Руччабазул «гъансито»

МагIишат гьабизеги захIматаб, лъималазе тарбия кьеялдеги бищунго кIвар кьезе хIажатаб гьаб заманалда Дагъистаналъул руччабазе мугъ чIвалеб бакIлъун лъугьана руччабазул «Муслимат» абураб исламияб жамгIияб гIуцIи. Гьелъул аслияб масъалаги ккола бачIунеб гIелалъе рухIияб тарбия кьолел руччаби-улбул куцай.

 

Гьеб гIуцIиялъул нухмалъулей Хадижат ШихгIалиевалъ кидаго абула: «Эбел гьечIони, гьечIо я бахIарчи я шагIир», — ан. Унго-унгоги эбелалъ кьолеб тарбиялда бараб батула лъимадул хадусеб гIумру.
РукIинесел улбул ва лъудби куцалеб «РухIияб берцинлъиялъул школа» гIуцIаралдасаги исана 15 сон тIубалеб буго. Исламияб лъаялде тIадеги гIолохъанал ясазда гьениб малъула гIадамазда гьоркьор хьвада-чIвадизе кколеб куц, ругьун гьарула батIи-батIиял махщелазе, малъула хъизан-рукъ данде бачине кколеб къагIида.
2010 соналда гьенибго рагьана исламияб лъай кьолеб «Аманат» абураб лъималазул центрги. «Муслиматалда» Къуръан рекIехъе лъазабиялъул мурадалда кьола дарсалги. Щибаб соналъ тIоритIула шайих СагIид-афанди ракIалде щвезавиялъул хIурматалда Къуръан рекIехъе лъалел ясазда гьоркьоб къецги. Гьенир гIахьаллъизе ва гьоболлъухъ рачIуна нилъер улкаялъул батIи-батIиял регионаздаса диниял хIаракатчагIи. «РухIияб берцинлъиялъул школалъул» цIалдохъабаз ва хIафизаз гIахьаллъи гьабула республикаялъул ва гьеб тун къватIирехун тIоритIулел Къуръан цIалиялъул, как битIун баялъул, хирияв МухIаммад аварагасул гIумру лъазабиялъул рахъалъ тIоритIулел къецазулъги.

«Муслиматалъул» насихIатчагIи
ва кумекчагIи

25 соналъ Аллагьасе гIоло гьабулеб жамгIияб хIалтIул бицунаго Хадижатица ракIалде щвезарула байбихьудасаго нахъе цадахъ рукIарал диналъул яцал: Курашова ПатIимат, ХIамзатова Рукъият, Гъайирбегова Машидат, Идармачева ТIавус, ГIаливалиева Кавсарат, Къурбанова Гьапи, Мирзаева Зубаржат, ХIайбулаева ПатIимат, Къурбанова Суайбат, ГIабдулаева Аминат, ИсхIакъова Майсарат, Ибрагьимова Умагьани, Расулова ПатIимат, Абакарова Зульгия, ХIусенова Умагьани, ГIабдурахIимова Забия, Ражабова Нурулгьуда, Султанбегова Хъистаман, МухIамадова ХIабибат, Абакарова Шанисат, КъурбангIалиева ПатIимат ва гIемерал цогидалги. Гьезул цо-цоял жакъа нилъеда гьоркьор гьечIо.
«Муслимат» жамгIияб гIуцIиялъул хIалтIи байбихьулелъул кIудияб квербакъи ва кверчIвай гьабуна Дагъистаналъул рухIиял церехъабаз ва ресалда ругел гIадамаз. «Муслиматалъул» руччабазул хIалтIуде гъира цIикIкIана ЧIикIаса СагIид-афандил баракаталдалъун. Байбихьудаса нахъе гьес малъа-хъваял гьарулаан руччабазе ва гьез гьарулел лъикIал байбихьияздасаги разилъи бихьизабулаан.
«Биччанте «Муслиматалъул» нуцI­­биги, нужер ракIалго гIадин, ки­назего рагьараллъун рукIине. Биччанте гьеб божулезеги, къосун кколезеги, щакдарулезеги, амма гьебго заманалда хIакъикъат бала­гьулезеги битIараб нух бихьизабулеб бакIлъун букIине. Нужеца хIеренго ва сабурго, руччабазул къагIидаялъ бихьизабе гьезда исламалъул, ни­лъер гьайбатаб диналъул киналго тIокIлъаби. Кумек гьабе гьезие щибго чIамучIлъиларедухъ, щайгурелъул Къуръаналда бугелъул: «Диналъулъ хIал гьаби гьечIо», — ян, малъулаан СагIид-афандияс «Муслиматалъул» руччабазда.

