Исламалъул хIуби ХIажи Удурат

Гьидалъ тIоцебе как ахIарав ва как барав чи

 

Халкъалда гьоркьоб тIибитIараб биценалда рекъон, МачIада росдадаса бащдаб километралъ тIадехун, нухда аскIоб майданалда бугеб гьитIинабго ицц ккола Гьидалъ тIоцебе как бараб бакI. Как барав чиги ккола магIарухъ ислам тIибитIизабиялъе квербакъарав ХIажи Удурат. Гьеб иш рикIкIине ккола тарихияб лъугьа-бахъинлъун. Щайгурелъул, цохIо Гьидалъ гуребги, ХIажи Удуратил хIаракаталдалъун исламияб дин босана къелдерицаги, гьединго ЛъаратIа, БежтIа, ЦIунтIа районазул росабазул гIадамазги.

Гьидерица гьеб ицц бугелъуб къулгIа бана ва чанго нухалда цIигьабун къачIана. Жакъа гьениб буго мустахIикъаб хIалхьиялда вугев полициялъул полковник МухIамадаминов Сайпулагьица бараб къулгIа.
КъулгIа бугеб бакIалдаса 350-400 метралъ тIадехун буго ХIажи Удурат шайихасул хобалда тIад бараб гьитIинабго рукъ. Гьеб рикIкIуна къиматаб зияратлъун. Гьенире зияраталъ рачIуна батIи-батIиял росабалъа гIадамал, тIоритIула мавлидал, бачуна зикру, бикьула садакъа…
Щивха кколев ХIажи Удурат? Исламияб дин тIибитIизабиялъул иш кин гьес жиндего тIаде босараб? Кинаб букIараб гьесул гIелму, гIумру-магIишат ва къисмат? Гьел суалазда тIад дун гIемер ургъана. Жавабал абуни, ракIалда гьечIого щвана, Иванэ Джавахишвилил цIаралда бугеб Типлисалъул пачалихъияб университеталъул гурхIел-рахIмуялъул гIелмабазул факультеталъул «Кавказоведческие разыскания» абураб журналалдаса. Гьелда гIурус ва гуржи мацIазда «К вопросу об исламизации центра горной Аварии в XV в., на примере биографии Хаджи Удурата из Гидатля» абулеб макъала хъварал чагIи ккола гIалимзаби Шамил ХIапизов ва МухIамад ШехмухIамадов.
Машгьурав гIарабист ГIали Каяевас
хъвалеб буго гьидерица ислам босун бугин 1475 соналда. 2015 соналъул июналда гьеб макъалаялъул автораз цIех-рех гьабуна цебе Чолода абулеб росу букIараб бакIалъулги гьанже рехун тарал хабалазулги. Гьезул бакьулъ буго зиярат — ХIажи Удуратил ва гьесул васасул хабалазда тIад бараб рукъ. Гьесул зонода тIад хъван руго гьал рагIаби: «Гьаб зонол бетIергьанчи ХIажи Удурат. Гьесдасан тIибитIана нилъеда гьоркьоб ислам» абун. АскIоб бугеб дагьабго гьитIинаб зонода хъван буго: «Гьаб зани МухIамадил, ХIажил васасул». Бихьулеб букIахъе, хварав васасул инсул «ХIажи Удурат» цIаралъул бакIалда, хъван буго «ХIажи» абун, ай тIадчIей гьабун буго хIажичиясул къадруялда.
