ретIа-къан рукIаралали. Миллияб ретIелги гьанжесеб хIижабги бусурбабазул къагIидаялъ черх бахчараб буго. Доб, щибаб бодул, миллаталъул хаслъи цIунараб заманалда ратIлилъги букIана жиндирго хаслъи. МагIарулазул, лъарагIазул ва цогидал миллатазул букIана жиндалъун гьел миллатазул руччаби ратIарахъизе лъалеб хасал гIаламатал гъорлъ ругеб ретIел. РетIелгун цадахъ рукIунаан гьеб берцин гьабулеб гIарцул яги цогидаб магIданалъул алаталги рукъараб гурде, бетIер бахчизабулеб хасаб къагIидаги. ПалхIасил, Дагъистаналъул халкъазул миллияб ретIел букIана бусурбабазе рекъонкколеб.

Миллияб ратIлица бацунарищ черх?

МагIарул руччабазулги букIана жидеего хасиятаб ретIел, чохтIо, чаба, гIоркь, кIаз, кверлъин… Амма гIарабазул улкабазда гIадин цIакъго халатаб гуреб, дагьаб къокъаб гурдеги гIебаб тIажуги букIунаан. Ракь баччун кьурул парсахъцин ах-хур гьабулел магIарул руччабазе рес букIинчIо ракьалда хъвалел гурдалги ретIун чIезе. ЦIакъго захIматаб букIана гьезул магIишат-яшав. Бихьинал чабхъад яги рагъде индал рукъалъул, боцIи хьихьиялъул, хур-хералдалъун магIишат гьабиялъул хIалтIи чIужугIаданалъул гъуждузде кколаан. Гьединлъидал диналдаги рекъараб, хур-хералъул хIалтIи гьабизе санагIатаб партал букIана нилъер цересел умумузул.
Нилъер умумул гьедин хьвадулароанин ахIтIолезе мисаллъун босизе бегьила жакъа къоялдаги нилъер чIахIияб ригьалъул руччабаз кIазида гъоркьан чIвалеб чохтIо. Гъежде кIаз рехарай кIудияй гIаданалъул букIунеб къадру-асги кIочон теларин. Тарихалде ва фольклоралде раккун ракIалде щвезабилин гIандадерил, гьидерил руччабазул миллияб ретIел, щибаб халкъалъе хIатта щибаб росдаегицин хасиятаб ретIел букIана нилъер умумузул.
Дагъистаналъул некIсияб ратIлил хал гьабулаго, Интернеталда тIаде ккана «ГIасрабазул гъварилъудасан» («Из глубины веков») абураб ПатIимат ГьитIиновалъул видео-фильмалде. Гьениб бихьизабулеб буго гьидерил руччабаз жакъа къоялдаги къиматалда жидерго хаслъи цIунун букIин. Коммунистаз гьукъулеб заманалдаги данде рагъун цIунана гьезул руччабаз жидерго чохтIогун чаба. ТутигъветIалъул къазихIутI (тутовый шелкопряд) абураб рухIчIаголъиялъул къвачIаялъул (кокон) кунги гьабун бессулаан чаба. Цебе гьеб хIутI жидецаго хьихьун гIезабулаан, цо-цояз Гуржистаналдаса бичун босунги бачIунаан. КъанагIат бугониги, жакъа къоялдаги гьеб устарлъи цIунун буго гьидерица. Амма масъала буго чаба бессизе материал щунгутIиялъул. Гьеб киналъго батила хIотIол кунал чабаялъул багьа 40-50 азарго гъурущалде бахун бугеб. Чабаян руччабазул ботIрода къалеб шарфалда релълъараб алаталда абулеб буго Лаваша мухъалъул даргиязул росабалъги.
Дагъистаналъул чIужугIаданалъ, щияй бусурманай чIужугIаданалъул фарзлъун кколеб, гьумергун кверал хутIизегIан черх бахчулеб хIижаб ретIине байбихьараб мехалдаса нахъе гьелда чIвалел гIайибал камулароан. ХIижаб чIварал руччаби цо-цо бакIазда хIалтIудецин росулароан. Эбел-инсул ва цогидаб гIагарлъиялъулгицин рагIи камулароан ясалъ ботIрода чIвараб кIазалда тIасан. Гьелъие батIи-батIиял гIиллабиги рукIанин абизе бегьула: диналде руссунин абун, тIубанго мекъаб рахъалде лъимал руссиналъул хIинкъи букIаралъул гIемерисел улбузул ракIазулъ. 10-15 соналъ цебеккун чIегIераб никаб (берал хутIизегIан тIолабго черх бахчизабулеб чIужугIаданалъул ретIел) ретIарал руччаби жамгIиял бакIазда рихьидал, гIадамал хIинкъадго ралагьулаан. Заманги хIинкъараб букIаралъул. Жакъайин абуни, щияй кIиабилей чIужугIаданалда ретIун бихьула хIижаб. Амма гьеб гIарабазул мода бугин абулелги камулел гьечIо.

