Дуниялги динги – къаркъалагун рухI

Парахатго рокъой тун хьихьараб рахIат магIарул чIужугIада-налда кидаго бихьун батиларо.

КигIан захIматаб заманалъги гьей йикIана хъизанги данде бачун магIишат гIуцIулейлъун. Исламалда рекъон руччаби рокъоса къватIирего рахъине бегьуларин абун къойилго гьарулел вагIзабиги киназдаго гуро ритIун ричIчIулел ругел. Заманалъул цебетIеялда рекъон, рукъалъул хIалтIи бигьалъун, парахат рокъор кIусун, Турциялъул сериалазухъги балагьун руго гIемер руччаби. Ясли-ахалъ яги школалъ тарбия кьеян абун лъималги тун тIуяладай магIарул чIужугIадан? Эбел-инсул рукIа-рахъиналъухъ балагьун гурищ лъималазулъги хасият куцалеб?! 

Нилъер гIумруялда гIезегIанго дандчIвала дунялги динги цадахъ рекъон бачунел, жамагIаталда гьоркьоб къадру цIунарал руччаби. Жидерго лъималазе гуребги, гьединаз лъикIаб тарбия кьола ва мисал бихьизабула сверухъ ругезеги. Гьединазул цояй йиго Унсоколо районалъул Генуса гIурус ва магIарул мацIазул тIоцебесеб категориялъун мугIалим, «Муслимат» жамгIияб гIуцIиялъул филиалалъул нухмалъулей Меседо Абакарова.
Бащдаб гIасруялъ школалда гIурус мацIалъул дарсал кьуна Меседоца. БукIана заман кIиго сменаялдаги хIалтIун, магIарул мацIалъулги дарсал нухда рачунеб. Школалда хIалтIунин абун как-диналъе заралали киса гурин, коммунистазул заманалдагицин мажгит рахачIин жидер росулъин бицуна Меседоца. Балъго устарасухъе вирд босизеги хьвадун, шайих СагIид-афандиясул муридлъун йикIаго тIарикъаталъулги киналго муракъабиги лъугIизарун руго гьелъ. Гьанже, аскIовегIан вугелъул, ГIабдулжалил-афандиясухъе хьвадула гьей. Къуръанги динги Генуб кидаго букIана ва гьеб киданиги нахъехун лъун течIо, гьелъие нугIлъи гьабула 400 сон бараб мажгиталъги бечедаб исламияб тарихалъги.
Меседоца ургъел гьабула жа-къасеб къоялъул политикаялъулги сверухъ лъугьа-бахъунелъулги. — ЧIужугIаданалъул бакI гIицIго богорукъ кколин абураб пикруги ботIролъ ккун жакъа къоялда улбул чIей битIараблъун бихьуларо дида. Эбелалдаса ракIбухIун ва мухIканго жиндир лъимада лъикIаб-квешалъул лъицаго бицунаро, — ян абула гьелъ.

