Умматалъе мисал – нилъер авараг

 

МухIамад авараг вукIана кутакалда адаб цIунулев ва бищунго тIабигIат-гIамал берцинавги. Гьев лъилниги рокъовеги лъугьунароан изну гьечIого.

 

Рокъове лъугьиндалги заман лъабго бутIаялде бикьулаан. Лъабгоялъул цо бутIа Аллагь рехсеялда, ай гIибадаталда тIад хвезабулаан, кIиабилеб бутIа – хъизамалда тIад инабулаан, лъабабилеб — жиндаго тIад хвезабулаан. Гьабулеб ишги кидаго Аллагьасул цIаралдалъун байбихьулаан. Мажгиталде лъугьиндал эркенаб бакI батаралъув чIолаан, гьебго жо цогидаздаги малъулаан. Кинаб бугони гьаригун чи аскIове вачIани, аварагас яхI бахъулаан гьесул мурад тIубазеги. Кумек гьабизе бажарулеб гьечIони, ракI гIодобе биччалеб берцинаб калам гьабулаан. Мажлисаздаги авараг вукIунаан гIадамазе мисаллъун. Цебехун ккараб мунагь-хатIа сабаблъун лъиениги тамихIги гьабулароан. КIалъалаан берцинго, дандиясул ракI бекиларедухъ, тамахго. Лъилниги гIайибал рехсолароан, лъие бугониги бадибчIвай гьабулароан.

 

 

Цо нухалда асхIабзабигун гара-чIварун вукIаго, инсанасул сипаталда ЖабрагIил малаик вачIана гьезухъе диналда хурхарал суалал кьезе. Аварагасда гурони цогидазда гьев щивали лъалароан ва цонигиясда кIолеб букIинчIо гьесул хIакъалъулъ гьикъизеги. Хадуб аварагас ГIумар-асхIабасда гьикъана: «Нилъеда аскIовеги вачIун дол суалал кьолев вукIарав чи щивали лъалищ дуда?» — ян. ГIумарица жаваб кьуна: «Аллагьасдаги гьесул аварагасдаги лъала гьев щив кколевали», — ян. Аварагас бицана дин малъизе вачIарав ЖабрагIил малаик вукIинин.

 

 

Жиндирго суалалги росун цониги чи аскIове вачIани, асхIабзаби цIакъ кIвар кьун гIенеккулаан гьезул гара-чIвариялъухъ, диналъе пайдаяб, лъазе кколеб хабар рагIилародаян. Щайгурелъул, гIемерисеб мехалда гьедин рачIунел гIалхул гIарабияз кьолел суалал рукIунаан хIикматал, батIи-батIиял, лъицаниги кьоларел гIадал. КигIанго тохал суалал кьуниги, аварагас сабурго, хIеренго, берцинго жавабги кьолаан.