Школалъе мадрасаялъул квалквал бугищ?

Гъоркьиса Болъихъ районалъул МигIарсо росу бакьулъ бан лъугIун хIалтIизе биччана 60 чиясе бакI бугеб мадраса. Рега-рахъине, цIализе, кваназе киналго санагIалъабиги чIезарун руго жанир. Росдал лъималазе гьенир исламалъул дарсал кьолел руго Хасавюрт шагьаралъул исламияб университет ва гьелъулго аспирантураялда цIалун лъикIаб лъай щварал мугIалимзабаз.

 

Гьезул хIалтIудаса кутакалда разиго руго лъималазул эбел-эмен.
ХIакъикъаталдаги, мадраса хIалтIизе байбихьаралдаса нахъе, росдал лъималазул гIадлуги щулалъана.
Амма камун гьечIо нилъер светияб хIукуматалда жаниб къабул гьабулареб цо рахъги. Мисалалъе, школалъул завуч Абакар Шариповас абуна лъималазе тарбия кьей лъикIлъиялъе чара гьечIеблъун кколин мех-мехалъниги гьезул ракIал роххизари. Гьеб рахъ загIипго бугин бицана Абакарица. Гьеб мурадалда, санайилго гIадин, исанаги школалъул майданалда лъун букIун буго ЦIияб соналъе ёлка, хIадурун рукIун руго гьитIичазе сайгъатал. Амма цересел соназ гIадин, эбел-эменги рачIинин школалъул елка бугеб майданалдеян хьулалда рукIун руго учительзабазул коллективги. Иш ккун буго думалъго бегьулареб хIалалде, гьениве гIаданго вачIун гьечIо. Щай ва щиб ккун рачIинчIелан гьикъидал, лъималаз бицун буго гьенире ин хIарамаб бугин, унгейилан лъазабунила жидеда мадрасаялда ва мажгиталда.
Гьаниб гьикъичIого гIоларо, лъица ихтияр кьураб мажгита-лъегун мадрасаялъе нухмалъи жидеца гьабулезе, лъагIалида жаниб цо нухалъ бачIунеб рохалилаб чIаголъи лъималазе гьукъизе? Кинаб тIехьалда хъван бугеб школалъ гьитIичазе гьел рохизаризе кьолел сайгъатал хIарамал ругин, гьел росугеян? МигIарсдерил росдал ва школалъул нухмалъулезда тIадаб букIинаан, гьединал ишал такрарлъизе течIого, хадуб халкквезе.
Суал бачIунеб буго ругодай гьединал хIужаби цоги-цоги районазда, росабалъ? ХIурматиял магIарулал, бокьилаан лъазе гьеб рахъалъ нужерги пикру.