БакIалъул биценазда рекъон, XV гIасруялда Гьидалъ букIун буго Гуржиялъул цIикIкIараб асар. Цоцада гьоркьоб гьабураб ракълилаб къотIи-къаялда ракIчIей букIиналъе, гьез хисун, цоцахъе рачунел рукIун руго аманатал. Биценалда рекъон, аманатлъиялда гьел рукIунаанила анцIго соналъ. Кахетиялде ритIарал аманатазда
гьоркьов вукIун вуго Удурат абун цIаралъул Чолода росулъа гIолилавги. Гьениб гIумру гьабун гьев вугеб заманалда, Гуржиялда тIаде кIанцIун руго туркал ва гуржиязул гIемерал чагIи асир гьарун руго, гьезда гьор-
кьов Удуратги, хадувккун гьев вичун вуго гIарабазул пачалихъалде (ГIиракъалде яги Сириялде). Гьенив гьев ккун вуго цо херав гIалимасухъе, ислам босун хадув херас лагълъиялдаса эркенги гьавун, гьев мадрасаялде цIализе витIун вуго. Биценалда рекъон, Удурат ватIаналде тIадвуссиналъе ккараб гIилла букIун буго Сириялдаса Дагъистаналде гIарабаз аскар битIизехъин букIин якъинлъи. Жиндирго ракьцоязул гIамал-хасиятги, хIалгьабун гьез ислам босулареблъиги лъан, гьезул гIемерисел гIадада хвезехъин рукIинги бичIчIун, гьес ният гьабун буго ислам босизе гьид мукIур гьаризе. Заманалдасан гьев росулъе тIадвуссун вуго – ЦIоралдаса Къарахъе, гьениса Хирших габурлъухъе, гьенисаги ТIидиве, гьениса Чолода росулъе. Жакъа МачIада росу бугеб бакIалдаса 1,5 километралъ рикIкIад бугеб иццухъ какиеги чурун, как базе лъугьун вуго гьев. Гьенив гьесде тIаде вачIун вуго Чолода росдал бегавул. Биценалда буго, бусурманлъидал, гьев бегавулас ГIабдурахIман абун цIар босаниланги. Харабаз бицунаан, аманатлъун Кахетиялде Удурат гьес витIанилан. ГIабдурахIман рикIкIуна, Удуратил вагIзабаз ва дугIа-алхIамалъ пана гьавун, Гьидалъ тIоцебе ислам босарав чилъунги. ТIоцебе как бараб ицц гьидерица жакъаги кIодо гьабула, гьеб лъала ГIабдурахIманил чал (ицц) хIисабалда, гьениб бан буго къулгIа. Биценалда рекъон, росдал бегавул ва къадруяб тухумалъул чи ГIабдурахIманица цIияб дин босиялда дандечIарал чагIаздаса гьитIинаб тухумалъул чи-Удурат цIунун вуго. Гьеб гуребги, гьесул кумекалдалъун чолодисез ислам босун буго къокъабго заманалда жаниб, кIудияб дандечIей гьабичIого.
1923 соналда П. Яковлевасул бетIерлъиялда гъоркь тIобитIараб гIелмияб экспедициялъул гIахьалчагIаз хъвараб халкъияб биценалда абулеб буго Удуратил баракаталдалъун гьидерица ислам босанилан. ГIурада росулъа 90 сон барав Мишитилазул Гулла Якъупица гIалимзабазда бицун буго, Маккаялдаса вуссарав цо мачIадисес халкъ бусурбанлъизабунин абун.
Эрмениязул хъвай-хъвагIаязда бицунеб буго, 1476 соналда гуржиязул хан Баграт «Лакзистаналда», бакIалъулаб халкъгун вагъулев вукIанилан, гьеб сабаблъун, 1476 соналда Узун-ХIасанихъа бажаранила Типлис бахъун. Гьел баяназул кьучIалда, Т. Айтберовас чIезабулеб буго магIарухъ рагъулаб сапаралъ Баграт вукIиналъе ккараб гIилла бугин гьидерица ислам боси абун.
ГIали Каяевасул библиотекаялъул цIех-рех гьабулаго щварал къиматал баяназда хъвалеб буго: «ХIажи Удурат ал-МачIада ал-Гьидали. Бицунеб буго, Гьидалъ областалда ислам тIибитIизаби букIанин ХIажи Удурат ал-МачIадаяс гьабураб кIудияб хIалтIул хIасил. Жиндирго ракьцоязда
гьоркьоб гьесул къадру-къимат букIиналъ, гьидерица ислам босана гьесул вагIзаби ва насихIатал сабаблъун. Ислам босизе бокьичIел гIумру гьабизе гочана Туш (Тушете) областалде», — ян.
