Къабуллъараб дугIа

ЮАРалдаса тохтуралъул ккараб лъугьа-бахъин

 

— Цо сордоялъ дунги цадахъ рукIарал медсестрабиги захIматаб дежурствоялде ккана, — ян хъвалеб буго ЮАРалдаса тохтуралъ. — Лъимер гьабулаго, кигIан ниж къеркьаниги, хвасар гьайизе кIвечIо гIолохъанай чIужугIадан. Гьелъ нахъе тана заман щвечIого гьабураб, загIипаб лъимер ва кIиго сон барай яс. Ниж ургъалилъе ккана, киндай хвасар гьабила загIипаб лъимерин абун? Больницаялда рукIинчIо шартIал, хIатта гьединал лъимал лъолеб инкубатор бакизе токгицин букIинчIо. Цояй сестра ана нахъарокъое, гьениса квасквасги босун ячIана, гьитIич гъорлъ жемизе. Цогидай екерана грелка босизе. Гьейин абуни ячIана магIил бералги цIун:
— Хинаб лъим жанибе тIурабго, грелка бихъана. Гьабин абуни букIана нилъер гьаниб хутIараб ахирисеб грелка.
«ГIодобе тIураб рахьалда хадур гIодиялъул магIна гьечIин» бакътIерхьул улкабазда абулеб гIадин, Африкаялдаги пайда букIинчIо грелкаялда хадур гIодун. Гьеб босизе я аптека ялъуни тукен букIинчIо.
— Щибха гьабилеб? – ан абуна дица, — нилъеца лъимер лъела цIадуда аскIоб, гьелъие рекъараб хинлъи бачIунеб гIадаб бакIалда. Щайгурелъул, хинлъи щвечIони гьитIич хвела. Нилъгойин абуни, иргадал гьелда аскIор регила, гьелда гьури чIваларедухъ. Нилъер аслияб масъала буго, лъимер квачалдаса цIуни.
Нахъисеб къоялъ дун ана аскIобго букIараб лъималазул рокъое. Дица гьезда бицана нолъ къаси ккаралъул ва гьарана гьеб гьитIинаб лъимадуе дугIа гьабейилан.
— Бищун квеш ккараб жо буго нижер, — ан абуна дица гьезда, — цого-цо букIараб грелка бихъи. Гьелъ хинлъизабизе рес букIана лъимер, гьанже дагьабго гьури хъванигицин гьеб хвезе бегьула.
Дица, гьединго, гьезие бицана кIиго сон барай ясги йигин гьей хварай чIужугIаданалъул, жийго бесдаллъарайлъи лъачIониги, эбелалъухъ гIодулей.
Лъимал кутакалда гIенеккана дица бицунелъухъ ва киназго дугIа гьабуна. Дир пикру жиндехунго буссинабуна анцIго сон барай гIадай ясалъ. Гьей ракI-ракIалъ Аллагьасде гьардолей йикIана, жиндирго гьитIинал квералги цере ккун:
— Я, нижер БетIергьан Аллагь, Дуца нижее жакъаго цо грелка кье, щайгурелъул, метер кватIун ккезе бегьула, метералде лъимер хвезе рес буго…
Гьедин гьарана гьелъ гIезегIан мехалъ, бацIцIунаго магIугун ва ахиралда тIадеги жубана:
— Цо ясикIоги кье, Аллагь, гьей кIиго сон барай ясалъе, жий Дуе йокьулеблъи гьелда лъазе ва гьелъул ракIги гъун букIине…
Гьелъул гьари рагIун гьакIкIан хутIарай дица, «Аминилан» абурабищалиго лъаларо. ТIубалареб гьари бугилан пикруги букIана, гьитIинай ясалъул анищ бихьулищин ракIалдеги ккана. Гьединал пикрабазда дун хIалтIуде тIадюссана. Дица гьенир медицинаялъул дарсалги кьолаан. Рукъги букIана больницаялда дандбитIухъ. Дарсида йикIаго дида бихьана дир рукъалда цебе машина чIун. Дун гьение екерана, амма дун тIаде щвелалде гьеб ана. Гьеб машинаялда рукIараз дир рагъида лъун бугоан къоло кIиго килограмм бугеб кIудияб посылка. Дир берал магIил цIуна. Дие жеги лъицаниги посылка битIун бачIун букIинчIо, лъабго соналъ гьаний хIалтIулей йигониги. Дихъа гьеб рагьизе бажаричIого, добго лъималазул рокъобе ахIи бана. ГьебсагIатго тIаде щвана гьениса лъимал, гьезда гьоркьой йикIана дой дугIа гьабурай ясги. Киналго тIаделъун, нижеца цо-цоккун гарацI бичун, гьелдаса квар бахъана, цинги нусги босун гьеб къотIана, жаниб бугеб жо хвеларедухъ. ЛъебергогIанасеб бер букIана дир кверазухъ балагьун, щибдай жаниб батилаян.
Бищун тIад батана чанго свитер, дица гьел лъималазе рикьана. Гьезул берал, роххиялъ кенчIелел рукIана. Хадур рахъун рачIана медицинаялъул къваригIунел алатал, чанго кишмишалъул къвачIа, конфетал… ва грелка! У, хIакъикъаталдаги букIана цIияб грелка!
Лъималазул, гIажаиблъун, гьаркьал рорчIана, дирин абуни берал магIил цIуна. Дица гьарун букIинчIо Аллагьасда грелка кьейилан, гьарулей ясалдацин гIажаиблъун йикIана. Дунго кинай гIабдалха, дугIаялъул къуваталда божуларей?
— Грелка кьурав Аллагьас ясикIоги кьун батизе бегьула! – янги ахIделаго кIанцIезе лъугьана дугIа гьабурай яс.
ХIакъикъаталдаги посылкаялъул тIиналда батана берцинаб ясикIо. Ясалъул берал цIваби гIадин кенчIана, гьей божун йикIана гьарараб жо Аллагьас кьолеблъиялда.
— Дун йилълъинищ мунгун цадахъ дой гьитIинай ясалъе гьаб ясикIо кьезе? – ян абуна гьелъ дида.
— Йилълъа, дир хирияй, дуцалъи­дал гьаб Аллагьасда гьарараб, — ан абуна дица гьелда, чвахулаго магIугун.
Гьеб посылкаялъ нухда бан бугоан щуго моцI. Гьеб битIун букIун буго дир рукIарал цIалдохъабаз, дунго гIадай тохтуралъ ракIалдеги щвезабун. Гьелъул ракIалде гьеб реххаравги Аллагь гурищ, битIун хIажатаб къоялъ грелка тIаде щвезе. Посылка цIечIого хутIараб бакIалда цоялъ ясикIоги лъун буго, лъималазул рукъалъе букIинейилан. Гьеле Африкаялъул гьитIинай ясалъул дугIаялъе Аллагьасул жаваб.