«Эбелалъул хIатIикь буго алжан»

25 соналда жаниб «Муслимат» жамгIияб гIуцIиялде гIемерал руччаби хьвадана динияб ва дунявияб рахъалъ кумек гьарун. БатIи-батIиял захIмалъабазде ккарал, батIи-батIиял къисматалъул руччаби рачIунаан гьенире. Гьениб рухIияб ва динияб рахъалъ гIемер кумек гьабулаан батIияб диналда рукIарал бусурбан дин босарал руччабазеги.
«Муслимат» гIуцIун хадубги чанго соналъ гьезул букIинчIо жидерго бетIергьанлъиялда бугеб мина, чанго бакI хисизе ккана. Гьел захIматал къоязда «Муслиматалъул» руччаби ва жамгIиял хIаракатчагIи данделъу­лаан Гьапи Къурбановалъул минаялъур. Гьезул хъизамалъулъ цоцазде бугеб гьуинлъиги, гьалбадеридехун гьабулеб адаб-хIурматги, ислама­лъул нухда бугеб квербиччайги бихьун, гьезда рухIдаллъулаан «Муслиматалъул» руччаби. ГьабсагIаталда руччабазул жамгIияб гIуцIи жаниб хIалтIулеб минаги Хархаровазул хъизамалъ кьураб буго. Хадижат ШихгIалиевалъ жийго бетIергьанаб минаги «Муслиматалъе» васият гьабун буго.
«Эбелалъул хIатIикь буго алжан», — абун «Муслиматалъул» минаялъул къадада хъвараб, свалат-салам лъеяв МухIамад аварагасул хIадис буго бусурбабазул руччабазул рухIияб централъул хIалтIул аслияб ахIилъун. 25 соналда жаниб щибаб хамиз сордоялъ салават битIи, рабигIул аввал моцIалъ мавлидал ахIи, анкьго сон баралдаса нахъе 70 сон базегIан ригьалда ругел руччабазегун ясазда как базе, Къуръан цIализе ва дина­лъул аслиял къанунал малъи гуребги, «Муслиматалъ» гIахьаллъи гьабула рухIияб рахъалъ республикаялъул гIаммал суалал тIураялъулъги.
ЧIужугIадан-эбелалда хъатIичIого хутIуларо жамгIияталда кколел лъугьа-бахъинал, щайгурелъул, щивав бахIарчиясулги щивав такъсирчиясулги йигелъул эбел. Гьелъ кьураб тарбиялда бараб букIуна гIемерисеб мехалда инсанасул къисматги жам­гIияталда гьоркьоб гьес кколеб бакIги. Гьединлъидал, руччабазул жамгIияб гIуцIиялъ гIемерал соназда цIикIкIараб кIвар кьолеб буго чIужугIадан-эбел рухIияб рахъалъ куцаялде ва динияб лъай кьеялде.
Гьеб кири цIикIкIараб жамгIияб хIалтIуде гIемерал руччаби ахIана «Муслиматалъул» хиси гьечIей председатель Хадижат ШихгIалиевалъ. Гьелъ ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабулеб буго «Муслимат» тIегьаялъе къуват кьурал ва киналниги тадбиразулъ гIахьаллъи гьабулел жамгIияб гIуцIиялъул вакилзаби: Мадина Керимовалъе, ПатIимат МухIамадовалъе, Камалат Амаевалъе, Хасибат Жамаловалъе, Фарида Ибрагьимовалъе, ГIайшат АхIматIиловалъе, Умузагьра Идрисовалъе, Казбат ХIамзаловалъе, Марям МухIамадовалъе, Хадижат Ажубовалъе, Хадижат Бахтановалъе, Луиза АсхIабовалъе, Эльмира Ибрагьимовалъе, Айбике МухIамадовалъе, Хадижат Ахъбердиловалъе ва цогидазеги.