ХIажи Удурат кколев вуго МачIада росулъа ГIандиялазул (Андреевал абулеб цIаралдаса бачIараб) тухумалъул чи. Жакъа къоялда щварал баяназда рекъон, нилъее рес буго ХIажи Удуратил гIумруялъул ва хIаракаталъул хIакъалъулъ хадусел хIасилазде рачIине: гьев хIакъикъаталдаги гIумру гьабун вукIун вуго ГIагараб Бакъбаккуда, щун вуго Макка ва Мадина шагьаразде, гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гьесул цIаралде тIаде «хIажи» абураб рагIи жубан букIиналъги. Ислам босун хадуб гьес жиндаго Ибрагьим абураб цIар лъун буго, амма ракьцоязул рекIелъ ва хъвай-хъвагIаязулъ гьев хутIун вуго ХIажи Удурат хIисабалда. ГIарабустаналда гьесие щун букIун буго цIакъ гъваридаб исламияб лъай, гуребани рес букIинароан гьедигIан гIатIидго ва бергьенлъиялда ислам тIибитIиялъул хIалтIи гьабизе. ХIажи Удуратил вагIзабаз квербакъун буго гьидги къелги цого заманалда исламалде руссинаризе. ЗанатIа росулъа МухIамад ИсмагIиловасул библиотекаялда батана: «ХIажи Удуратил гьоркьоблъиялдалъун гьидерицаги бакълъадерицаги ислам босана 1476 соналда», — ян хъван. Гьенибго хъванги буго Гъоркьа Бакълъухъ мажгит базе байбихьараб дурусаб заман — 1565 соналъул анкьабилеб август кколин.
ТIаса-масаго ислам босун бугониги, диналъ малъухъе гIумру гьабизе ругьинлъиялъе гьидерие саламатабго заман къваригIана. Масала, тIад лъураб закагIат тIоцебе кьезе байбихьана ислам босун 15 соналдасан, ай 1492-1493 соназда.
Нахъе хутIун руго гьидерил халкъалъул цо-цо къокъабаз ислам босиялда дандечIей гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъ баяналги. ТIадехун нилъеца бицунел хъвай-хъвагIаязда буго 1485 соналда ХIажи Удуратица чIужу ячанин, гьесул лъади ГьентIа росулъа ГIемерилал абулеб тухумалъул гIадан йикIанин. Ислам тIибитIизабиялде дандечIарав гьелъул лъабавго вацасе ХIажи Удурат чIвазе бокьун букIанила, амма Удуратида квер базе гьезда кIолеб букIун гьечIо. Гьесул лъадуда вацаз гьарун буго гьеб балъголъи тIатинабеян. Гьев цIунулев вукIун вуго Маккаялъул цо пуланав гIалимасул дугIаялъ ва гьелъул къуват холеб букIун буго гьесул черхалда лъим ккараб заманалда. Балъголъи лъарал лъадул вацаз, Чолода росдадаса 500 метралъ рикIкIад бугеб Удуратил чал абулеб бакIалда черх чурулеб лахIзаталда, 1490 соналда (70 сон барав чи) гьев чIван вуго. Гьеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб ислам босарал тухумаз хIукму гьабун буго ГIемерилазул тухумалдаса къисас босизе. Хур-хералъул хIалтIабазде ХIарада колоде унел ругилан хабарги тIибитIизабун, балъго яргъилаб гъоркьчIелги гьабун, тохлъукьего гьезде тIаде кIанцIун руго. Гьеб рагъулъ харабаз буюрун буго, гьезул цо чанго чи нахъе те абун, гьелдаса хадуб ГIемерилазул тухумалда Нахатилал абун цIар хисун буго.
Удурат абулеб цIар къанагIатги дандчIва-ларо. Гьеб Гуржиялдаса бачIараб букIине ккола. Амма гьесул вагIзабазул кумекалдалъун ва жамгIияб хIаракаталдалъун ислам босана гьидерица гуребги, Анкьракьалъул, багвалазул, чIамалазул ва ТIинди росабазул жамагIатазги. Гьединлъидал XVI гIасруялъул авалалда магIарухъ ислам тIубанго щулалъана ва бащдалдасаги цIикIкIун магIарулал бусурманлъиялде рачIана.
Нури Нуриев