Щиб хIинкъи бугеб чIужугIаданалъул ратIлидаса?

ХIижаб ретIунезул къадар къойидаса къойиде цIикIкIиналъе гIилла щиб? Модайищ, фарзищ гьез тIаса бищулеб бугеб? Гьадинаб буго жалго хIижаб чIвалел гIолил ясазул жаваб:
Мариян, МахIачхъалаялъул лъималазул ахалда тарбиячIужу: «БусурманчIужуялда тIадаб къагIи-даялъ хIижаб чIвазе дица байбихьаралдаса кIиго лъагIел сверана. Фарзалда рекъон, кколеб къагIидаялъ бох-гъеж бахчизабичIониги, ма-гIарухъ ругьунаб къагIидаялъ гьитIинаб кIаз чIвалаан цебеги дица. Гьединлъидал дица хIижаб ретIунин абун сверухъ ругезеги батIияб асар гьабичIо. ХIалтIудаги дир ратIлида тIасан кIалъалев чиго вахъинчIо».
Марият, бизнесчIужу: «Дие кидаго цIакъ бокьулаан киназдаго дун берцин йихьизе, цогидал гIадамаз дирго ретIа-къай беццизе ва дир хIалтIулъ щолел бергьенлъаби киназдаго рихьизе. РатIлица чи гьавулин абухъего, бизнесалъулъ цеетIезе хьулгун офисалъулаб къагIидаялъул лъикIаб ретIелги ретIун, лъикI хадуб хъулухъ гьабурал расалги риччан тун хьвадулаан. РакIалде кколаан, дун лъикI къачIадани, цадахъ хIалтIулел бихьиназгун руччабаз дир цIакъ къимат гьабизе бугин. Росасги дида гIайиб гьабулароан. Фарзалда рекъон черх бахчизабичIониги, какги балаан, кIалги кколаан дица. ХIижаб щияй чIужугIаданалда Аллагьас тIадкъараб фарз бугелъул, кида-къадги гьеб ретIине кколеблъиги лъалаан дида. РакIалде кколаан бизнесалъулъги хIижаб чIварай чIужугIаданалъе квалквал букIинин, дун лъицаго санги гьайиларин. Амма кинабго гьелъул гIаксалда ккана, дица хIижаб чIвайдал эбел-эменги рохана. Дида бичIчIана жамагIаталда гьоркьоб хIижаб чIварай чIужугIаданалъул цIикIкIун къимат гьабулеб букIин. Цере цадахъ хIалтIулел бихьинал къимат кьолеб гIадаб балагьигун дихъ ралагьулел рукIун ратани, гьанже яца-лъухъ гIадин ралагьула. ХIалтIулъги гIадамазул рахъалдаса дидехун божилъи цIикIкIана. ХIижабалъ дие цIияб дунялалде нуцIа рагьанин рикIкIуна дица».
ГIайшат, пенсионер: «Дирго цохIо йигей ясалъ хIижаб чIвай дие байбихьуда рекIее гIечIо. Жиндирго гIелбащадал гIолилазго гIадин, модаялда рекъараб, амма черх цебе рехулареб гIадаб ретIелги ретIунаан, кIазги нахъехун бухьунаан. Амма росгун ятIалъаралдаса нахъе байбихьана цин чIегIераб ретIел ретIине, цинги берал хутIизегIан тIолабго черх бахчараб никаб ретIине. ГIагарлъиялъ гьоркьоса къотIичIого чIвалел гIайибалги чIалгIун рукIунаан, дур яс цощинай вагьабияйцин гурищан бадиб хIунччизабулелги камулароан. ГIадамазул бугьтаназ ракIги хIинкъизабун ракIалде ккана яс психологасухъе ячине. Дунялалдаса ракI буссиндал, ратIлил пардавалдалъун жийго яхчизаюлей йикIун йигоан гьелъ. Тохтурасул малъа-хъваяздаса хадуб гьелъул ракI цIилъана. Гьанже хIижабги канчIаб кьералъул буго ретIунеб».