Лукъманил ХIакимил насихIатал

Дунял цIакъ дагьаб жо буго, гьениб дур гIумруги жеги цIакъ дагьаб жо буго, гьеб гIумруялъул дуе хутIараб жо абуни цIакъго цIакъ дагьаб жо буго.

• Мун дунялалде машгъуллъуге, гьениб дуе гIумруялъул нахъе хутIараб жоялъул къадаралда гурого.
• Дуца БетIергьан Аллагьасе гIибадат гьабе, Гьесде мун хIажалъулевгIан къадаралъ.
• Дуца ахираталъул гIамал гьабе, гьенив чIезе вугебгIан къадаралъ.
• ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабе, гьелдаса хвасарлъи дуда якъинго лъазегIан.
• Мунагьал гьаре Аллагьасул гIазабал хIехьезе кIолебгIан къадаралъ.
• Аллагьасде гIасилъун мунагь гьабизе къасд ккедал, дуца балагье гьеб мунагь гьабизе Аллагьасдаги Гьесул малаикзабаздаги бихьулареб бакI.
• Дуца дурго дунялги кьун ахират бичун босе – дуе дунялалдаги ахираталдаги хайир щвела.
• Дуца дурго ахираталъухъ дунял босуге, гьанивги доваги чIового хутIила.
• Бахиллъи, тIабигIат квешлъи ва гIемер гIадамазде хIажалъи тIалаб гьаби ахIмакълъиялъул гIаламатаздасан буго.
• ГIузру бачун мун вацIцIардуге дур гIузру бихьизе бокьичIев чиясда цеве ва дуца дур хIажат тIубан, дур кверщел батизе бокьуларев чиясдаса кумек тIалаб гьабуге.
• Адабалъул ва муруваталъул рахъалъ бищунго гIадамазе лъикIав чи вуго жив чияде хIажалъидал нахъекъан чIолев, амма жинде цогидав хIажалъидал, гьесул хIажат тIубазе аскIов чIолев.
• Чияр хIакъалъулъ дуда лъараб жо дуца бищунго лъикIалде баче, гьесдаса тIубараб хIужа духъе щвезегIан.
• Дуца гIабдалзабаздехун магIна гъваридаб калам гьабуге, гьез мун гьереси гьавизе гурин, гьединго гIакъилал чагIаздехун батIулаб калам гьабуге, гьезул дудаго ццин бахъине гурин.
• Жиндихъ гIенеккуларев чиясдехун кIалъалев чи хваразухъе цIа бакизе цIул баччулев чиясда релълъун вуго.
• Дуца гIелмуялъул агьлуялдаса гIелму нахъчIваге, дуе мунагь букIуна, агьлу гурезухъе гьебги кьоге, мун гIабдаллъун вукIуна.
• Воре, мун цIуне кIвахIаллъиялдаса ва чIалгIаде чIвачIвадиялдаса. КIвахIаллъани, дуца дудаго тIадаб иш тIубаларо, чIвачIвадани, битIараб жоялда сабру гьабизеги кIоларо.
• Мун гIемер мехалъ хIажатханаялда гIодов чIоге, басур (геморрой) ккеялъе сабаблъила.
• Халатккун хIажат тIубаялъ тIул багъаризабула ва басур унти ккезабула.
• Жинца гIадамалги живгоги ращад гьарурав ритIухъав чиясул Аллагьас хиралъи цIикIкIинабула.
• Васасе инсул тамихI хуруе рак гIадаб жо буго.
• КIалъалеб мехалъ дуца калам къокъ гьабе ва каламалдалъун мурад тIубан хадуб каламги гьабуге.
• Дурго хIалкIолъи-бажариялъ чияда зулму-хIал гьабиялде мун ахIараб мехалъ, дуца ракIалдещвезабе Аллагьасул дуда тIад бугеб къуват. Аллагьасул гIазаб кутакаб ва даимаб лъугIел гьечIеб буго.