Кидаго къалъаги эбелалъул бакъ

Республикаялъул тахшагьар МахIачхъалаялда буго руччабазул динияб кIиго гIуцIи – «Гьидаят» ва «Муслимат». «Муслиматалъулги» гьелъул нухмалъулей Хадижат ШихгIалиевалъулги хIакъалъулъ нижеца чанго нухалда хъвана газеталда.

 

ГIемер щола гьенир тIоритIулел тадбиразде, бицуна гIуцIиялъул руччабазул хIакъалъулъ. РакIалдеккана «Гьидаяталъулгунги» гьудуллъи гьабизе. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа Загьра ГIалинчиевалъ.

 

 

Дие рес ккана гьеб гIуцIиялъ тIобитIараб дандеруссиналдаги гIахьаллъизе. Бицине бокьун буго гIумруялъул рухIиял школаллъун жакъа къоялда ругел гьел гIуцIабаз тIоритIарал тадбиразул хIакъалъулъ нужееги бицине, хIурматиял цIалдолел.

КIиябго гIуцIиялъул кIудияб пайда буго гIолил ясал цIияб гIумруялде куцаялъе. ЦIакъго хIабургъараб ва цIар лъез лъалареб гьаб заманалда гьениб гIолилазе щолеб буго рухIияб бечелъиялъул цIураб лъай. Гьелдаса къваригIараб щибго гьечIо жакъа нилъее – магIарул яхI-намусги, эбел-инсул къадруги, вацазул цIарги цIунарал мусудул. Гьеб кинабго лъадарула «Муслиматалъулги» «Гьидаяталъулги» гъасда.

 

 

Дуда эбелалъул берал рихьанищ? 

 

 

Эбелалъул хIакъалъулъ бицине бегьула щибаб секундалъ. Гьелъул гIумруялъул щибаб лахIзат гьуин гьабула лъимералде бугеб хIасраталъ. Эбелалъул хIакъалъулъ кечI хъвачIев чиги дунялалдаго цониги ватиларо. Ноябралда цIакъго гIемер тIоритIула эбелалъе сайгъат гьарурал тадбирал. Гьединал къояз цIидасанги къалъула нилъее эбелалъул бакъ. Гьелъул щибаб чIоралъулги буго кIиго къисмат – цо эбелалъул, цогидаб – лъимералъул. Гьеб кIиябго цолъун лъугьунеб хIикматай хIурулгIиналъул рокьул хIакъалъулъ бицине данделъун рукIана руччабазул «Муслимат» цолъиялде. Гьелъул нухмалъулей Хадижат ШихгIалиевалъул квербакъиялдалъун тадбиралде гIахьаллъизе рачIун рукIана республикаялъул районаздаса гIемер лъимал ругел руччабиги.

 

 

Тадбиралда гIахьаллъарал гIуцIиялда цебе рагьараб рухIияб берцинлъиялъул школалъул ясал-цIалдохъабаз рикIкIана, цIалана эбелалъул хIакъалъул кучIдул, ахIана нашидал.

Байрамалда гьединго кIалъана магIарулазе хирияй шагIир ТубхIат Зургьаловаги. Гьелъ бицана жиндирго эбелалъул, гьелъ кьурал ва жеги рекIелъги цIунун, жиндицаги жиндирго ясазе кьолел ругел гIумруялъул дарсазул хIакъалъулъ.

Дандеруссиналъул гIахьалчагIазе кIудияб асар гьабуна «Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз» абураб тIехьалдаса гьелъ цIаларал кучIдуз.

 

 

— Гьеб букIана дир гIумруялъул цIакъго бакIаб ва захIматаб лахIзат – эбелги, дунги, хвелги. Эбелалда чIвалеб букIун батила жиндего аскIобе гIагарлъулеб бугеб хвалил махI. Гьеб бичIчIарай гьелъ ахIулеб букIана дие жиндирго ахирисеб кечI — кинидахъ кечI. КIудияв шагIир ХIамзатил Расулица абулаан эбелалъул хIакъалъулъ кучIдул киналго пашманал рукIунилан. Гьанир ругел гIолил ясаздаги гьарула дица улбузе бутIрул къуле, гьел чIаго ругеб мехалда, — йилан малъа-хъвай гьабуна гьелъ.

