Хунзахъа ХIажимурадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат

Адабалда ругьунлъарав, имамасул амруялъеги мутIигIав ХIажимурадил рахъалдасан муъминзабазул имам ва Аллагьасул хIинкъулел чагIазул халипа, иманалъул ракьал цIунулев, купру-къосеналъул асарал тIагIинарулев, бацIцIадаб шаригIаталъе квербакъулев, битIараб тIарикъаталъул нух ккурав Шамилихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Аллагьасул саламал лъеги дуда, дуе икъбалги даимлъаги. Амин. Аслияб мурад буго мун нижее даимго сах-саламат хутIи. Гьелда хадусеб мурадги буго нилъер тушбабазул рахъалдасан нижеда лъазе кIвараб жо духъе щвезе гьаби. Хунзахъ хъалаялда ва ЦIатIанихъ рукIарал баракат бахъарал гIурусазул аскарал, дагьал чагIи хутIизегIан, нужер рахъалде ун руго. Гьединго МочIохъаги ун руго гьел киналго, Айсагъур хъалаялда рагъ байбихьун букIин жидеда лъарабго. Дуда ракIалде ккоге гьеб цIияб, тIаде бачIараб бо бугилан абун. Хадувги гьез Хунзахъ амирлъун жидерго капурав бетIерги тана. Гьез, исламалъул ракьалде лъутизехъин вукIин лъайдал, хунздерил къадиясул васги асир гьавуна. Гьалдалъун тана.
Гьаб буго дида гьездасан лъазе кIвараб жо.
Вассалам