ХIетIалъ кини кIикIун квералъ Къуръан ккун

— ТIоцее хIежалде араб мехалда цо гIалимчияс абурал рагIаби кидаго кIочонаро дида, гьелда рекъон хьвадизеги хIаракат ба-хъула: «Дуда рихарав, чи щиван, гьикъидал, Аллагьас абун буго бищунго рихарав чи, дунял тун, кидаго ахират гьабулев ва, ахират кIочон тун, дунял гьабулев чи вугилан. Жиндие вокьулев чи кколин, жакъа холев гIадин ахиратги гьабулев, кидаго хвеларев гIадин дунялги гьабулев чи», — ян абуна гьес. Нижер умумулги дида ратана захIматалдаса хIинкъуларел ва диналда чIей бугел, — ан бицуна Меседоца.
Шамил ва ГъазимухIамад имамзабазул кьолбол наслулъун кколеб Абакаровазул хъизамалда кIудияб кIвар кьолаан динияб лъай кьеялде, гьелда цадахъго светияб лъай ясазе кьеялдеги инкар кколароан. Меседол эбел Жавгьаратица лъимал гIадада гIодор чIун толароан, жидеего бетIербахъиялъе магIишат гьабизе ругьун гьарулаан. Шамил имамасул бахIарчияй лъадул цIар лъурай магIарулай Жавгьаратица жиндирго 12 лъимер хьихьана, хIатIица киниги кIикIун, цояб квералъ щар чIвалаго, цогидаб кверзукь Къуръанги ккун гьеб цIалулаго.
Меседол эмен Абакаров ГIабдурахIманица данде бакIарараб Шамилил заманалъул тарихалъулгун ракь лъазабиялъул бицунеб музей буго жакъа къоялдаги школалда жаниб хIалтIулеб.
ЦIалун мугIалимлъиялъул махщел босизе бугеб гъираялда эбел-инсуца гIемер дандечIей гьабичIин бицуна Меседоца, амма цоги рахъалдаса квекIеналги камун гьечIо гьелъие:
— Дун гьарарав чиясул гIагарлъиялъе гьеб пикру цIакъ бокьун букIинчIо. Амма росгун ятIалъун хадуй вас хьихьизеги, рукъалъе яшав гьабизеги дидего бегидал, цIалун щвараб махщел нахърателлъун батана. Школалда дарсал кьолаго цадахъ бачунаан мадрасаялъул ва «Муслимата-лъул» жамгIияб хIалтIиги. Гьединго цадахъго букIинарищха рукъалъул магIишатги. Эркенаб заман хутIулеб гьечIониги, гъираялда гьабулаан кинабго цадахъ. Нижер росулъ ахираб заманалда тIадегIанаб лъай щварал ясал цIикIкIун руго васаздаса. Къаркъалаги рухIги гIадин, цадахъ бачине ккола чIужугIаданалъ динияб ва магIишаталъул рахъ.

Школагун мадраса рекъон хIалтIула

РакI аваданай, ботIролъ бижараб пикру гIумруялде бахъинабизе гIедерай гIадан йиго Меседо. ГIолохъанаб заманалдасаго кучIдул хъвазе, мавлид ахIизе гьунар буго гьелъул. Школалда цIалулеб заманаялдасаго гъираялда жамгIияб хIалтIулъги гIахьаллъулей йиго гьей.
«БагIараб байрахъ» газеталдаса цIалун лъан буго Меседода МахIачхъалаялда руччабазул динияб «Муслимат» жамгIияб гIуцIи рагьун букIин. Бугеб бакIги цIехон, щун йиго гьение ва гьелдаса нахъе диналъул яцазулгун бухьен къотIизе тун гьечIо. Къоло лъабгогIан соналъ «Муслиматалъул» филиалалда жигаралда хIалтIулей йиго гьей. ГьабсагIат гьенир жанир руго 160-гIанасев чи цIалулеб мадрасаги щибаб рузман сордоялъ руччабаз салават битIулеб рукъги. Мадраса гIуцIизе ва салаватал тIоритIизе руччабазул жамагIаталъе цо мина босун кьун буго ГЭСалъул директорлъун вукIарав росуцояв Мансуров ГIабдулаца. 2012 соналда Генуб букIараб КТОялъул низамалъ чIунтизабун букIана гьеб мина. Гъоркьиса цIидасан гIатIидги гьабун къачIана ва, жакъа жамагIаталъе пайдаялъе хIалтIулебги буго гьеб.
— Школалъулгун мадрасаялъул хIалтIи, щибго цоцае квалквал гьабичIого, цадахъ рекъон бачуна нижер росулъ. Амма щибаб байрам тIобитIулелъул, гьениса ОМОНалъул хIалтIухъабиги камуларо. Динияб рахъалъги кIийиде бикьараб росу букIиналъ, нижер жамгIияб гIуцIиялда тIаса кIалъалелги камуларо, амма гьез бицунеб жо рагIичIеб ххвелги гьабун тола нижеца, — ян рагьана Меседо Абакаровалъ жидерго росулъ лъайкьеялъул низамалда хурхун бугеб ахIвал-хIал.