КIалъазе рахъарал гIемер лъимал ругел улбузги бицана чIужугIаданалъул борчги налъиги ТIадегIанасда цебеги тIубазабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Байрамалда цо хасаб нур базабун букIана гIуцIиялда цебе бугеб «Аманат» школалъул гIисинал гьунарчагIазги. Гьезги рикIкIана хIасратай баба кIодо гьаюрал кучIдулги, ахIана нашидалги.

 

 

Гьел лахIзатаз дида цере рачIунел рукIана харабазул рукъзабахъ ругел хараби. Рачун гьенире лъималаз щвезарурал гьезул гьурмазда бугеб пашманлъи лъималазда гурони гьениса бачахъизе кIолареб. Гьеб батизе ккола лъималаз улбузе нахъбуссинабизе кколеб хинлъиялъул пашманлъиялде сверараб свараб кьер. Гьединго цересаго унел рукIинчIо, улбузухъ чIикIдилаго, лъималазул рукъзабахъ гIумру тIамулел ругел талихIбиларал лъималги…

 

 

Хрусталалъул гъамсал

 

 

Гьединаб цIаралда гъоркь МахIачхъалаялда, «Россия» рекIелгъеялъул залалда МухIаммад авараг (с.гI. т.в.) кIодо гьавураб тадбир тIобитIана «Гьидаят» гIуцIиялъ. Зал кьабгIун цIун букIана тадбиралде рачIарал руччабаз. Гьезда гьоркьор гIемер рукIана гIолил ясал ва школазул цIалдохъаби-ясалги.

Хрусталалъул гъамсал – гьедин абулеб букIун буго аварагас руччабазде. Нилъер магIарухъги абулеб рагIун букIана гьезде цIорол сурахIийилан. Цо дагьабниги кьватIани, къачIазе рес гьечIеб. Гьелъул магIна киназдаго лъалеб батиларищха. Бугониги, бокьн буго цоги нухалда такрар гьабизе – цо нухалда ккараб гъалатI гIумруялъего рогьолъун хутIулеб буго. ГIуцIиялъул ясаз ахIана авараг кIодо гьавурал нашидал. Тадбиралъул гIахьалчагIазе рес щвана бусурбабазе бищунго хирияв аврагасул гIумруялъул дарсазухъ гIенеккизе. Гьесул рухIияб бечелъиялъул бицунел сценкаби рихьизаруна «Гьидаяталъул» цIалдохъабаз. Бихьиназул рольги гьез жидецаго хIалеб букIана. Гьезухъа бажарана тадбиралъул гIахьалчагIазда цебе аварагасул сипат-сурат чIезабун. Квешлъиялде дандегицин лъикIлъи гьабизе бажари, мискинзабазе кумек гьаби, садакъа кигIан кIваниги, гIемераб гьаби, эбел-эмен рази гьари, гIагарлъигун, гьудул-гьалмагълъигун гьуин рукIин…

 

 

Умматилан ахIделев вукIарав гьесул гьаракь рагIулеб гьечIо жакъа напсилан ахIделеб бугеб агьлуялда.

Гьенир сайгъатал ва дипломал кьуна гIуцIиялъ тIоритIарал къецазда гIахьаллъарал ва бергьарал ва призалъул бакIал ккуразе.

Гьединго сертификатал кьуна Къуръан цогидазда малъизе гьанже жидееги рес щварал руччабазеги.

Гьединал тадбиразул баракатги гIемер букIуна. Гьениб батула гIумруялъ кьолеб захIматаб суалалъе жавабги, лъугьуна ракIазе бигьалъиги, ратула рилизехъин ругел нилъгоги. Ва ахир-къадги ккола битIараб нухдеги.